МагъчIваялъе рес

Дагъистаналъе генералал къваригIун гьечIо


Ахираб заманалда прессаялдасан рагIизе бегьулеб, гьединго Россиялда тIоритIулел батIи-батIиял данделъабазда гьоркьоб лъолеб суаллъун лъугьун буго Шималияб Кавказалда бугеб жамгIиябгун политикияб ахIвал-хIал.

Гьедин гьанже гIемер бицуна Шималияб Кавказалъул республикаби Россиялда гъорлъ тунищ лъикI, яги ратIа гьарунищали, мугIрузул мухъазда рижарал гIадамал террористалищ, ялъуни цогидалго гIадал чагIийищали, Шималияб Кавказалъе модернизация хIажат бугебищ, яги гьечIебищали.

Гьединаб хабар ккана гьал къоязда Москваялдаги Пятигорскалдаги.

Масала, 14 марталда Пятигорскалда тIобитIараб конференциялда Шималияб Кавказалда улкаялъул президентас тарав вакил Александр Хлопониница бицана Кавказалда ракьул суалал цойиде ккезаризе хIажат букIиналъул. Гьедин Шималияб Кавказалда гьарулел гъалмагъиралгун такъсиразул 80 процент ракьул бетIергьабилъун рахъиналъе гIоло гьабун батулеб бугила.

Гьебго суал гъоркьисала декабралдагун исана январалда Москваялда Россиялъул жамгIияб палатаялъги гьоркьоб лъун букIана. Ракьуда хурхун рахъарал чIванкъотIарал къанунал гьечIолъиялъ Шималияб Кавказалда гIезегIан дагIба-рагIи кколеб бугилан бицун букIана гьел данделъабазда.

Гьелъие мисалал Дагъистаналдаги гIезегIан руго. Масала, Шималияб Кавказалъул курортал абун объектал ралел руго Хунзахъ мухъалъул Макьасда. Амма гьенир сверухъ гIумру гьабулел Сивухъ, Шотода, ГIахьалчIи ва цогидал росабаз дагIба балеб буго гьел ракьазда. Жидеда дандги бачIого гьенир объектал разе дандечIун руго гьел. Амма умумузухъан жидее щварал ракьал ругин гьелан абуниги, гIадамазухъ гьечIо бетIергьанлъи бихьизабулел документал.

Гьединабго ахIвал-хIал букIана Болъихъги. Чанго соналъ цебе Россиялъул улка цIуниялъул министерлъиялъ рачIун Болъихъегун, бакIалъул гIадамазда дандги бачIого рана кIуди-кIудиял объектал. Цинги гьеб киналдаго цIар лъуна рагъулаб шагьарилан. Гьелда гъоркье ана балъхъадерил ахал-хурзал. Гьедин халкъ тIокIалъ чIечIого пачалихъалде данде митингазде рахъунаан.

Гьединабго разилъи гьечIолъи рагIизе бегьула Унсоколо мухъалъул гIадамаздасанги. Лъел электростанциял ралаго лъеда гъоркье ана гьезул ракьал. Амма гьелдаса нахъе араб 30 соналда жаниб тIубазабун гьечIо рецIел хIисабалде гьезие кьолеб гIарцул суал. Гьеб тIалаб гьабун къватIире рахъарал жал террористалин, гъалмагъирчагIиян суризаризе байбихьанин кверщел кодосезин абула ансадерица. Масала, гьелда бан ЭР-ялъе гьадин бицунеб буго Унсоколо мухъалдаса жамгIияв хIаракатчи АхIмад ХIамзатовас.

АхIмад ХIамзатов: “Гьабулеб жо щибниги гьечIо, кагътида хутIун буго кинабго. Гьбе буго квеш ккараб жо. Унсоколо мухъалъул депутатлъун вугеб заманалда дица кодобе босун букIана гьеб суал. Дица гьелъул хIакъалъулъ хъвана Россиялъул президент Путинихъе, Генералияб прокуратуралде. ХIакъикъаталда къанунал цIунизе атраал чагIи ругин прокуратураялъул хIалтIухъаби. Гьединлъидал нижеда аскIоб къанун хвезабулеб букIиналда хадуб халкквейин, нижехъа ракьал рахъун унел ругилан хъван букIана.

БакIалъул депутатазул данделъиялда дица гьединго борхун букIана жакъа Дагъистан Россиялда цадахъ бугищин абураб суалги. Гуржиязулгун асатIиназул рагъул заманалад цо сордо-къоялда жанир тIаде щвана Россиялъул аскарал Жанубияб Гьириялде (Осетиялде). ТIаде гIарадаги бан бахъананиги, тIаде лъимги кIанцIизабун, хIорги гьабун бахъананиги батIалъи щиб – нижехъаги унел ругелъул ракьал рахъун. Нижехъа рахъана рукъзал, нижехъа рахъана ракьал. Жакъа ниж руго щиб гьабилебали лъаларого. Гьаб хIукуматалъул буго росдал магIишат цебетIезабиялда тIасан чанго батIияб программа. Нижер мухъалдайин абуни гьеб рахъалъ щолеб кумек гьечIого буго. Гьеб кумек щолеб буго хIакимасе бикьарав чиясе. ХIакимасе бикьичIони, хIалтIухъанасе цо гъурущ щолеб гьечIо. Унсоколо мухъалда гIадамазе хIалтIизе бакIал къваригIун руго.

Гьаб ГЭС базе лъугьаралдаса нахъе гьанире хIалтIизе рачIанщинал нухмалъулез хъулухъазда тана жиде-жидер росабалъа, мухъаздаса гIадамал. Нижин абуни нахъе рехун тана, нижер квешал чагIи гьаруна. Нижеда аскIоб Конституцияги къанунги хвезабулеб бугилан, гьеб цIунун къватIире рахъиндал, низам цIунулелин жидеда цIар бугел идарабаз тIилалги росун ниж нахъе гъезе тIамуна. Гьанив вукIарав прокурор лъугьана нижер гIадамал жанир лъезе, тIад гIакIаби къотIизе. Гьеле гьедин хIалтIана нижеда данде хIукумат. Щиб гьалъул хисизабизе бажарулебали дида лъаларо. ГIабдулатIиповасда кIолищ гьаб хисизабизеяли. ХутIарал тIадчагIи гьанир ришватчагIи руго”.

Дагъистаналъулгун Шималияб Кавказалъул цогидал республикабазул ракьазул суал борхана 13 марталда Москваялда, жамгIияб палатаялдаги. Мисалалъе, лъарагIаз дагIба балел гIатIиракьазулги, Кабардаялъулгун Балкариялъул ва Гъарачаязулгун Черкесиялъул ракьазулги. Амма рагIа-ракьанде щун гьезул тIалаб гьабулев чи я тIалъиялда, яги миллиял элитабазда гьоркьоб гьечIин, гIадатияб халкъ гурониян абураб пикру загьир гьабулеб букIана гьениб. Цин цояз, хадуб цойгидаз жидерго мурадазе гIоло зама-заманалдасан пайда босулеб бугила гьелдаса. Гьениб гьединго бицана ракьуда сверухъ кколеб дагIба-рагIи шаргIалда рекъонги жамагIатазул кумекалдалъунги Сугъралъ, Губден, Карамахьи росабаз тIубалеб къагIидаялъул. Хабар ккана ахираб заманалда динияб гIаламаталъухъ балагьун гIадамазе кьолеб гIакъубаялъулги, светиябин рикIкIунеб пачалихъалда динияб рахъ кинан бачинебалиги. Къуватищ хIалтIизабилеб, ялъуни экономикаялде кIварищ кьелебали. Шималияб Кавказалъе жакъа лъикIав менеджер, экономистищ хIажат вугев, ялъуни генералищали.

Масала, Дагъистаналъе генералал къваригIун гьечIин бицунеб буго ЭР-ялъе Москваялда гIумру гьабун вугев политолог Денга Халидовас.

Денга Халидов: “Генералал къваригIун гьечIо нилъее. Гьез хвезабулеб буго кинабго жо. ЧIван, хъун, жанир лъун, гIакъуба кьун данде чIезарулел руго гIолохъаби-бусурбаби. Генералал руго гъоре жидеего гIарацги карьераги гьабизе рачIунел. Гьез буго бищун кIудияб коррупция бижизабулеб гъоба. Нилъер полициялда ва цогидал идарабазда хIалтIулел, гьединго хIалхьиялда ругел офицерзабаз бицанщинаб жо гьанире Москваялдеги рачIун… Гьебщинаб жо Путиницаги, Хлопониницаги, министразги гIадахъ босулеб букIарабани, гIемер бигьалъизе букIана Дагъистаналдаги Шималияб Кавказалдаги. Аслияб къагIидаялъ гьелги яризарун, рацIцIадал генералал лъезе ккола гьенир. Дагъистаналда гIемер руго махщелги, лъайги, хIалтIизе гъираги бугел офицерал. Гьединлъидал хъубал чагIаздаса рацIцIад гьаруни, бигьалъизе букIана Рамазан ГIабдулатIиповасеги цогидал рсепубликабазда ругел нухмалъулезеги”.

Шималияб Кавказалда экономика цебетIезабиялде кIвар кьезе кколин абураб пикру загьир гьабуна Москваялда жамгIияб палатаялда букIараб данделъиялда Валерий Фадеевасги. Гьев ккола “Эксперт” журналалъул бетIерав редактор. Гьес абуна Шималияб Кавказ Россиялъе хIажатаб регионго бугодайин суал лъолел аналитикалги ругила. Амма нилъ гьелдаса ине кколила, гьедин кверчIвазе ккараб бакIги балагьун, экономикияб рахъалъ цебетIезе Шималияб Кавказалъе кумек гьабизе кколила.

XS
SM
MD
LG