МагъчIваялъе рес

«Инвалидал къватIахъ, цIогьал рукъзабахъ…»


МахIачхъала. Шагьаралъул центр. Мугъзагьодил проблемаби ругев сакъатав васас хIаракат бахъулеб буго бетIербахъиялъе ресал ратизе
МахIачхъала. Шагьаралъул центр. Мугъзагьодил проблемаби ругев сакъатав васас хIаракат бахъулеб буго бетIербахъиялъе ресал ратизе

ХIалуцараб рагъулаб дандечIей бугеб Шималияб Кавказалда ва хасго Дагъистаналда социалияб рахъалъ гIадамал цIунун гьечIилан рикIкIунеб буго гIемерисел экспертаз ва социологаз. Гьезул баяназда рекъон, ахирал соназда хасго цIикIкIана сакъатал гIадамазул къадар. Гьел цIикIкIиналъе гIилла цохIо социалияб рахъалъ гIадамал цIунунгутIи гуреб, ришватчилъиялда хурхарабги букIин бихьизабулеб буго гьеб суалалда хурхун гьабураб цIех-рехалъ.

Дагъистаналъул Пенсиязул фондалъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулей Шахтаманова Аминаца «Эркенлъи» радиоялъе кьурал баяназда рекъон, Дагъистаналда инвалидазул къадар щибаб соналъ тIадеялдаса тIаде цIикIкIунеб буго. 20ΙΙ соналъул сентябралда Дагъистаналда вукIана 259 050 инвалидав чи, исана 20Ι2 соналъ абуни гьезул къадар бахъун буго 267 357 чиясде, ай, инвалидазул къадар 8 307 гоялъ цIикIкIун буго.

Сакъатав чияс жиндиего пачалихъалдаса компенсанция щвезе ккани тIоцеве гьев ине ккола территориалияб экспертияб комиссиялде, гьез кьезе ккола инвалид вукIин тасдикъ гьабулеб кагъат, хадуб гьеб кагътида бихьизабураб категориялда рекъон бакIалъулаб пенсиязулаб фондалъ чIезабула гIарацилан бицана Шахтаманова Аминаца.

Унтарай эбелалъе гIарац чIезабизейилан Унсоколо мухъалъул Шамилхъала поселокалда бугеб экспертнияб комиссиялде арав Гьонодаса Абакаров МухIамадгIарипида кIун гьечIо гьеб чIезабизе. Гьес бицана эбелалъе пенсия чIезабизе жиндаса гьенир ругел тохтурзабаз 30 азарго гъуруш ришват тIалаб гьабунилан. Ришват хIисабалда кьураб гIарцуда бащдаб гурони гьенисанги щолеб гьечIилан пенсия гьабичIого рехун тун буго МухIамадгIарипица.

Гьонодаса МухIамадгIарип: «Дида гьеб пенсия гьабизе ракΙалдецин ккезе букΙинчΙо гьел тохтураз жидецаго абичΙони. Кин бугониги, щолеб гΙарцудаса зарал букΙинарин Шамилхъалаялде арав дида гьений йигей тохтуралъ абуна пенсия гьабизе ккараб хΙал гьечΙин эбелалъул, щвара-щваразе гьабулеб гΙадат гьечΙин жидер. Дица абуна гьедин батани гьеб гьабизе кколарилан абураб кагъат кьейин дуца, гьебги гьелъ кьечΙо. Хадув регистрация гьабулеб бакΙалде дун щварабго дояса цо яс ячΙана дида хадуй, гьелъ телефоналда хъван бихьизабуна 30 азарго. Гьеб гΙарац кьуни пенсия гьабизе кΙолила жидедайин бицана. Дир эбел гьадингоги пенсиялда йигелъул, гьеб гΙарацги кьун гьелъие тΙаде моцΙие 2 500 гъуруш гурони щоларо, дозие кьураб гΙарац нахъе щвараб хΙисаб кколеб буго. Гьединлъидал тана гьеб къагΙидаялъ, инвалидлъиги гьабичΙо».

Сакъатал чагIазда гъорлъ лъималазул къадарги гIезегIан бугин, ва гьезие пачалихъалъул хасаб программа букIине кколилан бицунеб буго ЛъаратIа мухъалъул гIолилазул комитеталъул нухмалъулев ГIалиев ГIалибегица. Гьес бицана исана санаториялде ритIарал лъималазул ращдал инвалидал рукIанилан.

ГIалиев ГIалибег: «Дица нухмалъи гьабулеб гΙолилазул комитеталда хурхараб хΙалтΙи гьабулаго дида рихьулел руго гΙолилазда, лъималазда гьоркьор инвалидал цΙикΙкΙунел рукΙин. Щай гьедин бугеб абун гьикъани, дир хΙисабалда аслияб гΙилла буго социалияб рахъ лъикΙ гьечΙолъи пачалихъалъ гьабулеб хΙалтΙул. Сакъатал лъималазде пачалихъалъул бербалагьи гΙураб гьечΙо.

Жидее бокьун инвалидаллъун лъугьун гьечΙелъул гъол, гьезие биччалеб гΙарац гуреб, цоги бигьалъабиги гьаризе кколелъул, рокъорго чΙарал гΙадамал жидее гьабги добги къваригΙун бугилан доре гьанире инеги кΙолеб гьечΙелъул гьезда. ГΙарацги кьун, гьезего гьечΙеб инвалидлъиги гьабун ругел чагΙи рукΙуна ахΙтΙолел, рекерахъдулел. Исана нижер гΙолилазул комитеталъ лъебергогΙан чи витΙана санаториялде. Гьезул Ι3 чи рукΙана инвалидал. Дица нахъойги абулеб буго, сакъатал гΙолилал цΙунулеб хасаб программа букΙине ккола пачалихъалъул».

Сахал гIадамаз ришватги кьун жидее пенсия чIезабиялъе шаригIаталъ нух кьолилан рикIкIунеб буго Гъаякент мухъалъул имам Камиль Абу СултIаница. Гьесул пикруялда рекъон, шаргIияб гуреб пачалихъалда гIадамал социалияб рахъал цIунун гьечIо, гьединлъидал, пачалихъалъе магъалоги кьолеб батани, гьелъ гIумру гьабиялъе гIурал шартIалги чIезарулел ратичIони, гьеб гIарац хIалаллъула. Светияб пачалихъалда ругел къануназ бусурбанчиясул ихтиярал цIунулел ратани, гьеб къанун хвезаби лъикIаб гьечIо, амма ихтиярал хвезарулел ратани, къануналда рекъон хIалтIунгтIиялъул гIайиб гьесда тIаде кколарилан бичIчIизабуна Абу СултIаница.

Исана ихдал такъсиралъул хIасилалда хварав Буйнакск шагьаралъул централияб мажгиталъул имам, Бакълъухъа ГIабдулгъафурил МухIамадица пенсиялъул рахъалъ баян кьолеб букIана «Ассалам» газеталдаса. ГIумруялъул бищун берцинаб гIужалъул завалалда вугониги мискинлъиялъ жиндир рукъалъул ункъабго бокIон цIурав, рескъотIиялъ жиндир бетIер хварсарлъиялъе гIоло балканалъул гьан кванаялде иш ккарав чиясе гурони гьединаб гIарац хIалаллъуларин.

Гьединабго жаваб кьун букIана «Миллат» газеталда бахъараб гара-чIвариялда гIалимчи Шагьрурамазан ГъазимухIамадовасги.
XS
SM
MD
LG