МагъчIваялъе рес

МахIачхъалаялда ракIалде щвезабуна Чернобылалъул балагь

Чернобылалда атомалъулаб электростанциялда авария ккаралдаса 30 сон ана. Гьелда хурхун МахIачхъалаялда тIобитIана ракIалдещвеялъул митинг. БатIи-батIиял соназда авария ккараб бакIалда хIалтIулел рукIарал дагъистаниязул нусидаса цIикIкIарав чияс гIахьаллъи гьабуна гьеб тадбиралда. Гьединго гьенире рачIун рукIана гьезул лъималазул лъималги, лъалел-хъвалелги, гIага-божаралги. Гьенир суратал рахъана нижер мухбир Юсупов Ашаханица рахъарал суратаз.

Цойги

XS
SM
MD
LG