МагъчIваялъе рес

Р. ГIабдулатIипов: "Дагъистаналъул нухазда буго гьанже "терроризм"


Талат къоялъ тIобитIараб, республикаялда хIинкъигьечIолъи букIинабиялъул суалал гьоркьоблъураб, данделъиялда Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас бадирчIваял гьаруна нухазул полициялъул хIалтIухъабазе ва хас гьабун гьезул нухмалъиялъе.

Гьаб сагIат нухазда бугеб ахIвал-хIал гьеб терроризм кколила, 2015 соналъ авариязда хваралгIанасел чагIи цадахъ росун киналго террактаздацин хвечIин лъазабуна республикаялъул бетIерас. Гъоркьисала авариялде ккун Дагъистаналда 500 гIан чи Аллагьасул къадаралде щун руго.

Гьеб данделъиялда рехсарал баяназда рекъон исана соналъул ункъго моцIалда жаниб Дагъистаналда нухазда ккараб 440 авариялъул хIасилалда хун вуго 124 чи лъукъун вуго 658 чи.

Хваразда гьоркьов буго лъабго лъимер, 39 лъимер лъукъунги букIун буго. Гьел киналго авариязул 85 процент автомобиль бачунезул гIайибалдалъун ккун руго. ГIабдулатIиповас Дагъистаналъул нухазул полициялъул хIалтIухъабазда лъазабуна гьел авариял ккеялъул гIайиб нужедаги бугилан.

БукIине кколедухъ автомобиль бачине бажаруларезе, гьеб бачине рес кьолеб документалги ричулел ругила нужеца. Нухазда хьвадулеб низам хвезабуниги гIарацги босун гьел чагIиги риччан толел ругила. ХIакимзабазул ва бечедал чагIазул автомобилал чIчIезего гьаруларила нужеца, бокьахъин хьвадилел гьелги рукIунила.

Къанунги гIадлуги киназего гIаммаб букIине кколила, нуж нухда гIарац бакIаризе тарал чагIи гурила, гьениб гIадлу букIинабизе ва авариял ккечIого рукIиналъе хIалтIи, профилактика гьабизе тун ругилан. Дагъистаналъул жанисел ишазул министр хисулев Василий Салютиницаги гьеб нухазул полициялъул хIалтIудаса разигьечIолъи загьир гьабуна.

Гьез гьабураб критикаялдаса хадуб гьеб идараялъул бетIер полковник Валерий Громовас хъулухъалдаса нахъе инее гIарза хъван буго. Гьесул бакIалда заманалъ тун вуго гьев хисулевлъун хIалтIилев вукIарав Ризван Гьарунов. Социологиял цIех-рехазул хIасилазда рекъон бищунго цIакъ нухазда хIинкъи бугел Россиялъул регионазда гьоркьоб цебесеб бакIалда буго Дагъистан.

«Общероссийский народный фронт» абулеб жамгIияб багъа-бачариялъул баяназда рекъон россиялъул 85 регионазул бищунго нухда хIинкъи бугел тахшагьаразда гьоркьоб МахIачхъалаялъ кколеб буго ункъабилеб бакI. Авариял ккеялъе аслияб гIиллалъун кколеб буго автомобиль цIакъго хехго бачунеб букIин, бегьуларелъусан, данде бачун, цойгидал автомобиль бачунезе нухда квалквал гьаби. ГIаммаб къагIидаялъ нухазда хьвадиялъул низам хвезаби кколеб буго гьелъие гIайиб. Гьел авариязул хIасилалда шофераздасаги чанго нухалъ цIикIкIун нухдасан лъелго ине ругел гIадамал холел руго.

Ахирисеб ункъго соналда жаниб щибаб санайил гьеб цебехун бицен гьабураб гIиллаялъе гIоло нухда карал авариязул къадар щибаб санайил 20-24 проценталъ цIикIкIанилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе Дагъистаналъул нухазул полициялъул пресс-хъулухъалъул вакил МухIамадов МухIамадица.

Гьесги абуна авариял ккеялъе гIайиб бищун цебе автомобиль бачунезда бугилан. Гьезул цIикIкIунисеб бутIаялда шагьаралда кин, федералияб нухда кин автомобиль бачине кколебалицин бичIчIуларилан.

МухIамадов МухIамад:«Авариял цохIо шоферзабазул гIайибалдалъун гурелги ккола, нухал, гьава-бакъ квешаб букIиналъги ккола чанги гьел, амма автомобиль бачунел гIадамазул ургъелгьечIолъиялъ кколелщинал авариязде данде рачине бегьуларо гьел.

Дун 9 соналъ хIалтIана нухда полициялъул инспекторлъун. Чанги шагьра нухдасан унаго кинаб рахъалде автомобиль сверизабизе бегьулеб, кибехун бегьуларебали лъаларелги шоферзаби дандчIвалаан дида. Нилъер гьаниб нухда хьвадиялъул гIаммаб низам цIунизени ккелин абураб пикру бугел чагIи цIакъ дагьал гурони рукIунаро.

Гьанир щивасул жинди-жиндир букIуна гьеб низам. Лъелго хьадулелгиха гьединалго гIадлу гьечIел. Нух бахине бихьизабураб бакIалде яги светофоралде аскIоре щвезе лъабго метр хутIун бугонигицин гьенире щвезегIан ине бокьуларо нилъер гIадамазе.

РакIалде ккараб бакIалдасан нух бахинейилан лъугьун рукIуна, гьединазе гIоло чан авария кколеб. Масала, исана марталда Гъаякент мухъалда 6 чи чIвараб авария ккана кIиго чIужугIаданалъ бегьулареб бакIалдаса нух бахунеб букIиналъ.

Жиндирго нухдасан вачIине вукIарав шоферас кIанцIун цере рачIарал гьел руччабазде тIаде биччаларин абун автомобиль цойгидаб рахъалде кIанцIизабуна, гьеб рахъалдасан бачIине букIараб цойги автомобилалде цебеги ккун гьел цоцалъ речIчIана. Гьенир рекIун рукIарал киналго чагIи хвана, гьезда гьоркьоб цо лъимергицин букIана».

МухIамадовас абулеб буго нухазда гIадлу букIине ккани тIолабго республикаялда киналго автомобиль бачунел цIидасан экзаменал кьезе тIамизе кколила. Цо гьитIинабгицин гъалатI биччарав чиясе документалги кьезе бегьуларила. Нухда гIадлу хвезабурав чиясухъа тIокIал киданиги нахъе руссинаруларедухъ автомобиль бачине рескьолел документалги рахъизе кколилан.

XS
SM
MD
LG