МагъчIваялъе рес

Дагъистаналъул мугIалимзабазда гIурус мацI лъалищали хал гьабизе буго


Шималияб Кавказалда ругел гIурус мацIалъул ва литератураялъул мугIалимзабазда гьоркьоб халгьаби тIобитIизе буго кватIичIого Москваялъул институталъ.

Гьеб тадбир гьабиялъул мурад бугин жидерго махщел рагIа-ракьанде щун лъалел мугIалимзаби загьир гьарийилан абулеб буго гьелъул гIуцIарухъабаз. Кинаб къагIидаялъ гьеб халгьаби тIобитIизе бугеб ва гьелъул хIажалъи бугищ абураб суалалда тIасан экспертазда гьикъа-бакъи гьабуна нижеца.

Интернет-мухъ

Гьеб тадбир бикьун буго кIиго бутIаялде. ТIоцере хал гьабизе рагIула байбихьул классалъул, гьездаса хадур гIурус мацIалъул ва адабияталъул мугIалимзабазул. Халгьаби тIобитIизе буго Дагъистаналъул, Гъалгъаязул республикаялъул, Гъабардагун Балкариялъул, Черкесиязул ва Чачан республикабазул мугIалимзабазда гьоркьоб. Россиялъул регионазул цохIо Тыва республика гурони гьениб гьечIо.

Гьеб тадбиралдалъун рес бугин полиэтникиял ва гIемер миллатал ругеб школалда гIурус мацI кьун бажарулеб дараяжаялъул мугIалимзаби куцайилан булеб буго гьеб тадбир тIобитIизе бугеб Москваялъул Пушкинил институталъ. Амма цохIо гьеб мурад гуребги гьелъие гIиллалъун кканин тIадехун бицен гьабулел республикабазда гIурус мацIалъул пачалихъалъул цогояб экзаменалъул бищун хашал хIасилал рукIинилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе ХIасанов Исрапилица. МахIачхъалаялда бугеб лъай кьеялъе къимат кьолеб республикаялъул централъул нухмалъулев ккола гьев.

Дагъистаналдаса гIурус мацIалъул ва хIисабалъул мугIалимзабазда гьоркьоб гьединабго халгьаби араб соналда гьезул централъги тIобитIун букIун буго, амма гьаб нухалъ Москваялдаса Пушкинил институталъ федералияб даражаялда тIобитIулеб гьеб халгьаби жидеца гьабун букIараб тадбиралдаса гIемерго батIияб бугин абулеб буго гьес. Кин гьеб халгьаби тIобитIизе бугебали гьадин бицунеб буго гьес.

ХIасанов Исрапил: «Гьеб кинабго хIалтIи гьабизе буго чIобого. Киналго мухъазда ругел мугIалимзабазда лъазабун буго гьеб тадбиралъул. Гьезул щивас интернеталда жиндирго хасаб кабинетги рагьун гьенире ритIизе руго суалал. Щибаб суалалъе гьес кьураб жавабалда рекъон къиматги кьун, гьесие щвезе буго хасаб сертификатги. Москваялдаса рачIунел хIалтIабазда кинаб тIадкъай букIине бугебали жеги лъаларо».

ЭР: «Цо течIого гIурус мацIалъул мугIалимзабазулищ гьедин халгьабизе бугеб?»

ХIасанов Исрапил: «ЦIакъго цIикIкIараб ригьалъул, пенсиялде арал мугIалимзабазул гьабичIого хутIизеги бегьула. Амма гьеб халгьаби сабаблъун цониги мугIалим хIалтIудаса вахъизе гьечIо. Щибниги гьезда ургъел чIвазе жо гьечIо».

ХIакъикъаталдаги гьединаб халгьаби тIобитIизе караб хIалалъ, цIакъго хашаб даражялде ккунищха бугеб Дагъистаналда ругел мугIалимзабазул хIалтIиян гьикъидал гьадин абуна Исрапил ХIасановас.

ХIасанов Исрапил: «МугIалимзабиги батIи-батIиял рукIунелъул. Амма цо гьедигIан къадараб, нахъе ккараб хIал гьезул батиларилан ккола дида. Гьанже лъай кьеялда жанир чанго хиса-басиялги ругелъул. ГIемерал батIи-батIиял программаби руго раккун, киналго мугIалимзабазда гуро гьел гIадахъ росизе кIолел. Гьединго цогидал гIиллабиги рукIине бегьула гьелъие. Мисалалъе, жинцаго мугIалимас школаги, хадуб институтги кин лъугIараб абун. 11-абилеб классалъул цIалдохъанасухъа бажаричIеб ЕГЭ кьун бажаруларел мугIалимзабиги рукIине бегьула. Гьел ратизе бегьула, цебегосеб программаялда рекъон хIалтIун ругьунал, 70соналдаса тIаде ригь арал херал мугIалимзаби».

ЭР: «Санайил махщел камил гьабизе нужер институталдеги рачIуна мугIалимзаби. Гьениб хал гьабулищ нужеца гьелго гIурус мацIалъул мугIалимзабазул?».

ХIасанов Исрапил: «Нижер институталда гьединаб курсги лъугIун къватIире унел мугIалимзабаз ахирисеб къоялъ кьола экзамен. Гьеб кьезе кIвечIел мугIалимзаби ккун рукIинчIоха. Гьединлъидал нилъер гьединаб гIодобегIанаб даражаялъул мугIалимзаби ругилан абизе дие бокьиларо».

2015 соналъул октябралда МахIачхъалаялда тIобитIун букIана гIурус мацIгун литература цIуниялда тIасан ТIолгороссиялъулаб форум. Аслияб куцалда гьениб бицунеб букIана Россиялъул школазда гIурус мацI малъиялъул ругел кIвекIеназул. Масала, Дагъистаналда ругел кIвекIеназул бицунаго МахIачхъалаялъул Тахо-Годил цIаралда бугеб, гIелмиябгун цIех-рехалъул институталъул нухмалъулев МухIамадов ХIамидулагьица абулеб букIана Москваялда ругел школазе хIадурараб тIехьалдасан кьолеб бугин Дагъистаналъул рикIкIадал, магIарухъ ругел школаздаги гIурус мацIалъул дарсал.

Гьебин абуни кколин захIматаб цIалул программа Гьедин рикIкIунеб буго Гумбет мухъалъул Бакьулъ Гьарадерихъ росулъ гIемерал соназ гIурус мацIалъул ва литератураялъул мугIалимлъун хIалтIарав МухIамадов ГIабидицаги. Мисалалъе цере ункъабилеб классалдаса байбихьун чIахIиял классазе хIалтIизарулел рукIарал программаби ругила гьанже байбихьул классазе риччарал гIурус мацIалъул тIахьазда кьун.

XS
SM
MD
LG