МагъчIваялъе рес

Чан банк гIолеб Дагъистаналъе?


18 февралалда Дагъистаналъул хIукуматалде ракIарун рукIана республикаялда ругел банказул нухмалъулел. Гьез гьоркьоб лъуна цоцазда хадур къалел ругел республикаялъул банказул суал.

Россиялъул Центробанкалъул тIалабазда данде ккунгутIиялъ ахираб заманалда Дагъистаналда къана гьитIи-гьитIинаб чанго банк. Гьедин гьабсагIаталда республикаялда хутIун буго 18 банк ва къарзалъе гIарац кьолеб кIиго идараги. Амма, цересел соназда дандеккун, кIиго млрд гъурщица дагь лъолеб бугин гIадамаз банказда гIарацин бицана 18 февралалда букIараб данделъиялда банкираз.


Центробанказ банкал къпялдаса рорчIиялъе нухал кинал ругелин цIехана хIукуматалъул нухмалъулес банказул нухмалъулезда. Банказул ассоциациялъул нухмалуъев ГIавли ГIалиевас абуна гьел киналго банкал цолъизаризе кколин.


Россиялъул Центробанкалъе республикаялда ругел банкал къазе къваригIараб хIисаб бугин абулеб бугоан хIукуматалуъл данделъиялда. Амма гьеб пикру мекъаб бугин бицана ЭР-ялъе «Банк Москвы» банкалда хIалтIулев дагъистанияв Чупан Эльдаровас.


Чупан Эльдаров: «Центробанкалъ цо течIого, киналго банкал къаларо. ЦохIо Национальный банкгIаги букIине ккола республикаялда. Гьедин гIисинал банкалги цолъун цо банк гьабун ва Нацбанк букIунги лъикI. Амма гьедин гьабулеб батани, цIакъ бацIцIадаб банк гьабизе ккелаха».


ЭР: «Дагъистаналъул шартIазда кIолищ гьединаб банк гьабизе?»


Чупан Эльдаров: «Гьабизени кIвелароанищха, тIадчIей гьабулеб бугони. Амма цо-цо аслиял жалги гьарун, гIиси-бикъинал жал жалго тун ратула. Гьедин заманалдасан гьединал жалги гIемерлъун, хадуб гьел тIагIинаризе кIолеб хIалалде ккола. Центробанкалъе чара гьечIого банкал къазе къваригIун букIунаро. Гьелъ цере лъурал тIалабал тIуразарун ратичIони гурони къаларо. Дагъистаналда бугеб цо гьитIинаб банкалъ кинабниги зарал гьабуларо кIудияб банкалъе.


Гьединго гьенир ругел клиенталги къваригIун рукIунаро гьелъие. Цо-цо клиентазе хъулухъ гьабизе хираго чIола. Кинавго чиясул хъулухъ тIубалеб банкги букIунаро. Гьединлъидал гьезие додинал, гIисинал банкал рукIин батIаго квеш кколаро. ЦIакъго кIудияб хайир щолел операциялги гьарун, дагьа-дагьаб гIарац гурони щоларел операциял гьаричIого хутIула. ЧIахIи-чIахIиял банказул рукIуна стандарталда рекъарал продуктал. Киналго клиентазе данде кколаро гьел».


Дагъистаналда гIисинал банкал цойиде кIутIизе кколин абураб пикру данде ккечIо фейсбукалдаса пайда босулел дагъистаниязе. Масала, гьелъул бакIалда банказул ассоциация буго гирищин, гьелъ цIуна-къай гьабизе бегьуларищ гIисинал банказеян суал лъолеб буго цо-цо чагIаз.


Цебехун бицухъе, гьабсагIаталда республикаялда хутIун буго 18 банк ва къарзалъе гIарац кьолеб кIиго идараги. Лъабго млн чиясде гIагарун гIумру гьабулеб Дагъистаналъе гьеб къадар гIемер бугин абуна ЭР-ялъе Чупан Эльдаровас.


Чупан Эльдаров: «Бищун батани цо млн чияс хIалтIизарулел ратилаха банкал. Гьеб млн чи къогоялде бикьани, 50 азарго чи кколев вугоха. ГьедигIан гурони клиентал гьечIел банкал щибизеха? Дида гьикъани, щуго банк гIелаан Дагъистаналъе. Амма щивав чиясе бокьиларищха жиде-жидерго банкал рукIине. Уставалъул капитал гьечIониги къалаха банкал. Гьеб капитал букIине ккани, банказдаса пайда босулел гIадамалги рукIине ккола. Гьединал дагьал чагIи гурони энир гьечIеб мехалда кинха гьеб капиталги букIинеб. Гьеб букIина Москваялдаса баччулеб бугони. Эбги квешал ишазе гурони бачIунеб гьечIо энибе».


Ахираб заманалда Центробанкалъ Дагъистаналда банкал къана жидер тIалабал тIуран ратичIолъиялъ, гьединго гIарац хъачагъазе пайдаялъе битIулеб букIиналда щаклъи ккун.

XS
SM
MD
LG