МагъчIваялъе рес

Сакъатлъаниги спорт рехун течIезул фестиваль

Республикаялъул батIи-батIиял мухъаздаса, гьединго шагьараздаса рачIарал сахлъиялъе сакъат ккарал гIадамаз гIахьаллъи гьабуна гьениб. Къецал тIоритIана спорталъул чанго батIиял тайпабазда гьоркьоб. Гьединго программаялда букIана кьурди, кечI ахIи гIадаб ихтилаталъул бутIаги. Тадбиралъул ахиралда бергьаразе кьуна баркиялъул кагъталги гьединго гIарцул шапакъаталги. Фестивалалдаса цо-цо лахIзатазул бицунеб буго Юсупов Ашаханица хIадур гьарурал суратазда.

Цойги

XS
SM
MD
LG