МагъчIваялъе рес

Диалог цIилъизабиялъе нух рагьана


Араб анкьалъул ахиралда Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIипов дандчIвана суфиязулги салафиязулги вакилалгун. Гьеб дандчIваялда рачIарал нухмалъулес ахIана ракълилаб диалогалде. Экспертаз рикIунеб буго ГIабдулатIиповас салафиял ва суфиял ракълие ахIулел ругин политикаялъе гIоло.

Гъоркьисала апрел моцIалда МахIачхъалаялъул джума-мажгиталда Дагъистаналъул буссурбабазул динияб идараялъги «Ахлю Сунна валь Джамаа» гIуцIиялъги хасаб резолюция гъулбасана. Гьелда рекъон, салафиязги суфиязги цере рукIарал масъалаби кIочезаризе къасд гьабуна, хадур раккинесел суалал гIалималги ракIарун тIуразе хIукму къотIана. Гъоркьисала байбихьараб ракълилаб диалог гьоркьоса къотIана августалда Шайих Саид-Афандил чIваялъ. Гьесул хIаракаталдалъун суфиялги салафиялги ракълилаб нухалде рахъанилан хъвана хадуб «Ислам» журналалъул бетIерай редактор ПатIимат ХIамзатовалъ.

Диалог цIидасан байбихьана ГIабдулатIиповас. Араб дандчIваялда гIахьаллъана Дагъистаналъул муфтий АхIмадхIажи ГIабдулаев, МахIачхъалаялъул джума-мажгиталъул имам МухIамадрасул СагIадуев, Избербашалъул мажгиталъул имам МIухIамад АрслангIалиев, «Ахлю Сунна валь Джамаа» гIуцIиялъул нухмалъулев ХалилрахIман Шаматов, динияв гIалимчи ГIабдурахIим МухIамадов.

«Цоцазда дандечIеялъе, дагIбадиялъе гIиллаби рихьулел гьечIо», - ян абуна данделъиялда ГIабдулатIиповас. Киналго разилъана гьесул рагIабаздаса. Мисалалъе, муфтияс абуна цебе ккарабщинабги кIочезабун жакъасеб къоялъул бицине кколин. ДандчIваялда цогидал гIахьаллъаразулги гьединалго кIалъаял рукIана.

Ракъилаб диалог ГIабдулатIиповас байбихьулеб буго политикиял мурадаздалъунилан абуна «Эркенлъиялъе» политолог Энвер Кисриевас.

Энвер Кисриев: «Жибго гьеб масъала захIматаб буго. Суалги батIаго исламалда бараб гуро, республикаялда бугеб ахIвал-хIалалда бараб буго. Нилъеда лъала, мисалалъе, тарикъаталъул ислмалъул вакилал ай Динияб идара пачалихъияб системаялда гъорлъ ругел чагIи рукIин. Салафитални, дир хIисабалда, ккола гьеб системаялде дандечIолеллъун. Радикалияб яги цогидаб къагIидаялъ букIа. ХIукуматалъе суфиялги салафиялги рекъезаризе бокьун буго ислам политикаялдаса нахъе бачинабиялъе гIоло. ГIабдулатIиповасе бокьун гьечIо, хIукуматалъ ислам жидерго мурадал тIураялъе хIалтIизабизе. Гьединго нухмалъулесе бокьун гьечIо оппозициялъги исламги гъорлъ жубазабун жидерго суалал рорхизаризе. Жибго унго-унгояб рекъел салафияздаги суфияздаги гьоркьоб букIинин абураб жоялда дун божуларо. Гьеб кIиябго къокъаялъул исламалдехун батIи-батIияб бербалагьи буго».

МахIачхъалаялъул Котровасул къватIалда бугеб мажгиталъул имам ХIасан-хIажи ХIасангIалиевас абуна «Эркенлъиялъе» жиндие рекIее гIунин салафиялги суфиялги ГIабдулатIиповас рекъелалде ахIи. Амма динияб политика цогидал масаъалабазулъги букIине кколин, рикIунеб буго имамас. Гьесул рагIабазда рекъон, школазде хIижаб ретIун хьвадизе гьукъун буго ясазе, цо-цо мажгитал къалел руго. Гьел суалалги тIуразе ккола ГIабдулатIиповасилан абуна ХIасангIалиевас.

Ракълилаб диалог гьоркьоса къотIун букIинчIо, гьеб чIезабун букIана шайих чIваялъилан абуна «Эркенлъиялъе» Дагъистаналъул динияб идараялъул пресс-секретарь МухIамадрасул ГIумаровас.

МухIамадрасул ГIумаров: «Суал рагьараблъун хутIун букIана шайих ва гIалимал чIваралдаса хадуб. Гьеб халатбахъинабизе хIаракат бахъичIо цонигияб рахъалъ. Гьанже президентасул кумекалдалъун байбихьила ругел суалазда тIад хIалтIизе. Диалогалда буго цо захIматаб жо. ДандчIваялда рачIарал киналго салафитазул вакилал ругин абизе кIоларо дида. Мисалалъе, рохьилал ракълилаб гIумруялде цIазе кIоладай гьезда? Довго ГIабас Къебедов ракIалде щвезаве. Кив дов гIабсагIаталда вугев? ТагIанагури дов, вихьулев гьечIогури. Динияб идараялдаги салафияздаги гьоркьоб хIалуцин щай бугин гьикъилалда цебе, дица кьела суал: довго Шаматовгун идараялъул кинаб дандечIей бугеб? Я ХалилрахIмангун, я ГIабдурахIимгун идараялъул хабар дандекколарин абизе кIоларо дида. Такрар гьабила: суал буго цо – гьел кIиялго киналго салафитазул вакилал ругищ? Дида лъаларо мухIканго салафитазул кинаб къокъа гьезда хадуб бугеб».

Салафиязда гъорлъ батIи-батIиял къокъаби рукIин абураб жоялъе мисаллъун бачине бегьула гьаб соналъул февралалда МахIачхъалаялда тIобитIараб митинг. Салафиязул гьеб митингалда гIахьаллъана щунусгогIанасев чи. Фейсбук ва цогидал социалиял сайтаздасан хадуб лъана гьеб митинг «Хизбут тахрир» гIуцIиялъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъ гьабун букIин. Митинг тIобитIилалда цебе Котровасул къотIноб бугеб мажгиталда салафиязда гьоркьоб бахIс ккун букIана тадбиралда тIаса. Цояз митингалде ине кколарин абулеб букIана, цогидаз кколилан бичIизабулеб букIана.

Ракълилаб диалог байбихьарав Дагъистаналъул нухмалъулесе диалогалде цогидал диниял къокъаби цIазе кколеблъи бихьулеб буго гьеб мисалалдаса. Экспертазул пикруялда рекъон, санаидаса санаиде исламалде рачIунел чагIи гIемерлъулел руго. Республикаялъул нухмалъиялда бараб буго исламалде рачIунезул бербалагьи радикалияблъунищ яги цогидаблъунищ букIинеб.
XS
SM
MD
LG