МагъчIваялъе рес

Бусурбабазда гьоркьоб питна бекьулеб «лъабабилеб» къуват буго Дагъистаналда


dagestan / Derbent The imam of derbent mosque killed
dagestan / Derbent The imam of derbent mosque killed

Талат къоялъул рогьалил гIужалъ Дагъистаналда чIван вуго Дербент шагьаралъул имам Калимуллагь Ибрагьимов. Такъсирияб лъугьа-бахъиналъул хIасилалда гIумруялдаса ратIалъун руго гьединго чIварасул эменги, вацги. Шагьаралда гIумру гьабун ругезул пикруялда рекъон, имам чIваялъе гIиллалъун букIине бегьула гьесул динияб хIаракатчилъи. «Эркенлъи» радиоялъе жидерго комментарий загьир гьабурал цо-цо дагъистанияз дагьабги баянго рагьулеб буго лъил интересазе гIололъун жакъа Дагъистаналда диниял церехъаби чIвалел ругелали.

ЦIех-рехалъул комитеталъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъ загьир гьарулел гьечIо Дербент шагьаралъул имам чIваялъе рукIарал киналгIаги гIиллаби. Жалго шагьаралда гIумру гьабун ругезул пикруялда рекъон, имам чIваялъе гIиллалъун букIине бегьула гьесул динияб хIаракатчилъи. Такъсирияб лъугьа-бахъин ккана талат къоялъул рогьалил гIужалъ. 49 сон барав имамги, гьесул херав эменги, вацги рогьалил какде рачIунеб заманалда гьезде кьвагьдон руго «Лада-Калина» автомобилалъусан. Лъабалго гьеб бакIалдаго хун руго, тIадекIанцIи гьабурал гьеб параялъго нахъе ун руго.

Нижехъе щварал баяназда рекъон, чIварав имамас нухмалъи гьабулеб букIараб мажгит кколеб буго салафиязул мажгитлъун. Диниял церехъаби чIваялъул тIоцебесеб хIужа гуро гьеб Дагъистаналда. Араб соналъ гьабго октябрь моцIалда чIван вукIана Табасаран мухъалдаса Исрапилов Сиражудинги, Югалъулаб Дагъистаналда ругел бусурбазул рухIияв цевехъан вукIанин гьеван абулеб букIана доб мехалда. Августалъул 28 къоялъ ккана тIолабго Дагъистаналда гуребги гьеб бахун къатIибехунги ругел бусурбабазеги асар гьабураб вахIшияб такъсир. Жиндир баракат киназего щваяв ЧIикIаса СагIид-афандиясул рокъоеги ячIун жийго жинцаго кьвагьизаюна Къурбанова Аминат абурай гIаданалъ, гьейги малъун устарасул рокъор доб мехалъ къадаралде швана кинавниги анкьго чи. Гьаб соналда Дагъистаналъул батIи-батIиял мухъазда чIвана гьединго росабазул мажгиталъул имамзаби. КIалбиччанкъоялда цебесеб къоялъ Хасавюрталда бугеб шигIиязул мажгиталда щалали лъазе кIвечIел чагIи кьвагьдана какде рачIун рукIарал гIадамазде, доб мехалъ кинавниги лъукъун вукIана микьго чи, гьезул кIигоял хванин абун баян кьун букIана хадуб къватIибе.

Жакъа республикаялда лъугьун бугеб захIматаб ахIвал-хIал хисизабун бажарулин бусурбабазда гьоркьобги ахIвал-хIал хисизабун бажарани, дунялалъул бокьараб улкаялдаса кигIанги кутакав гIалимчи вачIаниги гьесухъаги бажаруларин гьаниб маслигIат гьабун, жакъа диналъул вацал цоцалъги рекъон, цадахъ гIодор чIолелги гьечIониян абуна ЭР-ялъе ЦIумада мухъалдаса жамгIияв хIаракатчи МахIмудов ХIажимухIамадица. Амма гьесда кколеб буго гьеб тIоцебе гьедин букIине бокьун гьечIин хIукумалъул нухмалъулезе, щайгурелъул жакъа чIвалел ругин кIиябго рахъалдаса гIадамал. КIиябго гIаркьелалъул вакилзаби цоцаде гьусулеб, гьезда гьоркьоб дагIба бекьулеб лъабабилеб къуват бугин хIалтIулеб.

МахIмудов ХIажимухIамад: «Кисан жиб бачIарабали лъалареб къуваталъ кьабулеб буго нахъасан рахIму гьечIого, кьабулеб буго гIисинаб гIелалъул ццим бахъине, гьезул цоцаздехун рокьукълъи бижизабиялъул мурадалда. Мажгиталда букIа, гьединго цогидаб бакIалда батIалъи гьечIого, бусурбаби тушманзаби гIадин ралагьулел руго цоцахъ. ЧIванкъотIун щив гьев лъабабилев тушман кколевали дида абизе кIоларо, амма хIакъаб жо буго гьес речIчIулеб чIор бусурбабазул рекIелъ щолеб букIин. Жакъа нус-нус чи чIвалевги викъулевги вугеблъи бихьулеб мехалъ щайха хIукуматалъ гьеб биччан тун бугеб, гьедин букIине бокьун батичIони, щайха гьеб къотIизабизе щибниги хIалтIи гьабулареб?»

Диналъул вацаз цоцаде квер борхуларин киданиги, гьел Аллагьасукьа хIинкъулел чагIи кколин, жакъа гьел кIиялго цоцаца чIван лъугIизе бокьараб цо хасал чагIазул мурад бугин Дагъистаналдаян ХIажимухIамадилалда релълъараб пикру загьир гьабуна ЭР-ялъе Гъизилюрт мухъалъул Комсомольское росулъа жамгIияв хIаракатчи Шапиев Рустамицаги. Спутникалдаса балагьун ракьалда бугеб маххул цо гъурущцин балагьизе кIолеб къуваталъул хасаб алат ургъараб Россиялда Дагъистаналъул рохьахъ ругел хъачагъалищин ралагьун бажарулареб. Жакъа салафиялги суфиялги чIвазелъун биччараб гIемераб гIарац бугин хIалтIулеб, гьеб гIарац кваналел некIого пенсиялде ине мех щварал генералзабигун полковникалги ругин. Гьес жиндирго мисалалда баян гьабуна радикалияб исламалъулги тIарикъаталъул нухалда ругел бусурбабиги жиндирго динги гьабун, цоцазе щибниги къварилъи гьабичIого рукIине кIолеблъи.

Шапиев Рустам: «Вацги вацгIалги дир кIиялго уна салафиязул нухдасан. Дунги цогидав вацгIалги руго тIарикъаталъул нухда. Дозул жидерго, нижер батIияб - кIиго мажгит буго гьабсагIат росулъ. Амма какдаса хадур цоцазе саламги кьун цадахъ данделъула ниж, цоцазе ракIалда ругел мурадалги къварилъи-гIатIилъиги гIахьал гьабун рукIуна, цоцазе хIажатаб кумекги гьабула, цоцаздехун щибниги дагIбаги букIунаро. Нижер кIиязулго мурадги ккола Аллагьасе тIагIат гьабун, ккарал мунагьалги чурун къиямасеб къоялъ гьесда цере рацIцIадаллъун рукIине. Гъоз гьабулеб гIамалалдехун дагIба бан дие щай? Гъоз цIалулеб буго Къуръан. Гъозда лъала дие бокьулареблъи КIудиясда хъитIулеб рагIи абизе, гьезги абуларо, дицаги гьабуларо гьезие дандекколареб жо. Цоцазда ниж хъваларо. Хасал чагIазе абуни бокьун буго ниж цоцалъ разаризе, рагъизаризе, цоцаца чIвазе».

Рустамица хадубги тIаде жубана экстремистазул литература Дагъистаналда гьукъун букIин киназдаго лъалин. Амма жакъа МахIачхъалаялда чанго бакIалда эркенго босизе щолин гьеб бокьарав чиясе. Гьединаб литератураялдаса ялъуни дискалда хъваралдасан пайда босарал чагIазул 10 чи чIванилан реццардулел рукIунин низам цIунулел, амма цогидав анцIгояс цIалун хадур гьелги лъугьунел ругин добго такъсирчилъиялъул нухалде. ГIадамал чIвазеялдаса бигьаяб букIуна гурищин экстремистияб нухде ахIулеб литература ялъуни информациялъул цогидал алатал тIагIинари. Дагъистаналда гьабсагIаталда бугеб мисалалъин абуни бихьизабулеб бугин республикаялда парахатаб гIумру букIине ургъунго биччалеб гьечIолъи.

XS
SM
MD
LG