МагъчIваялъе рес

"Силовиказ" кIвар буссинабулеб буго Таркиялде


14 марталъ МахIачхъалаялъул Советский мухъалда хасал идарабазул хIалтIухъабаз гIадамазул рокъо-рокъоре раккун халгьабиял тIоритIун руго. Кьвагьулеб жоялъул цIезабураб кIиго автомобиль балагьулел букIанин гьезилан абулеб буго гьеб мухъалъул гIадамаз.

Рузман къоялъул радалалдаса нахъе МахIачхъалаялъул Советский мухъалда киса-кирего гIадин къватI-къватIалда чIун рукIана рагъулаб техника ва хасал идарабазул хIалтIухъаби. Гьез щибаб рокъо-рокъоре раккун гьениб хал-шал гьабун, гьенир ратаразул цIарал хъвалел рукIун руго. ЦIакъго-цIакъ тIадчIун гьоркьоб рукъ течIого киса-кирего раккаранин Советский мухъалде гьоркьобе унеб Тарки росулъилан бицана «Эркенлъи» радиооялъе гьеб росулъ гIумру гьабун ругел гIадамаз.

Тарки росдал бетIер ГIусманов ГIалица «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда бицана къуваталъул идарабазул вакилзабаз къалъизегIан хасал тадбирал тIоритIанин росулъ, амма гьениб щибго щаклъи ккараб жоги батичIого нахъе анин гьелилан.

ГIусманов ГIали: «ГIадамазул рукъзабахъе рачIун, гьенир ругелщинал чагIазул цIарал хъван, гьениса гIебеде халгьабун, цо-цоязул доба гьеб хал-шал гьаби чIухь баялда релълъунебцин букIана. Дагьабниги щаклъи бугел чагIи рукIун ратилин тола дицаго. ЧанцIул гьикъаниги сунда хурхун гьарулел ругелин гьел тадбиралилан абураб суалалъе жаваб щоларого ццин бахъун рукIана цо-цо гIадамал. ГIемерисез гIодо риччан щибго ццин бахъинчIого къабул гьарулел рукIана низамцIунулез. Гьабизе жо тIагIиналъ рачIунел чагIи гурелъул гьел, гIадамалги дагьаб бичIчIи бугеб хIалалъ рукIине ккеларищха. Дица щиб –кинилан цIехон хадуб гьел хасал идарабазул хIалтIухъабаз лъазабуна кьвагьулеб жоялъул цIураб кIиго автомобиль балагьулел ругин жидецайилан».

Бегавулас бицухъе Таркиялдаса цониги чи ккурав, яги цонигиязул рокъоб букIине бегьулареб жо батараб хIужжаги ккун гьечIо. Рузман къоялъул къадеялде росулъа жаниреги, гьениса къватIиреги гIадамалги риччан руго, цохIого –цо унесулги вачIунесулгги автомобилалъухъ мухIканго хал гьабулеб букIун буго.

Ахираб заманалда Таркиялда ва Агъачаулалда хасал тадбирал тIоритIиялъе гIилла щибин цIехедал ГIусманов ГIалица абуна кигIан жиндие бокьичIониги абизе кколеб бугила къокъаб заманалда жаниб гьаниса рохьилазул кьерулъе лъугьунел гIолилазул къадар цIакъ цIикIкIун букIин. МухIканго чан чи гьезул вугевали жинда абун бажаруларила, амма гьезул рахъ кколев чи гIезегIан вукIин мухIканаб иш бугила.

Дагьаб цебегIан Россиялъул терроризмалде дандечIараб комитететалъ кьурал баяназда рекъон Дагъистаналда изнугьечIого яргъидгIуцIаразул кьерулъе лъугьунезул цIикIкIараб къадар ругел росаби руго Тарки ва Агъачалул. ГIемерал саназ рохьилазул рахъалда ругелин цIар бугел Унсоколо мухъалъул, Гъарабудахкент, Буйнакск, Хасавюрт ва Гъизилюрт мухъалъул росабазде дандеккунцин гьеб Таркигун Агъачалул гIолохъаби рохьилазда гъорлъе иналъул хIужаби цIикIкIун руго ахираб кIиго соналда жаниб. Гьебго терроризмалде дандечIараб комитеталъул баяназда рекъон дагьалдасан цохIо Агъачалул росулъа 50 гIан гIагарун чи вуго изнугьечIого яргъидгIуцIаразул кьерулъ. МахIачхъалаялъулабин абун цIар бугеб изнугьечIого яргъидгIуцIаразул къокъаялда гъорлъги 70 процент гьеб росулъа гIолохъаби ругин, гьеб къокъаялъул бетIерги Агъачаулалдаса АрслангIали Гъамбулатов кколин лъазабулеб буго гьеб комитеталъ.

Щайин гьеб хIалалъ рохьилазул кьерулъе лъугьунел ругел церехун рехсарал росабалъа гIолилалин цIехедал Таркиялъул администрациялъул бетIерас абуна жинда лъаларин, щиб гьезие гIоларого бугебилан. Амма Агъачалуладсан Абу-Асад абурав гIолохъанчияс жиндир букIунеб цIарги загьир гьабугейилан гьарун, бицана гьесул пикруялда рекъон щай гIолилал изнугьечIого яргъгидгIуцIаразул кьералъе унел ругелали.

Абу-Асад: «БичIчIизе ккола киназдаго гьел гIадамал рохьоре ине тIамун рукIин. Къуваталъул идарабаз рахIат толаро нижее, мун террорист вугила, экстремист коолила, мун жеги гьанив щиб гьабулевила дурго рохьове инчIогойин абун рукIуна гьел. Гьадингоги жамгIияталда гьоркьоб гьечIеб ращалъиялъиги, тIалъиялъ гIадатиял гIадамазе кьолеб бугеб гIакъубаги бихьун ццин бахъун рукIунел гьел гIолилал, тIадежоялъе салафиязул дин гьабулеб бугин, нуж гьедин батани такъсирчагIи кколинги абун полициялде рачун гьенир цIцIа-цIцIан, рокъоре рачIун гьениб рахIат хвезабун гьез жидецаго тIамулел руго нижер васал гьеб балагьаб нухтIа гали лъезе. Гьединлъида нижеца битIа-битIараб абулеб букIинги, нижер динги, пикруги данде ккечIого толеб гьечIо рахIат. Гьез жидецаго абула нуж кида къадги унел чагIи ругила рохьоре, гьединлъидал нуж гьенире инегIан чIечIого гьабизе кколила нужее гIадлуйилан».

Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалдасан ва Дагъистаналъул цIех-рехалъул идарабаздасан I4 марталда Советский мухъалда тIоритIарал хасал тадбиразул хIакъалъулъ ва гьел тIоритIиялъе букIараб гIиллаялъул хIакъалъулъ киналниги баянал кьечIо «Эркенлъи» радиоялъе, жидеда щибго лъалеб жо гьечIин, гьеб Федералияб хIинкъицIуниялъул идараялъ гьарулел тадбирал ратизе бегьулин абуна гьел хасал хъулухъалъул хIалтIухъабаз.
XS
SM
MD
LG