МагъчIваялъе рес

Бикъун бичулезе баккараб бакъалъ ...


Апрелалъул ахиралда Дагъистаналъул энергосбыт компаниялъ кьурал баяназда рекъон, республикаялда цебе рагIула 18 миллиардгун 253 миллион гъурущ налъи токалъул гIарцул.

Гьениб жаниб буго юридическиял лицаби - пачалихъалъулги, пачалихъалъул гурелги идараби. ТIоцересел хас гьабун федералияб бюджеталдаса батаниги, республикаялъул бюджеталдаса батаниги гьеб токалъухъ кколеб гIарац жидее бихьизабурал.

Бикъун бичулезе баккараб бакъалъ ...
please wait

No media source currently available

0:00 0:04:48 0:00
Интернет-мухъ

КIиабилел - жидерго сурсатаздаса гьеб гIарац кьезе кколел. Гьелда тIаде гIадамаца жидерго рукъзабахъ бухIараб токалъул гIарацгиха. ГIадамалгун хасал чагIазул фирмабини тела, ал пачалихъалъ жидее токалъе бихьизабураб гIарацниги кьоларел чагIи щалха? Щай гьеб гIарац кьолареб? Гьеб буго тIубанго пачалихъалъул гIаммаб организмаялда жаниб щибаб клеткаялде гIунтIун коррупциялъулги, цIогьодиялъулги, хIалаллъи хIарамлъи балагьичIого гIалам гIарцуда хадуб лъугьиналъулги унти ккуун букIин бихьизабулеб гIаламат.

Щайха гьеб налъи 18 миллардалдаса тIаде инегIан хутIараб? Гьелъул хъаравуллъи гьабулев чигойищ вукIинчIев абун бачIунеб буго суал. Щайгурелъул ток бичулесеги, бухIулесеги, гьелда хадуб хъаравуллъи гьабизе тарасеги киназего гьединаб ахIвал-хIал санагIатаб букIун. Такъсирчилъи, цIогь, ришватчилъи тIегьала гьеб гьабулесеги гьабизе гьукъизе тарасеги кIиясего гьеб санагIатаб бугеб мехалда. Гьелъул хIасилалда лъугьараб жо буго гьадаб 18 миллиард.

Гьебго ахIвал-хIал рагIула газалда хурхунги. Социалиял сетаздаги халкъалда гьоркьобги хабар тIибитIун букIана 2013 абилеб соналъ "Регион газалъул" нухмалъулев хисарабго гьеб хъулухъалъухъ Москваялде 500 миллион гъурущ кьун бугин. Нагагь гьеб гIарац кьун батани кисаха гьеб хъулухъалда тарав чиясе гьеб тIад буссун щвезе кколеб?

Гьелго гьереси отчеталги кьун контролераз мешокаца бакIарулеб гIарац нахъе лъунха. БатIияб нух гьечIелъул. Гьебго жо букIинарищха токалъулги. ТIокIаб чIечIого информациялъул алатаздаса цере рахъунги, хIукуматалъул данделъабаздаги, парламенталъул сессияздаги бицунеб буго Дагъистаналда бугеб токалъул ва газалъул налъиялъул. Щибха гьениб кколеб бугеб?

Гьеб токалъул гIарац бакIарунгутIиялъул бицине сессиялде вачIунев вуго токалъухъ бакIарараб гIарац кассаялде кьечIого гьелъухъ босараб джипалда рекIарав хIаким. Гьесие рагIи кьолеб буго жинцагоги токалъулгун газалъул гIарац кьоларев чияс, гьесухъ залалда гIенеккунги руго киналго кIалтIе контролер къазе толареб къапила, гьеб кинабго халкъ ургъулеб буго капек кьечIого щибдай гьабун лъикI налъиялда абун. Нилъер киназдаго ракIалда батила МахIачхъалаялда мэрлъун СагIид Амиров вугеб мехалда гьеб токалъул сетал гьес ОАО "Дагъэнергоялъухъаги" рахъун жиндир кверщаликье ракIарун рукIана. РакIалде батила Пятигорскалъулгун МахIачхъалаялъул рагъги, нужер налъи бугин дол, кьоларого ал.

Ахирги гьеб масъала МухIу президент вугеб мехалда В. Путинида цеве лъун гьесул Амировасде букIараб гьужумги, машгьураб калима "Где деньги, Зин?". Доба живго В. Путиница абуна: "Дихъе щварал баяназда рекъон дагъистанияз кIудияб ресалда жалго гьечIониги 95 проценталде гIагарун гIарац кьолеб рагIула" - ян. ГIажаибаб хIалтIи, гьеб хIакъикъат лъаниги хисизабичIо живго Путиницацин гьеб токалъул гIарац кьунгутIи чиновниказе санагIатаб букIунеб къагIида.

Цо росдал колохъа Москваялде щун лъугьун буго коррупционияб къагIидаялъул вертикаль. Кагътазда цо, хIакъикъаталда цойги хIакъикъат. Гьеб кинабго лъугьун буго пачалихъ гъорлъ жубараб бакI букIун. АзарцIул такрар гьабила гьеб пикру - пачалихъ бугебщиналъуб буго бюрократия, цIогь, ришватал ва корупция. Масала, кин токалъул гIарац бакIарилареб гьелда хадуб хъаравуллъи кквезе тарал чагIазе бакIарараб гIарцуда рекъон гуреб цо капек харжги кьечIони, хасаб комиссияги гIуцIун цадахъ органалгун цо лъагIалида жаниб министрасдаса сантехникасде щун щибаб рукъ учеталдеги босани? Щай гьабулареб гьедин? ГьабунгутIи санагIатаб букIун. Бикъун бер къанщичIого. Гьезие битIунги буго яшав.

Поэтас абухъе: "Бикъун бичулезе баккараб бакъалъ, ракъвазарун рекьичIел хурзал...". Батани, щибаб площадкаялда гIарац кьолеб гьечIин нунудиялъул магIна щибха? Нужеца кванараб гIарац пачалихъалъухъе щун гьечIин халкъалда ккараб гIайиб щиб? Адресат къосун вуго, кин букIараб доб "Маймалакги матIуги" абураб баснялда. "...Дудего битIе квер тIубала хIалтIи", - ян гурищ? ГIарац араб бакI балагьулеб батани, цере нужерго конторазухъ цоцахъ ралагье, цIакъго мухIканлъизе бокьани - матIуялда жанире.

Хабар лъикIаб рагIайги.

======================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG