МагъчIваялъе рес

Салафияв вукlиналъ гlужие восарав


Талат къоялъул сардилъ Хасавюрт мухъалъул Муцалаул росулъ Тамерлан Акаев чIваялъе гIилла гьев салафиязул чи вукIин бугин лъазабулеб буго жамагIатчи Расул ИсмагIиловас.

Муцалаулалдаса 28 сон барав Тамерлан Акаев 25 июналъул сардилъ жиндирго автомобилалда жанив речIчIун автоматгун чIвана. ЦIех-рехалъул идарабазул баяназда рекъон Акаев кIиго чияс чIван вуго. Гьел щалали жеги чIезарунги гьечIо, гьаб сагIат гьезул цIех-рех унеб буго.

«Гражданская инициатива» абураб жамгIияб идараялъул нухмалъулев Расул ИсмагIиловас «Эркенлъи» радиоялъе бицана чIварав Акаев вукIанин салафияв. Гьединго кутакалдан рагIи билълъарав гIолохъаби хадур рилълъунев чиги вукIун вуго гьев. Тамерланица ва гьесул сверухълъиялъ I0 къоялъ цебе росдал цIияв имам вищун вукIун вуго. Цеве вукIарав имамасе ва гьесул рахъкколезе гьеб дандеккун гьечIо, гьелъие гIоло кIиябго рахъалда гьоркьоб кьалги ккун букIун буго.

Расул ИсмагIилов: «10 къоялъ цебе росдал имам вищана Акаевасул ва гьесул рахъккурал гIолохъабазул бажариялдалъун. Цеве вукIарав имам муфтияталъе рекъезабулев вукIун жамагIаталъул суалал тIуразе регIун вукIинчIо. Гьединлъиядал гIолохъабазги росдалги, гIадамазулги ургъелги бугев гьезие кумекги гьабу бажарулев чи тана. БатIаго салафияв вукIине ккелин гьенив имамилан вищарав чиги гуро гьев. Росулъ къваригIун вуго бокьараб суал тIубан бажарулев имам. Нижер доба гIемер букIуна ракьул суалазда хурхун тунка-гIусиял, гьединго салафиязулги суфиязулги тунка-гIусиял лъугIуларо. Цеве вукIарав имам суфий вукIана гьес динияб идараялъе ва официалияб власталъе дандеккараб гьабулев вукIун, гIадамазухъ гIинтIамулароан. Муфтияталъ абураб гьабилин вукIунаан кидаго. Гьедин батани гьениве муфтияталде ун вукIайин лъазабунаха гьесда гIолохъабаз».

Гьеб росулъ лъугьараб ахирисеб хиса-басиялдаса рази гьечIелги гIезегIан рукIун руго. Гьединлъидал кIиялго имамазабаздаги гьезул рахъкколезда гьоркьобги кьал ккун буго.

Расул ИсмагIилов: «Гьев цеве вукIарав имам гьаниве-дове гIарзалъ хьвадарилев вукIун вуго. Берцинго чIайин дудаса бажарулел тун ругелъул гьенир жамагIаталъул хIукму хвезабизе лъугьунгейин лъазабуниги чIечIо гьев берцинго. КIиялго имамзабиги лъарагIал руго, гьелъги цIакъго хIалуцинабун буго ахIвал хIал. Гьеб нижецаго тIубазе бегьулеб сулалде гьоркьоре лъугьине чагIиги щун рукIана динияб идараялдасаги. Гьезие цеве вукIарав имам вукIараб бакIалда тезе къваригIун букIана, жамагIат дандечIун течIо гьеб иш рагIалде бахъинабизе. Гьедин гIурччинал тIаргъал лъуразулгун рагъ ккана росулъ. ГIемерисел гьел рукIана аскIоса гIебеде ругел магIарулазул росулъа гIолохъаби».

Гьеб дагIба-рагIиялдаса хадуб цIияв вищарав имамасде тIадекIанцIи гьабизе бегьулин абун гьевги цIунун вукIун вуго чIварав Тамерлан Акаев. Живго чIвараб сордоялъги имамги рокъове щвезавун вачIунев чиясда цебе хъахIаб «Приора» автомобильги чIезабун гьениса къватIире рачIарал кIигояз чIван вуго гьев.

Расул ИсмагIиловас гьединго бицана Тамерлан Акаев гIагараб заманалда гIуцIизе бугеб лъарагIазул миллияб параламенталде делегатлъунги вихьизавун вукIанин росдал жамагIаталъилан.

ЧIварав кивниги хIалтIилевги вукIун гьечIо, гьесул лъадиги щуго лъимерги нахъе хутIун руго. Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъул вакилзабаз «Эркенлъи» радиоялъе кьурал баяназда рекъон щалали лъаларел чагIигун цере-цереги тунка гIусиял ккун рукIун руго Акаевасул. Гьединго чанго соналъ цебе Хасавюрт мухъалъул изну гьечIого яргъидгIуцIаразул бетIер АсхIаб Бидаевасе кумек гьабиялъул гIайибги гIунтIизабун тамихIалдеги цIан вукIун вуго гьев.

Дагъистаналъул динияб идараялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулев МухIамадрасул ГIумаровас «Эркенлъи» радиоялъе кьураб баяналда рекъон имам росдал жамагIаталъ вищизе кколев вуго. Гьев имамлъун тIамизе лъилниги ихтиярги гьечIо.

please wait

No media source currently available

0:00 0:01:05 0:00
Интернет-мухъ
XS
SM
MD
LG