МагъчIваялъе рес

Ракьцояв вацIадавлъун рикIкIунев вуго хьаргабияз


29 июлалда Хьаргаби мухъалъул администрациялда тIобитIана Дагъистаналъул медицинаялъул академиялъул ректор ГIабдурахIман ГIусмановасда ва гьесда сверун гьабулеб бугеб цIех-рех къануналда рекъон гьабейин тIалаб гьабураб данделъи.

Данделъиялда Хьаргаби мухъалъул нухмалъиялъ ва батIи-батIиял идарабазул бутIруз гIахьалъи гьабун буго. Гьеб дандеруссиналде гьеб мухъалъул полициялъул отделалъул, прокуратураялъул ва ФСБялъул хIалтIухъаби ва нухмалъулелги рачIун рукIанин бицана «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда Хьаргаби мухъалъул администрациялъул хIалтIухъан МухIамадов МухIамадица.

ЭР: Щал рукIарал данделъиялде рачIун?

МухIамадов МухIамад: Данделъиялде Хьаргаби мухъалъул бетIерлъи, ФСБялъул нухмалъулел, росабазул жамагIатазул вакилзабиги рукIана рачIун.

ЭР: Кинавниги чан чи вукIарав гьеб тадбиралда?

МухIмадов МухIамад: Нижер администрациялъул бугоха 300 гIан чиясе бакI бугеб данделъаби тIоритIулеб рукъ. Гьебги цIун букIанаха къватIирги чIун рукIана гIадамал. КъватIив чан чи вукIаравали дида мухIканго абун бажаруларо.

ЭР: Аслияб кинаб суалха гьениб борхараб?

МухIамадов МухIамад: ГIусманов ГIабдурахIманида ва гьесул хIалтIуда сверун унеб бугеб цIех-рех къануналда рекъон гьабеян тIалаб гьабулеб букIана данделъараз.

Ректорасул рахъ ккун кIалъазе рахъун руго батIи-батIиял гIадамал. Гьезул щивасги Хьаргаби мухъалдасан Дагъистаналъул Халкъияб мажлисалде вакиллъун вищун вугев жидер депутат туснахъ гьавун вугин, гьев къуваталъул идарабаз ккун вугин абурал гьересиял харбал тIиритIизарулел гIадамазе тамихI гьабеян ва ГIабдурахIман ГIусмановасда гIайиб батани цин гьеб къануналда рекъон чIезабейин лъазабун буго.

Хьаргаби мухъалъул администрациялъул пресс-секретарьлъун хIалтIулев вукIарав Шарипов АхIмадица «Эркенлъи» радиоялъе бицана цебехун рехсараб данделъиялда Дагъистаналъул нухмалъиялде ГIабдурахIманил рахъккун хъвараб хитIаб къабул гьабуниланги.

Шарипов АхIмад: «Данделъиялда 8-9 ниги чиги вахъана кIалъазе. Гьез киназгоги ГIабдурахIманил ихтияралги хвезаругейин, гьесда хурхун цIех-рехги къануналда рекъон гьабеян тIалаб гьабуна. Гьелго тIалабал рехсон Рамазан ГIабдулатIиповасде, Хизри ШихсагIидовасде ва ГIабдусамад ХIамидовасде хъвараб хитIабги къабул гьабуна»

РакIалде щвезабилин I5 июлалъ Дагъмедакадемиялъул ректорасул хIалтIулеб бакIалдаса ва бухгалтериялдаса кагъталги, компьютералгун телефоналги нахъе росун ун рукIана ФСБялъул хIалтIухъабаз. Гьелдаса хадур интернеталдаги цо-цо информациялъул алатазги ГIабдурахIман ГIусманов къуваталъул идарабаз гIемераб гIарцул хIилла-рекIкI гьабиялда ва ришват босулеб букIиналда щаклъи букIун ккун вугин, хIатта туснахъ гьавун вугинцин абурал баянал тIиритIизарун рукIана. ФСБялъ прессаялъе киналги баянал кьезе гьечIин жидецайилан лъазабиялъги цIакъго гIемер харбал раккун рукIана.

Чанго къоялдасан гьеб идараялъ лъазабуна ГIабдурахIман ГIусманов ккун гьечIин ва ккун вукIинчIилан. Медицинаялъул академиялъул нухмалъиялъ жидерго компьютеразда бикъараб операционнияб система хIалтIизабулеб букIиналъ кинабго техника нахъе босун гьелъул хал гьабулеб бугилан. Академиялъул тIоцевесев проректор Масуев Къубатайица журналистазе бицана гьеб халгьаби жидер гьанив хIалтIулев вукIарав цо чияс ургъунго бачIинабун бугилан, щай гурелъул гьесулги жидерги дандеккунгутIиял рукIанин. Гьев чи чанцIулго жидее хIинкъаби кьезеги лъугьун вукIанин жидеца ФСБялде гIарзаги хъван ниж къватIир чIвазаризе ругилан.

Масуевас гьединго лъазабуна ректораталда унеб халгьаби жеги лъугIун гьечIин, гьелъул квалквал букIаниги академия букIарабго хIалалъ хIалтIулеб бугилан.

ГIабдурахIман ГIумановасда сверун ургъунго харбал тIиритIизарулел ругин гьесул бакIалда цойги чи тезейилан рикIкIунеб буго Фейсбукалда хъвадарулез. Киса-кирего харбалги тIиритIун руго гьев хIалтIудаса нахъе вахъун вугин, гьесул бакIалда Дагъистаналъул пачалихъалъул секретарьлъун йикIарай Такибат МахIмудова толей йигиланги. Президентасул пресс-хъулухъалъ «Эркенлъи» радиоялда лъазабуна ГIусманов жиндирго хIалтIуда вугин ва жеги гьев хIалтIудаса вахъиялъул, гьединго гьесул бакIалда цойги чи теялъул цониги официалияб лъазаби гьечIилан. ГIусмановасул гIагарлъиялъги «Эркенлъи» радиоялъе бицана гьев хIалтIудаса нахъе рехун вугин аби гьел гьадингоял харбал ругилан.
XS
SM
MD
LG