МагъчIваялъе рес

«Экcпрессалъ» талавур гьаруразул хьул Путиниде буго


Сбербанкалдаса 260 миллион гъурущ бикъаралъухъ туснахъалъул анкьго сон кьуна Сулейман-СтIал мухъалда гьеб банкалъе нухмалъи гьабулев вукIарав Ахадулаевасе.

Интернет-мухъ

Дагъистаналъул прокуратураялъ лъазабухъе, Сулейман-СтIал мухъалъул Къасумкент росулъ букIараб Сбербанкалъул нухмалъулес 2014 - 2015 соналъул май моцIалде щвезегIан бикъун буго банкалда гIадамаз цIунун букIараб 260 миллион гъурущ.

ЦIех-рех унебгIан заманалда гьеб гIарцуда гьоркьосан 158 миллион гъурущ нахъбуссинабунилан лъазабулеб буго прокуратураялъ. 27 апрелалда МухIарамкент мухъалъул диваналъ кIиго статьяялда рекъон гIайибги гIунтIизабун, гьев гIайибиявлъун рикIкIана ва гьесие кьун буго анкьго сон туснахъалъул.

Дагъистаналда рукIарал банказул нухмалъиялдаса чагIаз гьениб гIарац лъун букIарал чагIи махсароде кквеялъул хIужаби гIемер руго. Мисалалъе, кIудияб ахIи-хIур бахъинабунилан абизе бегьула Дагъистаналда букIараб «Экспресс» банкалъ махсароде ккун миллионал гIарцудаса ратIалъарал бизнесчагIаз, Россиялъул Президент Владимир Путинихъе хъвараб кагъаталъ. «Экспресс» банк Дагъистаналда къана 2013 соналъул январалда.

Амма гьениб гIарац цIунун букIарал гIадатиял гIадамазде дандеккун жидер ахIвал-хIал дагьаб батIияб букIанилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе Путинихъе кагъат битIаразул цояв МахIачхъалаялдаса бизнесчи ГьиматхIажиев Темирханица. Гьаниб баян гьабизе кколин жиндицаги пишацоязги гьениб цогидаз гIадин гIарац цIунун букIинечIеблъи.

Жидер гIарац букIанин гьеб банкги гьоркьохъанлъун ккун тIокIаб чIечIого хIалтIулеб. Жиндица хIажатаб къайи-цIа босизе гIарац битIулаанин гьеб банкалдаса, дица гьабураб хIалтIухъ гIарацги пуланаб бакIалдаса гьебго банкалде бачIунаанила. Ахирисеб нухалда гьедин гIарцул операция гьес гьабун буго 2012 соналъул декабралда.

Банкалдаса гIарацги битIун, хъизангун цадахъ хIухьбахъизе Дубаялде ун гьениса нахъвуссун щвараб мехалъ батун буго гьесда «Экспресс банкги къан, кIудияб ахIи-хIур бахъун. Чанго къоялдасан абуни Темирханида лъан буго гьасулги, гьасулго пишацоязулги кинабго гIарац бикъун букIин.

ГьиматхIажиев Темирхан: «Микьабилеб январалда гьатIан къоялъ, тIубараб Россиялда кинабниги банк хIалтIулареб къялъ гьез дир цIаралдаса бахъун буго ункъо миллион гъурущ гIарац. Къануналда рекъон цо миллионалдаса цIикIкIараб гъурущ цо къоялда жаниб бахъизе ихтияр букIунаро цониги банкалъул, гьез ункъо миллион бахъун буго дир цIаралдаса. Гьеб жо букIине рес гьечIеб жо букIин бихьулеб гьечIищха. Дица абуна гьезда рихьизаре цониги видеокамераби дица гIарац бахъараблъи бихьизабулел.

Гьел камераби рекъезарун рукIунелъул киса-кирго гьенир. Банк къарабго гьелъул буголъиги бичун гIарац гадамазухъе тIадбуссинабизе ккола АСВ абураб идараялъ. Гьелда ракIги лъун дунги вукIана, щибинха гьабилеб ункъо миллион тIагIин гурони тIокIаб къварилъи бихьугегиянги абун. Хадуб АСВ ялда вугев божарав цо васас абуна дида Экспресс банкалдаса жидеца рукIкIен гIанасеб жоцин босичIила, нужее гьелдаса щвезе жоги гьечIила.

Гьебмехалъ дица ракIарана гьеб куцалъ махсароде ккурал киналго дунго гIадал бизнесчагIи. Гьанже руго ниж щиб гьабилебилан абураб суалгун хутIун. Киналго нижер миллионал руссинарун руго Арбитражалъулаб диваналъ кьураб цо кагътил тIамчиде. Киналго къуваталъул идарабаги, цIех-рехчагIиги руцIцIухIун чIун руго. Гьебмехалъ нижеца хIукму гьабуна президентасухъе кагъат хъвазе. Жакъа ниж божулел чи хутIун гьечIо улкаялда, цохIо Путин гурони».

Темирханго гIадин гьединаб куцалда гIарац гьоркьор арал жеги гIемерав чи вуго жакъа МахIачхъалаялда. Гьезул цо-цоязда гьеб кинабго хIехьон бажаричIин, мухIкан гьаричIел баяназда рекъон гьезул цо-цояз жидецго гIумруялъе ахир лъун бугилан абулеб буго Темирханица.

ГьиматхIажиев Темирхан: «Гъол гIолохъабазда ракIгурхIула дир цIакъ. Дирги кинабго магIишат хIурудахъ ана. Банкалда цохIо гьеб ункъо миллион гуребги, къватIиса хIукуматалде къайи босизе битIараб гIарацги ана дир гьоркьоб. Налъабазда жанив къан вукIун, гьанжего гьанже вачIана дун рукIалиде.

Дида цадахъ рукIарал гIолохъабазул 40-50 миллион гъурущ ана гьоркьоб. Гьезул букIанщинаб магIишат ана хIурулъ, хъизамал риххана, жалго руго налъукь къан унти ккун, квешаб хIал буго жакъа.

Дирго кинабго бизнес чIана. Хадубккун щибниги гьабизе ракIалдаги гьечIо, цохIо хъизам-лъимал хьихьизе гIарац щвани гIун буго. Нахъойги гьеб бизнесалде гьоркьове лъугьине ракIалда гьечIо, цоги гьеб «Экспресс» гIадаб бетIерунти щвезейищ?».

Гьел киналго цолъизеги цолъун гьанже гьез кагъат хъван буго Владимир Путинихъе. Жиндирги гьезулги аслияб мурад гьеб гIарац нахъбуссинаби гурин бугеб, жидее къваригIун бугин жидер гIарац бикъанщинал гIадамазе мустIахIикъаб тамихI гьабийилан абулеб буго ГьиматхIажиев Темирханица. Экспрессалда рукIарал гIадамал жакъа цоял Сбербанкалда хIалтIулел, цогидал абуни къватIиса хIукуматалда ругин.

ГьиматхIажиев Темирхан: «Щиб гьабун рачунел цо банк тIатIала биччараб гIадамал, цогидаб хIукуматалъул банкалде хIалтIизе? Сбербанкги щущахъ биххизабизейищ гьел гьенире рачунел? Гьединго нижее лъазе бокьун буго кибе араб «Экспрессалъул» букIараб кинабго магIишат, буголъи, гьезул офисал? Кире гьел арал?

Гьебгицин телин, щай гьел чагIи жалго тун ругел? ГIарацниги телин, Аллагьас гьедин хъван букIун батила, сахлъи бугони тIокIаб жо кIваричIо дие. Щай гьел чагIи жанир лъаларел, хири-хириял автомобилазда рекIун, жегIолел гьел щай тун ругел? Гьеб буго ниж киназулго ццим бахъинабураб жо».

«Экспресс» банкго гIадин гIадин ахираб кIиго-лъабго соналда жаниб Дагъистаналда рукIанщинал хIукуматалъул гурел киналго банкал къана республикаялда. Изну гьечIого яргъидгIуцIаразул къукъаялъе гIарац биччалеб букIанилан абурабги гIайиб гIунтIизабулеб букIана гьезул цо-цоязде.

XS
SM
MD
LG