МагъчIваялъе рес

ХIакъикъаталде нух ракъун чIун халат бахъинабизе буго моцIидаса


23 декабралдаса нахъе жидее кколел ракьал тIалаб гьабун ракъунчIеялъул акция лъазабун букIарал ЦIияб Лак мухъалъул гIадамаз акция цо моцIица гьоркьоб къотIизе тун буго. Амма гьелда хадуб жидее чIван-къотIараб жаваб кьечIони, жидеца дагьалъги гIатIидаб акция тIобитIизе бугин рагIи кьун буго гьез.

КIиго къоялъ халатбахъараб ракъунчIеялъул гIахьалчагIигун данчIвазе арбагI къоялъ ЦIияблак мухъалъул бетIер Айдиев ХIажи вачIун вукIана. Гьес лъазабуна ракъунчIараз дагIба балеб бугеб, Шушия росдал бетIерас цо чиясдаги хъван, цойги коммерческияб идараялъе ижараялъе кьураб жамагIаталъул ракьул 9 гектар Дагъистаналъул тIадегIанаб диваналдеги кьун, моцIида жаниб тIадбуссинабиялъе хIалтIи гьабизе бугилан.

23 декабралда байбихьараб гьеб акциялъулъ цин 15 чияс гIахьаллъи гьабулеб букIанин, хадуб гIахьалчагIазул къадар 34 чиясде баханилан бицана «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда ракъунчIеялъул гIахьалчIужу Багирчаева Эльмираца.

Эльмира Багирчаева: «РакъунчIеялъулъ гIахьаллъи гьабулел рукIарал лъабго цIикIкIараб ригьалъул чагIаз, сахлъиялъул рахъ нахъекколеб букIун гьеб гьоркьоб къотIизе тезе ккана. ХутIаразул сахлъиялъул рахъалъ къварилъи букIинчIо. ТIоцере нижеца цадахъ акциялъулъ гIахьаллъичIел чагIиги хадур-хадур рачIун 15 чиясул бакIалда нижер 34 чи гIун вукIана. Амма киналго цадахъ гIахьаллъичIого, цIакъго тату хваразул бакIалда хис-хисун гIахьаллъи гьабизе къотIиги гьабун, гьел бащадал нахъе ритIун рукIана. РитIичIогоги кин телел гьелги гIемерисел цIикIкIараб ригьалъул чагIи рукIана.

Унтаралги рукIана акциялъулъ гIахьаллъулел, хералги рукIана. ГIадамазул сундаго божилъиги хун буго, сабурги лъугIун буго, гьединлъидал сундухъго балагьичIого рачIана гьел нижеда аскIоре. Гьеб ракь гьечIолъиялъул къварилъи щибаб хъизаналда бихьулеб бугелъул. Гьелдасан магIишат гьабун гIаги гурони, нижер гьаниб тIокIаб гьабизе жого гьечIо. Авлахъалде реххун тун руго ниж хIукуматалъ, гьаниб я хIалтIизе бакI гьечIо, яги яшав гьабире рес гьечIо. Гьеб ракьги хIалтIизабун, боцIи-панз хьихьун рукIани гурони. Гьедин гIадамалги тун нижер тIалъиялъин абуни бичун хисун, гьородахъ биччалеб буго халакъалъул ракь. Гьединлъидал нижеца аслияб къагIидаялъ тIалаб гьабулеб буго нижер ракьал тIад руссинарейилан».

РакъунчIаразулги журналистазулги суалазе жаваб кьолаго ЦIияблак мухъалъул бетIер Айдиев ХIажица лъазабуна акция чагIаз дагIба балеб бугеб Шушия росдал адмиинстрациялъ СПК «Алмаз» алъухъе ижараялъ кьураб ракьул 9 гектаралда хурхун халгьаби жидеца 20I0 соналъго байбихьун букIанилан. Гьеб къотIи-къай къануналде дандекколареблъун букIин чIезабизе диваналдеги прокуратураялдеги ЦIияблак мухъалъул администрациялъ гIарзал хъван рукIанилан.

Айдиев ХIажи, мухъалъул бетIер
Айдиев ХIажи, мухъалъул бетIер

Айдиев ХIажи: «Бищун цебе гьеб 9 гектар ракьул цо чиясда тIад хъвазе къотIи гьабун букIана росдал жамагIаталъул данделъиялда. Гьев чилъунги Барчаев Наби вищун вукIана. Ракь бикьулеб мехалда гьелъие документал гьаризе бигьалъизе букIине цин цо чиясда хъвазе гьабун букIана къотIи. Хадуб росдал жамагIаталъ лъие гьеб ракь бикьизе кколебали къотIиги гьабун, хасаб сияхIги гIуцIун тIубазе кколаан гьелъул суал. Гьеб букIана 2005 абилеб соналъ букIараб къотIи-къай. Хадуб дун мухъалъул бетIерлъун вахъараб мехалда гIадамазул гIарзал гIемерлъана Набица гьеб ракьул суал роцIцIинабулеб гьечIин абун. Гьес гьеб ракь цойги чиясухъе кьун бугин абун харбалги раккана, гьелъие квербакъи Шушия росдал бегавуласги гьабун бугилан абулеб букIана.

Гьеб киналлъулго цIех-рех гьабун хадуб дица мухъалъул прокуратураялде гIарза хъван букIана гьеб ракь Барчаевасухъе кьей къануналде данде кколареб иш бугин абун чIезабейилан тIалабги гьабун. Прокурорас гьеб къануналде данде кколареб иш бугин абун гьеб къотIи-къай хвезабейилан лъазабун букIана. Гьебго хIукму диваналъги къотIизе кколаан, амма Хъумторхъалаялъул диванханаялъ гьеб къотIи-къай биххизабичIо. Гьединлъидал дица гьеб иш Дагъистаналъул ТIадегIанаб диваналде кьезе буго, гьединго Республикаялъул бетIерасдаги лъазаризе руго гьелъул хIакъалъул киналго баянал».

Гьединго Айдиев ХIажица лъазабуна гьеб ракьул рекIкI гьабурав Шушия росдал бетIер Абакаров МухIамадги хас гьавун жавабчилъиялде цIазе кколилан. Росдал гIадамалги цIакъ разигьечIого ругоан гьесдаса. Гьев Абакаров жиндиего бокьа-бокьараб гьабулев вукIунила, гIадамазухъ гIинтIамуларила гьес, жидеца хъвараб гIарза къабул гьабизе кIиго анкьица хIалтIуде ваккичIила гьевилан. Щиб абуниги гьес гIадамаз абураб жо гIадахъги босуларилан.

Гьелда тIадеги ракъунчIараз «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда бицана 23 декабралъул къаси Абакаров МухIамадги гьесул сверухълъиялъул чагIиги жидее хIинкъалаби кьезе рачIун рукIанилан. Чанго соналъ цебе гьеб росулъ ракьул суалалъе гIоло чIварав Искандер абурав гIолохъанчиясе гIадинаб жо нужееги ккезе бокьун гьечIеб батани акция гьоркьоб къотIизе тейилан лъугьун рукIун руго гьел.

РакъунчIаразул тIалабазда хурхун баянал щвезе хьулгун, ва гьесул пикру лъазабизе «Эркенлъи» радиоялъе Абакаров МухIамадилгун бухьен гьабизе хIалбихьана, амма я хIалтIуда вукIинчIо гьев, я мобильнияб телефоналде чанцIул ахIаниги жаваб щвечIо. Гьев гурониги хIалтIул къоялъ Шушия росдал администрациялда цохIониги хIалтIухъанги вукIинчIо.

XS
SM
MD
LG