МагъчIваялъе рес

Евгений Гвоздев - кIодо гьавичIого хутIарав Дагъистаналъул Магеллан


Евгений Гвоздев. Иргадулаб нухалда дунял сверун вачIун хадуб
Евгений Гвоздев. Иргадулаб нухалда дунял сверун вачIун хадуб

Живго цохIо ралъдал рагIалдаса гIебеде туристал тира-сверизаризе хIалтIизабулеб гIадаб гьитIинабго гамитIаги рекIун кIицIул дунял сверун лъедарав дагъистанияв Евгений Гвоздевас исана 82 сон тIубалаан.

Евгений Гвоздевас дунял сверана "Хрущевкаялъул" балконалда гьонеб яхтаялда
Евгений Гвоздевас дунял сверана "Хрущевкаялъул" балконалда гьонеб яхтаялда

Жиндирго киналго гумиги Гвоздевас жинцаго гьарулел рукIун руго. Россиялда гьединал цIакъ захIматал шартIазда гьес гIадин ралъдадасан дуниял сверарав чи цониги гьечIила, дунялалдагицин гьединал рати цIакъ захIматаб жо бугин бицана «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда Гвоздевасул гьудул журналист Олег Санаевас.

Гвоздев цIакъ захIматаб къисматалъул, кутакалда бихьинаб гIамалалъул чи вукIанин бицана журналистас. Ралъдахъанасул эмен Сталинил заманалда туснахъ гьавун киве аравали лъачIого тIагIун вуго, рагъул заманалда эбелги чIван хутIарав Евгений гIагарлъиялъ хьихьун гIун вуго. Амма гьезги цо лъикIаб къо бихьизабичIин гьесда, гIолохъанчи гIун живго хIалтIизе лъугьун хадуб гурони чехь гIорцIизегIан квенцин щвечIин жиндиейилан бицунеб букIун буго гьес.

Гьединлъидал бокьарал захIматал шартIазде ругьунав, сункьаниги хIинкъуларев, цIакъ таваккалав чи вукIанин гьевилан бицана Санаевас. Гьев цIалун вуго Астраханалъул ралъдахъаби рахъунеб техникумалда. Гьелдаса хадуб гуми къачIалевчиясул хIалтIуда 35 соналъ ралъдада вукIун вуго гьев. I948 соналдаса нахъе МахIачхъалаялда букIун буго гьесул чIейги.

​​Олег Санаев: «Гьесие ункъ-ункъ сон къваригIана буго кIиябго нух дунял сверизе. 3,5 ва 5.5 метра тIад ругел гьитIинал гумуздаги рекIун гьаби букIанин гьеб сапаралъул тIокIлъийилан абизе бегьула. Гьелде тIадеги лъицаниги кIудияб кумекги гьабичIо гьесие гьел сапаразулъ. ТIоцебесеб нухалда дунял сверараб гама гьес жиндирго балконалда гьабуна. Сапараздаса вуссараб мехалда гьенибго чIезабунги букIунаан гьеб. Гьеб гамаялда цIар «Гетан»илан лъун букIана гьес.

Евгений Гвоздевасул маршрутазул цояб
Евгений Гвоздевасул маршрутазул цояб

Жиндирго фамилиялъул цIаралъул, гьединго лъадулгун лъималазул цIаразул тIоцересел хIарпаздасан гIуцIараб цIар букIана гьеб. КIиабилеб нухалда гьесие дагьабго кумек гьабун букIана МахIачхъалаялъул вукIарав мэр Амиров СагIидица. Гьединлъидал гьесие баркала кьун гIадин кIиабилеб нухалда дунял сверизе унелъул гьабураб гамаялдда гьесул цIарги лъун букIана Евгенийица. ТIокIав цониги я спонсор яги тIалъиялъул рахъалдасан кверчIвай щварав чи гуро гьев. Амма гьес бицунаан ралъдада дандчIварал чIахIиял гумуз киданиги кумек гьабичIого толаронила жиндие».

Санаевас бицухъе Гвоздев цин 50ялдасаги цIикIкIун нухалда Каспий ралъадалъул цо рагIалдаса цойги рагIалде щун вуго. 1992 соналда тIоцебе Гвоздев ралъдадасан дунял сверизе инегIан цониги россиялдаса чияс, россиялда гьабураб гамидаги рекIун, россиялъул порталдасан гьединаб сапар бухьун букIун гьечIо.

Гвоздев лъабабилеб нухалд дуниял сверизе унеб мехалда гьесие 74 сон букIана. 2008 соналъул 19 сентябралда Новороссийскалдасан байбихьун буго гьес жиндирго сапар. ЧIегIераб ралъад бахун, Туркиялдеги щун, Италиялъул рагIалдеги щун вуго гьев. Гьелдаса хадуб 1 декабралда хабар къотIун буго гьесул. АнцIго къоялдасан жанубияб рахъалда Кастельпорциано абулеб бакIалде къватIибе реххун буго гьесул жаназа. Ралъдада бахъараб гьороца бегизабун гамагун хун вуго гьев.

Бицун бахъунарев чи вукIанин гьев Гвоздев, гьесул гьабичIеб адабалъулги, къиматалъулги гьединго бицун бахъунарин абун рахIатхун вуго Олег Санаев. Щибаб кIалтIа ругин абизе бегьулел речIчIухъабиги, боксералги кутакалда кIодор гьарулила нилъер гьанир гьел Россиялъул чемпионаллъун рахъанигицин, амма Гвоздев гIадав чи ракIалдегицин щоларин абулеб буго гьес. Дагъистаналда гурониги Россиялдаги гьесие къимат кьурал чагIи цохIо ралъдахъаби ругин бицана журналистас. Гьесде дандеккун бажарулев цониги ралъдахъан вукIинчIин Россиялдайиланги тIаде жубана гьес.

Евгений Гвоздевасул сапаразул хIакъалъулъ журналист Олег Санаевас бахъараб техь
Евгений Гвоздевасул сапаразул хIакъалъулъ журналист Олег Санаевас бахъараб техь

Олег Санаев:«Дида данде кквезе кIола Гвоздевги Конюховги. Гьев цIар рагIарав россиялъул ралъдахъан Федор Конюхов цониги нухалда хIажатал киналго шартIалги чIезарун, лъикIа-лъикIал гумуздаги рекIун гурони сапаралъ къватIиве вахъинчIо. Конюховасе пачалихъалъгицин чаналиго шапакъатги кьуна, гьесул цIарги киназдаго лъала, школлъималазда географиялъул дарсидагицин гьесул хIакъалъулъ бицуна. Гвоздев лъала ралъдахъанлъиялъул интерес бугел чагIазда ва гьесул сверухълъиялъул гIадамазда. Гьездаго гурони Гвоздев ракIалдеги щоларо. Гьединго жеги нилъер гьесие цо гьитIинабгицин монументги бан гьечIо».

МахIачхъала. Евгений Гвоздевасул зани.
МахIачхъала. Евгений Гвоздевасул зани.

Олег Санаевас гьединго бицана жиндида Гвоездев гIан хваликьа хIинкъуларев чи киданиги дандчIван вукIинчIилан. ЦохIо ракьалда хвелалдаса хIинкъун вукIунаанила гьев, кидаго ралъдада хвел бокьун букIанин кколин гьесиейилан ракIалде щвезабулеб буго гьудуласул хIакъалъулъ журналист Олег Санаевас.

(Материалалда хIалтIизаруна журналист Полина Санаевалъул сайталдаса суратал.)

XS
SM
MD
LG