МагъчIваялъе рес

Журналистал ритIухъаб праймеризалда божулел гьечIо


МахIачхъалаялда тIобитIана «Журналистазул хIаял» абураб пресс-клубалъул иргадулаб данделъи. Гьаб нухалда интернеталда гьаркьал кьун тIаса бищун буго гьатIан къоялъ тIобитIизе кколеб «Цолъараб Россиялъул» праймеризалда хурхараб тема.

Журналистазул гIемерисез рикIкIунеб буго, гьенир мекълъаби гьаризе ругин, ритIухъал рищиял рукIине гьечIилан ва гьединго жидецаго бицана щиб гьабизе кколебали гьелда дандечIезе.

Журналистал ритIухъаб праймеризалда божулел гьечIо
please wait

No media source currently available

0:00 0:04:36 0:00
Интернет-мухъ

Иргадулаб журналистазул данделъиялде «Цолъараб Россиялъул» праймериз тIобитIиялъул суал тIасан бищун букIана интернеталда гьаркьал кьуразул гIемерисез ва жалго журналистазеги бокьун букIана гьелъул бицине, щайгурелъул гIагараб гьатIан къоялъ, 22 маялда тIоритIизе ккола жалго партиялъул жанисел рищиял.

Гьел партиялъул рищиял гьаб нухалда тIоритIулел ругоан бищунго рагьараб къагIидаялъ. Гьениб гьаракь кьезе бегьула бокьарав чияс, цохIо партиялъул членаз гуреб. Партиялъул вакилзабаз бицунеб буго, гьелъ рес кьезе бугин хIакъикъаталдаги халкъалда гьоркьоб машгьурлъи ва авторитет бугел чагIи тIатинаризе, партиялъе къваригIун ругин гьединал чагIи жидеда гъорлъ рукIине. Гьебго пикру такрар гьабуна журналистазги. Амма праймериз тIобитIулаго гьел унго-унгоял мустахIикъал чагIи гьенире гьоркьоре къазе толел гьечIиланги бицана.

Мисалалъе, пресс-клубалъул гIахьалчагIаз мисал бачана цо-цо регионазда рищиязда гIахьаллъизе мустахIикъал чагIи гьенире риччангутIиялъул хIакъалъулъ. Гьединго рукIана хIужаби праймериз тIобитIулаго гьенире зулмуялъ тохтурал, мугIалимзаби ва цоги бюджеталъул хIалтIухъаби ритIулел ругилан. Гьединаб гIарз гьабуна Избиркомалде «Справедливая Россия» партиялъ.

Журналист Альберт Эседовас рикIкIунеб буго, гьел хIужаби Дагъистаналдаги ругин:

Альберт Эседов: «Улкаялъул президент Владимир Путиница абуна, праймеризалда букIине кколин эркенаб ва ритIухъаб конкуренция. Федералияб оргкомететалъул нухмалъулев Сергей Неверовасги абуна, партиялъе аслияб жо гурин гьенире рачIарал чагIазул къадар, аслияб жо бугин халкъалъул божилъи. Амма республикаялда рикIкIун батизе буго гьенире гIадамал рачIине гьечIин. Дихъе бугеб информациялда рекъон, бюджеталъулал идарабзе буюрухъ кьун буго гьеб къоялъ партиялъул рищиязде аян. Ахирги гьеб «чIегIераб хIалтIи» гьабулеллъун ккана мугIалимзаби. Гьезда тIадкъан буго жалго рачIине ва лъималазул эбел-эмен рачизе. Щаялиго гьезие гьеб эркенаб къо хIалтIул къолъун лъазабун буго. Дида ракIалде ккола праймеризалъул хIасилал гьарун хадур гIемер рукIине ругин гьелдаса рази гьечIел, ахIи-хIур бахъинабулел чагIи. Ахир къадги лъикIаблъун букIине мурадалда гьабураб хIалтIи бакIалъулал хIакимзабаз рехсараб партиялде гуреб, жибго рищиязул институталде божилъи хвезабизе буго».

«Черновик» газеталъул журналист МухIамад МухIамадовасул пикруялда рекъон, праймериз тIобитIулаго гьарулел мекълъабазул бицунеб буго регионалиялгун федералиял информалатаз гуреб, жибго партиялъул нухмалъулезги. Амма гьанже бугеб политикияб системаялда гьел гIунгутIаби рукIинчIого рес гьечIо.

МухIамад МухIамадов: «Къануналги гьечIеб, эркенаб диванги гьечIеб, рагьараб политикияб конкуренцияги гьечIеб бакIалда цоги политикиял къуватазда данде административияб ресурс хIалтIизабула. Щибха гьабулеб бугеб аслияб партиялъ? Россиялъул гIемерисел политологаз рикIкIунеб буго, киналго улкаялъе нухмалъи гьабизе бокьаразе «Цолъараб Россиялда» жаниб бакI гьечIин. Гьеб гIиллаялъ гIуцIун букIана «РитIухъаб Россия» партия, хадуб гIуцIана Халкъияб фронт, гьанже праймериз ургъун буго. Гьеб буго жидеда жаниса хасал чагIи ратIа гьариялъул хIалтIи».

Гьединго МухIамадовас бицана, праймериз ритIухъаб къагIидаялъ тIобитIизе ккани ва гьеб улкаялъе нухмалъи гьабулеб партиялда жанир мустахIикъал чагIи рукIине ккани, рукIине кколин рагьарал дебатал, гьел рихьизаризе кколин телевидениялдаса, гIуцIизе кколин хасаб, гьеб темаялда хъвадарулел журналистазул пул, кинабго гьабизе кколин рагьараб къагIидаялъ, гьеб мехалъ рукIинин хIасилалги ритIарал.

Цоги журналист, рехсараб клубалда жюриялда жанив вугев Эдуард Уразаевасги дебатал тIоритIулеб къагIидаялъе критика гьабуна. Дебатазул гIахьалчагIаз бицунеб букIана сахав ва бечедав чи вукIине лъикI бугин, мискинав унтарав вукIинегIан. Программа букIана гIаммал лозунгалгун, бицунеб букIинчIо кин гьабизе кколебали гьез рехсолеб хIалтIи, гьелъие гIарац кисан босизе кколебали.

Цоги жюриялъул член, Дагъистаналъул бетIерасул администрациялъул информационнияб политикаялъул идараялъул нухмалъулев Зубайру Зубайруевас бицана, гьеб праймериз бугин цохIо партиялъул иш, гьеб битIун яги мекъи гьабиги гьезул иш бугин, рищиялгун гьел ратIа гьаризе кколин.

XS
SM
MD
LG