МагъчIваялъе рес

Дербенталъул бутIрузул планал данде кколел гьечIо рукъзабазул бетIергьабазул планазде


dagestan / derbent
dagestan / derbent

Дербенталда бищунго хирияб ракьги, минабиги бугеб Гагаринилги III интернационалалъулги къватIазул бокIнилъ, жиндир заманалда 28 хъизаналъ жаниб гIумру гьабун букIараб, кIитIалаяб мина басрияб бакI бугин, гьеб биххизабизе кколин абураб хIукму къотIун буго Дербенталъул диваналъ.

Гьеб хIукму шагьаралъул нухмалъиялъ тIадецуйги гьабун къотIизабунин диванчиясдайилан лъазабулеб буго гьеб минаялъуса нахъе гочине инкар гьабураб ГIалиевазул хъизаналдаса Руминаца. Гьел гурониги цойги лъабго хъизан буго жал гьениса нахъе рахъинарилан чIарал. Цебеххун «Эркенлъи» радиоялъ бицун букIахъе гьеб кIитIалаяб минаялъул бакIалда анкьтIалаяб цIияб мина базе бугин лъазабулеб буго шагьаралъул нухмалъиялда.

Жидер рукъалъул бакIалда анкьтIалаяб мина базе бегьуларила, гьеб некIсиял тарихиял бакIал ругеб шагьаралъул бутIа кколин абулеб буго гьеб цебехун рехсараб минаялъуса гочинарулел ругез. Гьениб кIиго тIалаялдаса борхатаб бакI базе гьукъун бугила Россиялъул культураялъул министерлъиялъги.

Гьединлъидал кIиго тIала бан бахъарабго гьенир тукабигун рестораналги рагьун тIаде бакI бачIого тезе бегьулила шагьаралъул нухмалъиялъ, гьеб мехалда жидее рукъги цо киб букIаниги шагьаралъул рагIалда кьелин абун рахIат хун руго гIадамал. Гьединлъидал гьез абулеб буго я жидер рукъзал букIине кколедухъ кьучIдасанго къачIайила, яги ракIчIун гьебги биххизабун гьелъул бакIалда бараб минаялъуб жидее рукъ кьезе бугин абун гарантия чIезабейилан.

Шагьаралъул администрациялъ балищ баларищали лъалареб цIияб минаялъуб рукъзал кьелинги абун, гьеб бан бахъинегIан рукъккун цойгидаб бакIалде рахъинарун руго гьеб минаялъуб гIумру гьабун букIараб 25 хъизан, нухмалъиялъ гьезие рукъкквезе I0 азарго гъурущги бихьизабун буго. Гьеб шагьаралъул тIалъиялъ бицунеб хIалалъ биххун инеб жидер рукъги гьечIила, гьелъул 80 сантиметр бугел риццатал къадалги ругила, гьеб бакIалда бугеб ракьалда бахиллъун багъаризабунила гьез жал гочинаризе ккеялъул ишилан бицана ГIалиева Руминаца.

Гьеб минаялъуса нахъе рахъинарейин гьел гIадамалин, гьез жидер басрияб минабахъа гIадамал гочинариялъул федералияб программаялда рекъон хIалтIи гьабиялъе квалквал гьабулеб бугин абун шагьаралъул администрациялъги кьун буго диваналде гIарза, къануналде данде кколаредухъ нахъе гочинарулел ругин жалин абун гьеб минаялъуб гIумру гьабун хутIаразги кьун буго гьебго диваналде гIарза. Гьал къоязда диваналъ хIукму къотIун буго гьел хъизанал гочине кколин цебехун бицен гьабураб минаялъусайилан.

Румина ГIалиева: «Гьез (Дербенталъул нухмалъиялъ) диванги бичун босун буго, гьединлъидал нижер рахъ кквелищха гьеб диваналъ. Гьезие гIарац кьун гьечIин ва тIадецуй гьабулеб гьечIин кинха абилеб нижеца диванчиясда бихьизабуна гьеб администрациялъ нижер мина биххун гьениб базе бугеб минаялда хурхун рихьизарурал документазда ругелщинал гъалатIал.

Мисалалъе цо документалда цин хъван буго гьениб кIитIалаяб мина базе бугилан, цойгидалда гьел тIалаби анкьгоялде рахунел руго, лъабабилеб документалда бихьизабун буго гьениб ичIтIалаяб мина базе бугилан.

Гьелда релълъаралха гьезул цойгидал документалги. Гьениб ункъго тIалаялдаса тIаде бакI базе бегьуларин бихьизабун буго культураялъул министерлъиялъги, ЮНЕСКОялъги. Диваналде вачIун вукIарав культураялъул министерлъиялъул вакиласги абуна гьениб гIемертIалаяб мина базе бегьуларин, амма гьесухъ гIенеккулев чи ккечIо. Гьез тIадеги тун тана гьес абунщинаб жо».

Румина ГIалиевалъ абулеб буго Дербенталъул нухмалъиялъе расги ургъел гьечIила гьеб жидер минаялъул бакIалда щутIалаяб яги анкьтIалаяб мина баниги бачIониги, гьебги бан жидее гьениб рукъкьезегIан гьезие лъикI бугила гьеб бакIалда , лъицаниги тIадкIалъай гьабулареб хIалалъ, лъабтIалаяб яги кIитIалаяб дармил центр, офисал яги ресторанал жанир бугеб бакI гьениб базе.

Гьединлъидал хехгьабун жал гьениса гочинаризе рукIиналъе бокьараб нух балагьулеб бугила гьез. Гьедин тIалъиялъ гьусун цере жидер рукIарал мадугьалзаби рачIун рукIанила гьеб мина биххизабизе бугин жидецайиланги абунилан бицана Руминаца.

Румина ГIалиева: «Нижер рукIарал мадугьалзаби диваналда нижеде тIаделъун рукIана. Дур ботIроде гамачI бортилин хIинкъуларищила мунилан дида абуна, мун чIвалилан хIинкъуларищилан дир росасда абуна гьез. Бомбаги реххун кьвагьизе кколил гьеб минайилан цойгидал мадугьалзаби лъугьана.

Гьел тIалъиялда божун руго, дун гьезда божуларо. Гьез гьерсалги рицун шагьар бакьулъа шагьаралъул рагIалде кинал гIаги санагIалъаби гьечIел гьанжезаманалъул гьитIинал рукъзабахъе рахъинарула ниж. Амма гьел нижер рукIарал мадугьалзабазда гьеб эххебе унеб гьечIо. Гьезие хех гьабун гьаб биххизе къваригIун буго.

Гьел киналго кIиабилеб тIалаялда гIумру гьабун рукIан цере, лъабабилеб ноябралда гьел рачIана нижер минаялъуре жидеца тIох биххизабизе бугила, цIадал ран хадуб нижер рукъзабахъе лъим кIанцIилила гьеб мехалда нижер гьенисан нахъе рахъинчIого рес букIунарилан. Гьебгиха жеги диваналъ мина биххизе ихтияр кьун гьечIонигицин. Полицияги ахIун, гьез хIалихъе нахъе къотIана гьел чагIи».

Гьеб диваналъ III интернационалалъулги Гагаринилги къотIноб бугеб мина биххизабизе кколин абураб хIукму мекъи къотIун бугин абун гьелда тIасан республикаялъулаб тIадегIанаб диваналде гIарза хъван буго гьеб минаялъуб гIумру гьабун хутIараб лъабго хъизаналъ. Жидее шагьар бакьулъ букIине кколеб рукъ кьезе букIиналда ракIчIечIого жал нахъекъазе гьечIин лъазабулеб буго гьез.

XS
SM
MD
LG