МагъчIваялъе рес

«Аваразул рагъулаб тарих» кинаб гьеб бугеб?


КъватIибе бачIун буго тарихчагIи ХIажимурад Доногъоца ва ШагIбан ХIапизовас хIадур гьабураб «Аваразул рагъулаб тарих» абураб тIехь. Гьеб ккола магIарулазул тарихалда жанир рукIарал рагъазул, гьелъул гIахьалчагIазул, рагъулъ гьез хIалтIизабулеб букIараб ярагъалъул ва ратIлил цо-цо хаслъабазул бицунеб тIехь. 10 июналда МахIачхъалаялъул Миллияб басмаханаялда тIобитIана гьелъул презентация.

«Аваразул рагъулаб тарих» абураб проекталда гIахьалъи гьабун буго чанго тарихчияс. Гьел киназулго батIи-батIияб заманалда рахъун рукIарал тарихиял макъалабиги данде ракIарун хIукму кканин гьелъул басма хIадуризеян бицана гьединаб тIехь хIадуризе тIоцебе ракIалде ккарав, тарихчи ХIажимурад Доногъоца

«Аварал ккола умумузухъанго гьезухъе бачIараб, кIудияб даражаялъул рагъулаб культура бугеб халкъ. Гьеб рагъулаб культураялъ аваразул жамгIияб гIумруялъул киналго рахъазда гьоркьосанги ун, кIудияб бутIа лъуна магIарулазул гIадатияб культураялда жанибги ва гьелъул цо-цо рахъал рихьизе бегьула инсанасул дунял бичIчIиялда, фольклоралда, ва диниял хаслъабазда жанибги. МагIарул халкъалъул тарихалда ва маданияталда хасаб бакI кколеб рагъулаб гIелму нус-нус сонаца букIана магIарулазул бихьиназул аслияб пишабазул цояблъун.

СогIаб гIумрудул нухда, рагъулаб гIелму тIокIкIун лъазабиялде хIажаталлъун кколел рукIана гьел, гьелъ жанибе бачун букIана халкъалъул рухIияб къуват»,- илан бицана презентациялда ХIажимурад Доногъоца. Хас гьабун магIарулазул рагъулаб тарихалъул хIакъалъулъ щай гьеб тIехь бугеб, цогидал миллатазулги рукIаралъул тарихалда жанир рагъалилан гьикъидал гьес абуна, тIоцебе бугони тIехьалда тIад хIалтIарал киналго тарихчагIиги магIарулал кколин. КIиабилеб гьелъие бугеб гIилла баян гьабулаго гьес гьадинан бицана.

ХIажимурад Доногъо: «КIиабизе бугони, дида ккола гьелда лъицаниги дагIба баларилан, рагъулаб ишалъул рахъалъ магIарулал цогидал миллатаздаса кидаго рукIана цере, гьеб гьезул тарихалъул тIамчида жаниб бищун гвангъараб хIучч ккола. МагIарулал гIахьаллъана рикIкIен гIемерал рагъазулъ. Кавкзалъул рагъул аслиял лъугьа-бахъиналги ккана магIарулазул ракьалда, мисалъе рехсезе бегьула СалтIа, ЧIохъ, Хьаргаби, Гъуниб ва АхIулгохIалда ккараб тарихияб къеркьей. Дица цебехун абухъе магIарулазул тIолабго тарихалда гьоркьосанги ун, гьезул рукIа-рахъиналда, маданияталда, этнографиялда ва цогидабги бутIаялъулъ рагъулаб ишалъ гIахьаллъи гьабичIеб бакI гьечIо».

Гьеб тIехь бикьун буго чанго бутIаялде ва гьеб щибаб бутIа мустIахикъаб бугин тарихчагIаз батIаги босун гъварилъуде раккун гьелъул хал гьабизеян абуна ХIажимурад Доногъоца хадубги.

Тарихалда жанир магIарулаз гьарулал рагъулал дандечIеязе бергьун кIудияб къимат кьуна тIехьалъул авторазул цояв, тарихчи ва «Аваразул миллиябгун маданияб автономиялъул» нухмалъулев хисулев Маркъо ШагIбановасги. Гьесул рагIабазда рекъон, гьоркьехъел ва анцIила микьабилеб ва анцIила ичIабилеб гIасрабазда магIарулаз рагъулъ бихьизабураб гьунар такрар гьабун бажарун гьечIо дунялалъул бокьараб пачалихъалда.

Маркъо ШагIбанов: «ВатIаналде бугеб рокьи нахъе реханиги, Кавказалъул рагъулъ магIарулаз бихьизабураб бажариги, бергьун кIудияб бахIарчилъиги цIакъго кIудияб букIана. Щай абуни гIурусазул армия доб заманалда букIана тIолабго дунялалда машгьураб, кIудияб къуват. 18I2-18I4 соназда, тIолабго Европа накалда ккезабураб Наполеонил армия гьез щущахъ биххизабуна, гьевги тахидаса рехана. Гьелъул кьучIалда нилъеца чIванкъотIун абизе бегьула анцIила ичIабилеб гIасруялъул тIоцебесеб бащалъиялда, тIолабго Евразиялда ва хIатта дунялалдацин гIурус армиялдаса кутакаб къуват букIинчIо. Дида ккола гьеб бакIалда дида тIад рекъелин бокьарав тарихчиян.

Гьебго заманалда байбихьана магIарулазулги дандечIей гьанибе бачIунеб гIурус армиялде данде. Гьениб магIарулаз рихьизарурал гIадаб бахIарчилъиги, бажариги цогидалги тIокIлъаби лъилниги рукIинчIо. Гьеб гуребги антиколониалиял рагъазулъ магIарулаз бихьизабураб бахIарчилъиги, рагъулаб сурсат хIалтIизабиялъе гьезул букIараб гIадаб махщелги цогидал улкабазул рагъухъабазул букIинчIо. АнцIила ичIабилеб гIасруялда рукIарал антиколониалиял рагъазде балагьизе ккола нилъ, Кавказалъул рагъулъ имаматалъул заманалда магIарулаз бихьизабураб къеркьеялъе къимат кьезе кканани. Гьединлъидал анцIила ичIабилеб гIасруялда дунялалъулго тарих босаниги, магIарулаз гIадин колониалиял империязде дандечIей гьабун лъихъаниги бажаричIо».

Гьеб тIехьалда кьун руго Аваразул «Сарир» абураб пачалихъалъул хIакъалъулъги, ГIумахан Нуцаласул заманалда магIарулаз мадугьалихъ ругел ракьазде гьарурал тIадекIанцIиязул, Кавказалъул рагъалъул тарихалъул, машгьурав Шамилил наиб ХIажимурадил хIакъалъулъги цо-цо баянал. Гьениб гIурусазул армиялъул офицерзабазцин кIудияб къимат кьолеб буго магIарулазул рагъизе бугеб гьунаралъе. Аваразул тарихалда «бо» ва «болмацI» кин бижарабили бицунел хIужаби, Шамил имамасул аскаразулъ рукIарал «муртазекал» абурал хасал рагъухъабазул тарих, рагъулъ магIарулаз хIалтIизабулеб букIараб ярагъалъул ва гьел гурел цогидабги рагъулаб тарихалъул хIужаби гIатIидго рагьун руго гьеб басмаялда. МагIарулазе кидаго хасиятал рукIана рагъулъ загьир гьабулеб бахIарчилъиги къохIехьейги, гьеб кинабго цолъун букIана унго-унгояб магIаруласул хасияталда.

XS
SM
MD
LG