МагъчIваялъе рес

МахIачхъалаялда чIвана рохьил магIишаталъул хъулухъчи


МахIачхъалаялда чIвана рохьил магIишаталъул хъулухъчи 15 апрелалъул къаси хIалтIудаса къватIиве вачIунаго МахIачхъалаялда чIвана Дагъистаналъул рохьил магIишаталъул нухмалъулев хисулев СайгидхIусен ГIумархIажиев.

Амма гьеб такъсир гьесул хъулухъалда бухьинабулеб гьечIо низам цIунулез. Щайин абуни гьев гьенив хIалтIулелдаса гIемер мех букIинчIо. ГIумархIажиев гьеб хъулухъалде тIамун вукIун вуго гъоркьисала августалда. Гьесдеги кьвагьдон тIурун унев чи вихьун вуго ГIумархIажиевасда цадахъ хIалтIулел чагIазда. Абулеб буго гьев чиясул гьумер рохьил магIишаталъул минаялда лъураб видеокамераялде бахъун бугилан. Гьелда рекъон, гьев кколев вуго бейсболкаги лъурав гIолилав. Гьес хIаракат бахъулеб букIун буго гьумер бахчизе. Дагъистаналъул рохьил магIишаталъул нухмалъулев хисулесде щвезегIан ГIумархIажиев хIалтIун вуго "ЧIикIабГЭСстроялда", гьединго Казначейлъиялъул хъулухъалда.
СайгидхIусен ГIумархIажиевасул букIун буго жиндирго бизнесги. Масала, гьев кколаан МахIачхъалаялъул рагIалда бугеб "Пегас" абураб отелазул комплексалъул бетIергьан.
Гьев кколаан Гумбет мухъалъул Игьали росулъа.
XS
SM
MD
LG