МагъчIваялъе рес

Таржама гьечIел суалал ва политика


Дун росулъ вугеб мехалда бицунаан, цо институт лъугIичIев чи байбихьул классазул дарсал кьезе тIамигун, лъималаца толев вукIун гьечIо суалал кьун. ТIехьалдаса, словараздаса захIматал гIадинал рагIабги рищун, гIакъуба кьолеб букIун буго гьаб рагIул магIна щибилан.

ГIураб даражаялда гIурус лъаларев гъаримав мугIалимас абулеб букIун буго: "Лъимал гьаб нилъер авар мацI буго мискиииинаб мацI, жиндир мискинлъиялъ авар мацIалда кIолеб гьечIо гьеб гIурус рагIи буссинабизе. Гьеб рагIуе перевод гьечIо", - ян. ХIасил калам, ихададе цIалдохъабазулгун мугIалимасул таржама гьечIел рагIабазул гIун буго бащдаб тIехь.

Таржама гьечIел суалал ва политика
please wait

No media source currently available

0:00 0:04:45 0:00
Интернет-мухъ

Гьев таржама лъаларев мугIалимги гьесда лъаларел рагIаби ралагьулел лъималги ракIалде рачIунел руго дида жакъа республикаялда ва аб бахун къватIибехун лъугьа-бахъунеб ва политикияб ахIвал-хIал бихьарабго. ЦIакъ гIемерал суалал руго жакъа, гьадав мацI лъаларев учителасул гIадин, перевод гьечIел. Ай, нилъер гIакълуялъ баян кьезе кIоларел, щай ва сунца гьал гIадамал рачараб гьаб хIукмуялде абураб суалалъе жаваб гьечIел.

Араб анкьил бищунго аслияб ва федералияб даражаялда хъуй гьабураб суаллъун лъугьана Чачаназул Шарой районалда бугеб Кванхи росулъа магIарулав Рамазан Жалалудиновас жидер гьечIел шартIазда хурхун ва миллияб рахъ хIисабалде росун жал къварид гьарулел ругин В. Путинихъе гьабураб хитIаб. Хадусел къояздаго гьениве Рамзан Къадировги вачIун тIобитIана данделъи.

Рамзаница рагIи кьуна гьаб сон Шарой районалъул сонлъун лъазабизе ва кIварабщинаб гьабизе, гьениб социалияб инфраструктура ва шартIал гIуцIизе. Жамалудиновас хитIаб гьабизегIан гьеб гьабизе сунца квал-квал гьабулеб букIарабин Рамзанида лъацаха гьикъилеб? Амма данделъиялда рукIарал гIадамаца цо кIалалъ гIадин абулеб буго, Жалалудинов гIабдал вугин, цогидаз террорист вугин. Батани, щайха гьесул тIалабалда рекъон росаби къачIалел ругелали кинго бичIчIуларо. Чанго къоялдасан цIа гъун минаги бухIун гьесул хъизан-лъимал хъамуна гьениса нахъе. Чачаназул версиялда рекъон, гьеб Жалалудиновас жинцаго гьабун рагIула.

Гьеб лъугьа-бахъиналда хурхун социалиял гьиназда аслияб чороклъи тIолеб букIана Дагъистаналъул официалияб тIалъиялде, тIалаб гьабулеб гьечIин ракьцоясул абун. Гьебго сордоялъ Рамазан ГIабдулатIиповас баян кьуна" "Рамзан Къадировгунги кIалъана, Чачаналде Дагъистаналъул официалияб делегацияги битIана, рукъ бухIиялда хадуб цIех-рехалъул идарабаз хIалтIи гьабизе буго", - ян. Рамазан Жалалудиновасеги суал роцIцIинегIан гIумру гьабизе бакI балагьизе тIад къан рагIула ГIабдулатIиповасул рагIабазда рекъон. Гьеб гIечIо нилъеразе, какулев вукIана нахъойги ГIабдулатIипов.

Щиб гьабизе къваригIун, аскаргун Къадировасда тIаде инейищ? Гьеб суалалъе дие кинго жаваб щвечIо. Цойги жаваб щолареб суаллъун лъугьунеб буго ахирал соназда тохлъукьего бижун бачIараб гIадамазул хъулухъазулал амбициял, тахбакIазда хиял лъей. Жакъа бокьарав чиясда къотIноб абуни, мун гьадава ХъахIаб рокъове ахIулев вуго министрлъун тIамизе абун, гьев тIири щаклъи гьечIого векерула гьеб министрлъи гьабизе.

Мэрлъун инеги нахъе къаларо, депутатасул мандат щибго гуреб жо лъугьунеб буго. ХIатта Пачалихъияб Думаялъул депутатасулцин, гьенире къачIарал гIадамал рихьарабго. Росулъ рищиязда къурал унел руго республикаялъул парламенталде, республикаялъул парламенталде рорчIичIеца хъат балеб буго Пачалихъияб Думаялда. КIала-гъоркье чIвазехъин буго гури кинабго. Щайин бегьилареб парламенталда пуланав чи, батIаго гьесда цере рукIарал ва жакъа ругел гьесдаса лъикIалищ ругелин абила гIемерисез. ГьечIо, жакъалъизегIан гьенире 90 абилел соназул бандитал ун рукIун ратани, гьеб бандитлъиги дол соназда гIемер бигьаяб жо букIинчIелъул.

Бокьараб лахIзаталда нодо бакьулъ жоги речIчIун чIвазе рес бугел чагIи хIинкъичIого къеркьана жидер чед-хинкIалъе гIоло. Жакъаги гьеб чияхъе кьеларин къвакIунги чIун руго. Гьелъул магIна кколищ гьел хисизего бегьуларин абураб? Кколаро, гьел хисизе ккола жамгIияталъул тIалабазда рекъон гIелмуги цIаларал, лъайги бугел гIадамаздаги гьоркьор къадруялдаги ругел чагIаца.

Киналалиго политикиял хIаязул хIаркатчагIаз ургъараб макруялда ва сценариялда рекъон гурел, бацIцIадаб нигаталда ва рагьараб программаялда рекъон. Москваялъул жуликаз жидер интересазе гIоло тIамун гурел, халкъалъ гьарун. Гьезул бацIцIадаб бугин мурад ва къасд абун цояз абулеб буго, гьечIин цогидаз бичIчIизабулеб буго, хIакъикъат ТIадегIанав Аллагьасда лъалеб батила.

Гьеб киналдаго гъорлъ бусурманал щал, капурал щал ричIчIуларого суалал кьурав чиясе, гьадав нижер мугIалимасул жаваб кьун толеб буго. "Гьаб нилъер мискинаб авар мацIалда гьелъие перевод гьечIо", - ян. Нилъ хадур гъолареб жо гIемераб букIун буго, нусго пикру, азарго хIисаб.

Хабар лъикIаб рагIайги.

======================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG