МагъчIваялъе рес

ЛъарагIлъи салул авалахъалде буссиналъул тенденция буго


17 июнь тIолго дунялалда ракьал салул авлахъазде свериялда ва бакъуца рухIун, ракъдаллъиялде данде къеркьеялъул къолъун лъазабун буго Цолъарал миллатазул гIуцIиялъ. Дагъистаналда салул авлахъазде сверун ва ракъдаллъун ругел ракьазул къадар гIага-шагар I5 млн. га кколин, гьеб къадарги соналдаса соналде цIикIкIунеб бугин абулеб буго экспертас.

Россиялъул жанубияб рахъалда ракьал регьел тIагIингун, бакъуца рухIиялъ ва ракъдаллъун рукIиналъ бищун асар гьарулел ракьал кколел руго Дагъистаналъул Гъизляр мухъалда ругел гIи хьихьарал ракьал ва Нугъай мухъалъул ракьал. Гьел процессал кколел руго бакъ бухIигун цадахъ, ракьулъа регьел тIагIиналъул хIасиллъун. Амма хутIарал мухъаздаги лъикIаб хIал гьечIила, гIаммаб куцалъ Дагъистаналда 15 млн. га ракьазул бугин гIага-шагар ракъдаллъун ва салуца рахчулелин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Дагъистаналъул Геологиялъул институталъул гIалимчи Залибек Залибековас.

Республикаялда бищун лъикIаб гьечIеб хIал бугила гIодолъиялда, хас гьабун абуни Терекалъулгун лъарагIлъиялъул рахъалда. Гьенир ругел ракьазул аслияб къадар кколила гIи-боцIи хьихьулел ракьал. Бакъ бухIигун цадахъ, ракьулъа регьел тIагIиналъ ва хIухьбахъи гьечIого кидаго хьихьарал гIиял рукIиналъ гьел ругила тIуран ракъдаллъун. Советияб заманаялъ, гьел ракьал лъалъалаанила, гьелда тIадеги соналдаса соналде цого бакIазда кваназе толароанила, гьанжейин абуни, лъалъазе рес гьечIин абун гьел ракьал ругила бакъуца рухIун, ракъдаллъун. Гьелда тIадеги, лъугIизе тун бугила битIун ва пайдагун ракь хIалтIизабиялъул система.

ГIодолъиялда ругел ракьал ракъдаллъун рукIин гуребги, салуца кквейги кколила лъикIал ракьал тIагIиналъе гIилла. Гьеб рахъалъ бищун хIинкъи бугеб бакI кколила Нугъай мухъ. Гьениб гIи-боцIи хьихьиялъги, цадахъго салуца кквеялъги тIагIунел ругила пайдаял ракъул гъатал.

Нугъай мухъалъул гIадамал чанго нухалъ къватIире рахъун рукIана рази гьечIолъиялъул акцияби тIоритIизе, жидер ракьал чIунтун холел ругилан абун. Залибековас баян гьабухъе, хасго квешаб хIал буго Нугъай мухъалъул Кумли ва Уйсалгъан абурал росабазда гIагар. Гьенир гIагар ругила цотIалаяб минаялъул борхалъи бугел салул авлахъал. Гьел росаби ругел рахъалдехун рачIунелги ругила.

Залибек Залибеков: «Хас гьабун Нугъай мухъалда руго 100 азарго гектаралдаса цIикIкIун ракьазул къадар ракъдаллъун ва салуца рахчун тIагIунел ругел. Кумли ва Уйсулгъан абурал росаби салуца тIуран рахчиялъул хIинкъицин буго. Гьел салул авлахъал хьвадудел рукIин гуреги, сали гьороца босун бачIун, ракьал рахчулелги руго. Гьебго бакIалда Ставрополь мухъалдаги руго гьединалго салул гохIал ва авлахъал, амма гьенир гьел хьвадулел гьечIо, гьенир ракьал чIунтизе толел гьечIолъиялъ. Гьениб ракьуде хIалги кколаро Дагъистаналда гIадин, тIаса рахъичIого гIи –боцIи хьихулел гьечIолъиялъ. ГьабсагIат Нугъай мухъалда гьеб процесс чIезабизе тадбирал гьаризе хIажалъи бугин абидал, тIалъиялъ гьел ишазе гIарац гьечIин гьаб соналъин абуна. ГIицIго гIадамазул ва жамгIияталъул чIаголъиялда къеркьезе кколел руго гьелда данде».

Салул хьвади чIезабизе кканани ракьулъ регьел букIинабизе кколин, хер, чIахI ва хIарахъ бижанани ракь цIунун бажарулин баян гьабуна гIалимчияс. Амма гьел ракьал лъалъазе ресал гьечIила, ирригациялъул комплексал чIунтун рукIиналъ.

Дагъистаналда бугеб мелиорациялъул, ай ракьал рагьлидалъун хьезариялъул комплекс кколеб буго ХХ гIасруялъул 50 соназ гIуцIараб ва гьеб яги чIунтун, яги кколел шартIазда данде кколареб буго. Ракьал лъалъалел гьечIолъиялъул хIасилалда 210 азарго га рекьулел ракьазул ракъдаллъун, чIунтун ругин Дагъистаналдайилан лъазабулеб буго Дагъистаналъул Росдал магIишаталъул министерлъиялъ. Ахирал соназ гьел комплексал цIигьариялъе хасаб федералияб программаялда рекъон биччалеб бугила гIарац, амма гьеб хIалтIи 2020 соналде щвезегIан халат бахъунин бицана «Эркенлъи» радиялъе Дагъистаналъул «Минмелиоводхоз» абураб гIуцIиялъул нухмалъулев хисулев Чаниев Бигишица. Гьесул рагIабазда рекъон, гIицIго рекьулел ракьал лъалъазе гурого сурсатал ва ресал гьечIо гIуцIиялъул.

Чаниев Бигиш: «ГьабсагIат лъалъадулеб ригь буго тIад бан унеб. Амма гьанже нижеца лъалъазе къотIи гьабурал ракьал гурого лъалъаларо, щайин абуни, гьанже лъагIан лъалъадизе харж гьабраб лъехъ гIарац босулеб букIун батичIони, гьанже гьеб босулеб буго цогидал регионаздаго гIадин. Сулахъ ва Терек гIор ккола лъалъадизе лъим босулел каналахъе лъим бачIунел аслиял гIорал, амма гьенир лъим гьечIолъиги ккола цо-цо нухъалъ квекIен. ГьабсагIаталда Дагъистаналда бугеб мелиорациялъулаб комплекс буго тIубан цIигьабизе хIажалъи бугеб. Гьел хIалтIабиги гьарулел руго. Хас гьабун Нугъай мухъалда лъалъадизе лъим босула ирригациялъул системаялъул Къаранагъай гIаркьелалдаса. ГIицIго рекьулел ракьал гурого лъалъазе рес гьечIо гьенибги. Кинабниги лъабазарго гектар ракьазул лъалъала нижеца гьеб мухъалда».

Республикаялда ругел лъалъалел ракьазул гIаммаб къадар кколеб буго 394 азарго гектар. Гьел ракьаздасан бахъулеб буго тIолго республикаялда бакIарулеб бачIиналъул 70 процент. Ирригациялъулаб системаялъул каналал ва рахъал ракьулъго рухъун гьарурал рукIиналъ, гьезул 90 процент хIаруца цIурал ва чIунтарал ругила, гьелъ рес гьечIила кколеб къадаралда киналгIаги ракьал лъалъазе.

XS
SM
MD
LG