МагъчIваялъе рес

Дагъистаналда хакеразул гьужумал


Ахирал къоязда Дагъистаналда информалатазул щуго бат1ияб сайталде гьужум гьабун буго хакераз. Цо-цо гIадамаз гьеб хурхинабулеб буго МахIачхъалаялъул мэр Саг1ид Амиров туснахъ гьавиялда. Амма хас гьабун гьеб хIужа тасдикъ гьарулел далилал щвечIо нижехъе.

Масала, Хасавюрталдаса «Даглайн» -компаниялъул кумекалдалъун интернеталде лъугьунел чагIаз лъазабулеб буго СагIид Амиров ккураб къоялдаса нахъе «Кавказский Узел» , «Кавказпресс» гIадинал сайтал хIалтIулел гьечIин жидер дорайилан. Гьез рикIкIуеб буго Хасавюрталъул бетIр Сайгидпаша ГIумахановасул компания бугин гьеб, гьединлъидал гьес ургъунго рес кьолеб гьечIин гIадамазе Амировасул ишалда сверун батIи-батIияб информация щвезейилан. «Даглайналъул» вакилзаба лъазабуна жал Сайгидпаша ГIумахановасда рарал чагIи гурилан, гьелъул бетIергьанги батIив чи вугилан. Жидеца цониги сайтги къан бажаруларилан, гьеб гьабун бажарулила интернет «бичулел» компаниязухъ.

Гьезухъеги Россиялъул Жанисел Ишазул министерлъиялъул информационниял технологиязда сверун гьарурал такъсиразде данде къеркьолеб «К» ян цIар бугеб бутIаялъ баянал кьезе кколила кинаб бугониги сайт къайилан. ГIемерисеб мехалда гьел къаялъе гIилла кколила сайтал экстемисстиял рукIин.

Соналдаса нахъе хIалтIулеб гьечIо «Новое Дело» газеталъул сайтги. Гьелъул хIалтIухъан РахIимат Адамовалъ «Эркенлъи» радиоялъе бицана жидер гьеб сайт зама-заманлдасан къалилан.

РахIимат Адамова: «Дун свакан йиго гьеб сайталъул бицун. Щиб гьабунги нижер гьеб берцинго хIатIизе толаро. Къаси-къад чIечIогонищ ниже заралалъе хакерал хIалтIулел рукIунелали дида лъаларо. Гьале гьанжеги 3 июналдаса нахъе хIалтIулеб гьечIо гьеб. Гьаб сагIат специалистал руго гьеб къачIаялда ва цIуниялда тIад хIалтIилел. ЛъагIалица цебеги гьабго заманалъ хакеразул гьужумалъ хвезабун букIана гьеб. Гьелдаса нахъеги зама—заманалдасан хIалтIуларо.

Гьединго гьаб итни къоялъ хакеразул гьужумалъул къурбанлъун Дагъистаналъул «Черновик» газеталъул сайтги лъугьана. ТIубараб сордо-къоялъ хIалтIилеб букIинчIо гьеб. Газеталъул хIалтIухъабаз кьурал баяназда рекъон сайталде DDOS- абураб гьужум гьабун букIун буго. ГьабсагIталда жаниб сайт берцинго хIалтIилеб буго.

XS
SM
MD
LG