МагъчIваялъе рес

Бугищ Дагъистаналда эркенаб пресса?


3 май рикIкIуна ТIолгохалкъалъул эркенаб прессаялъул къолъун. Дагъистанин абуни рикIкIуна Россиялъул регионазда гьоркьоб бищунго эркенаб пресса бугеб регионлъун. Бугищ гьеб гьедин гьабсагIаталда, кинал ругел пачалихъалъулгун прессаялъул гьоркьорлъаби, бугищ цензура, рес бугищ прессаялъул пачалихъиял идарабазда асар гьабизе?

Бугищ Дагъистаналда эркенаб пресса?
please wait

No media source currently available

0:00 0:04:54 0:00
Интернет-мухъ

Эркенаб пресса Дагъистаналда баккана 25 соналъ цебе, Совет пачалихъ биххун заман иналдего. Журналист Константин Казенинил пикруялда рекъон, цебетIураб эркенаб прессаялъул рахъалъ Дагъистан Россиялда лъабабилеб бакIалда лъезе бегьула. ТIоцебесеб бакIалда буго Москва, кIиабилеб бакIалда Екатеринбург.

Дагъистан цебетIураблъун рикIкIиналъе гIиллалъун гьес рикIкIунеб буго гIемерал батIи-батIиял лъидаго рачIел газетал рукIин. ТIоцебесеб эркенаб газета Дагъистаналда баккана 1991 соналъ. Гьеб ккола гьабсагIаталдаги бищун кIудияб тиражалдалъун къватIибе бачIунеб «Новое дело» газета. Казенинил пикруялда рекъон, хутIарал газетал гьелъул «тIанчIи» руго.

Эркенал газетал ругониги, гьелъул журналистазде тIадецуй гьабуна, чанго чи чIвана, амма гьез жидерго политика хисичIо. Кин бугониги, пачалихъалъ жидерго ресазда рекъараб тIадецуй гьабулеб гьечIоян рикIкIунеб буго «Новое дело» газеталъул хважаин, Дагъистаналъул ЖамгIияб палатаялъул член Чилилов АхIмадица. «Эркенлъи» радиоялъе гьес гьадин бицана:

Чилилов АхIмад: «РакIбацIадго абуни, дида гьеб тIадецуй бихьулеб гьечIо. 90-лел соназдаса нахъе дун газеталъул хважаин вуго, гьелдаса нахъе букIинчIо гьединаб хIужа. БатIияб иш буго гьел нахъа речIчIун чIварал журналистал. Гьединав кIиго журналист чIвана нижер газеталъул. Лъица гьел чIварал, бугищ гьениб пачалихъалъул гIайиб абун дида чIванкъотIун абизе кIоларо, щайгурелъул гьезул цIех-рех рагIалде бахъичIо ва лъица чIваралали чIезабичIо.

Гьев кIиявго журналист МухIамадзагьид Варисов ва АхIмаднаби АхIмаднабиев рукIана гIезегIан тIалъиялъул гIунгутIаби кватIир чIвазарулел чагIи. Гьеб иш бугониги, гьадин босун тIалъиялъ дуца гьаб хъвай, ялъуни гъоб цогидаб хъвагеян тIалъиялъ дида киданиги абичIо, тIадецуйги киданиги букIинчIо».

Чилилов АхIмадица гьединго абуна, эркенаб прессаялъ пачалихъалда гьабулеб асар тIадеялдаса тIаде дагьлъулеб бугин.

Чилилов АхIмад: «ХIукуматалъ бокьараб жо гьабулеб буго. Мисалалъе, нижер газеталда букIана республикаялъул буголъиялъул министр вукIаго Сефер ГIалиев абурав министрас бикъараб магIишаталъул ва гьарурал мекълъабазул хIакъалъулъ материал. РукIана кинабго къуваталъул идарабазе къваригIарал хIужаби. Амма гьев жавабчилъиялде цIачIого бухьеналъул министрлъун тIамуна.

Ахир-къадги гьев вахъана, амма цIакъго захIмалъулеб буго тIалъиялда асар гьабизе. Гьедин буго ахираб заманалда. Нужецаго хIисаб гьабеха, Россиялъул Конституциялъулаб диваналъ Европаялъул инсанасул ихтиярал цIуниялъул диваналъул хIукму хисизабулеб бугони кинабха гьаниб хабар букIунеб?».

ТIалъиялъ кидаго хIаракат бахъула эркенаб прессаялда тIадецуй гьабизе. Ва гьелъ батIи-батIиял къагIидаби ралагьулел руго. Гьел къагIидабазул бицана «Эркенлъи» радиоялъе «Настоящее время» газеталъул цеве вукIарав бетIерав редактор Фатуллаев Милрадица:

«Дагъистаналда лъикIаб, цIалдолезе интерес бугеб газета къватIибе биччазе ккани, чара гьечIого тIалъиялъул, хIакимзабазул кинал ругониги гIунгутIаби рехсезе ккола. Гьел рехсечIони газета лъугьунаро, гьеб босуларо. ТIалъиялъул гIунгутIаби рехсолеб мехалъ газеталъул хважаинасда ялъуни газеталъе финансовияб кумек гьабулеб чагIазде политикияб тIадецуй гьабизе байбихьула.

Ялъуни буго цоги къагIида. Мисалалъе, дида лъала «Черновик» ва «Новое дело» газетазде реклама кьезе хIинкъулел руго цо-цо хIакимзаби ялъуни бизнесменал. Гьезда лъазабун буго гьел газетазде реклама кьогеян. Гьединал хIалбихьиял гьарулел руго ва гьелгун дандчIвана нижер газетаги. Гьел гIиллаби рукIана газета биччачIого заманаялъ гьоркьоб къотIизабиялъе гIиллалъун».

Гьев вукIана «Настоящее время» газеталъул цеве вукIарав бетIерав редактор Фатуллаев Милрад. Рехсараб газета рикIкIунаан Дербенталъул цеве вукIарав бетIер Яралиев Имамил газеталъул. ГьабсагIаталда гьеб заманаялъ къватIибе биччалеб гьечIо.

Фатуллаевас гьединго абуна газетазда рахъарал кинал ругониги тIалъиялда хIунсарал макъалаби кIвар кьечIого хутIулел гьечIин, гьез хIакимзабазул кутакалда рахIат хвезабулеб бугин. Амма тIалъиялда ругел жидерго гъалатIазда тIад хIалтIулел гьечIо. Гьеб ишалде федералияб централъги кIвар кьолеб гьечIилан абуна журналистас.

Дагъистаналда чанцIулго уголовияб хIалтIи гьабун букIана журналистазда тIад. Гьезул ахирисеб – 2013 соналъ «Черновик» газеталда тIад. Доб мехалъ газеталъул нухмалъулез бицунеб букIана гьеб хIажат бугин республикаялъул нухмалъиялъе.

XS
SM
MD
LG