МагъчIваялъе рес

ГьоцIо - мохмохалде, нах - тIатIиялде...


РИА Новости. Владимир Федоренкол сурат.
РИА Новости. Владимир Федоренкол сурат.

Машгьураб кинофильмалда бандитаз, кинха нилъеца гIумру гьабизе бугеб жакъаялдасаян гьикъарабго актер Евгений Матвеевас жаваб кьолеб буго: "Намусалъ малъухъе..."- ян. Гьеле гьеб "намус" абураб жо буго хъвадарухъабаца тIахьазулъги, дибирзабаца вагIзаялъулъулъги, гIадамаца жидедаго гьоркьобги цIакъ гIемер хIалтIизабулеб жо. Я балагьун бихьулареб, я квашун батулареб, щивасда жиндирго къагIидаялъ бичIчIулеб.

Республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас машгьурав гIурусазул классик Федор Достоевскиясул "Берцинлъиялъ хвасар гьабизе буго дунял" абурал рагIаби жакъасеб гIумруялда данде кколареллъун рикIкIана. "Берцинлъиги бичун босулеб жо батана. Дица абилаан батIайиса, намусалъ хвасар гьабизе буго дунял абун. ЦохIо гьеб "намус" абураб категория буго бичун босулареб. ХIалтIизе ва гIумру гьабизе ккола намусалда рекъон".

Лъица гьеб пикруялда дагIба балеб, щив гьалда рекъеларев, магIарулаца абухъе гьаб пикру бокьичIесул бокьобе гIазу байги. Рамазаница жинда республика батараб ахIвал-хIалалъул бицунаго гIемер абуна Россия В.Путинил нухда цебе тIуниги, Дагъистан жеги феодализмалъул хомуталда гъоркь батанин ва жинца хIалбихьулеб бугин хвасар гьабизеян. Бокьунищ гьечIебали нилъее "хвасарлъизе", щаялиго гьеб хIалалде республика бачарал хъурмал гурони цIиял чагIи тIалъиялда къанагIат гурони рихьулел гьечIо.

Кин бугониги Рамазан ГIабдулатIиповас къабул гьабураб, къватI-къватIазда биял тIолеб, кьвагьи къотIараб къо гьечIеб Дагъистанги, жакъасебги кIиго батIияб Дагъистан буго. Гьесул нухмалъиялда кIвана флешкабазул ва бандитазул "магъалоялдаса" бизнесгун чиновникалги, чIвай-хъвеяздасагун терроаралдаса республикаги хвасар гьабизе, экономикаялъулъ кIудиял бергьенлъаби гьечIониги. ХIинкъигьечIолъи цIуни букIана гьев гьаниве витIулаго тIоцебесеб масъала ва гьеб тIубан букIин нилъеда бихьулеб буго. Ирга щвана цIиял масъалабазде.

Гьеб рахъ бихьуларев ва хIаларев чи беццавги, гIинкъавги вукIине ккола. ХIасилал руго, амма бетIерас республика ахIулеб букIараб "намус цIуни" абураб жоялъул рахъ рекъдулеб букIинги якъинаб жо буго. Цониги гьеб ахIиялда рекъон бикъулеб гIарцуе, босулеб ришваталъе, рихьдае цебе реххулеб буголъиялъе гIурхъичIвай гьабуравги, кантIарав чиги дида рагIичIо. Нилъ бецIлъукь рукIаго канлъуде ва кантIиялде бачIараб Россияги гьебго даражаялда ва гьелдасаги гъоркьегIан бугин ккола.

Ришваталги, цIогьги, гьекъолдиги, хъахIбалъиги, кIудиязул адаб тейги, умумузул тарих кIоченги гьанибе бачIана Россиялдаса - зодоса, гIодоса, маххул нухдаса, ай гIурус нухдаса. Москва кидаго букIана ва буго регионазе мисаллъун. ЦIадаса ХIамзатица хъварал, "дир рекIел тел буго тахшагьаралда..." абурал мухъал гIадада рижарал жал гуро. Кинха бугеб доба гьеб цо намус абураб жоялъул рахъ? Россиялъул экономикияб цебетIеялъул министр Алексей Улюкаев абурав чиясе суалал кьолел руго В.Познерица, бачIунеб соналъул Россиялъул лъагIалил бюджеталъул хIакъалъулъ.

Гьениб бицараб хабаралдаса баянлъулеб буго 20I6 абилеб соналъ лъагIалие рагъулаб бюджет цIикIкIинабун буго 170 миллиардалде щун. Гьебни Сирия, Украина къватIиса тушбаби, жаниса соладатал ва гьезие харжал абун тела. Экономикияб кризисалда бан пенсиязул индексация гьабизе рагIуларо 4 процент гурони, материнский капиталалда тIаде цо капек лъезе рагIуларо. Гьадингоги нахулъ тIерхьараб Пачалихъияб Дума хьихьизе гIарац цIикIкIинабун буго 40 проценталъ, жалго депутатазе харж кIиго нухалъ.

Гьаб сагIаталда Думаялъул депутатасул харж буго моцIие 450 азарго гъурущ, бачIунеб соналъ гьеб букIина миллионалде гIагарун 900 азарго гъурущ. Гьеб гIарац кьола цо ахирисеб кьерда кьижарав товарищасе, Москваялда квартираги, чIобого лечениегун транспортги, миллиардаца пачалихъалъухъа гъоркьгоги бикъараб гIарцуда тIаде. Гьеб ахIвал-хIалалда гIолохъанал хъизамазул капиталалде тIаде капек лъолеб гьечIо, пенсионерасул 10000 тIубачIеб суммаялде 4 процент.

Гьеб буго жакъасеб Россиялъул власталъул намусалъе лъураб диагноз. Гьел чагIаца нухмалъи гьабулеб буго улкаялъе. ТIубараб улкаялда бищунго загIипал, мискинал, социалияб рахъалъ цIуничIел чагIазул чахьазда рачелги къан, жидеего санагIалъи гьабулел руго "намусалъул асирал", нилъее канлъигун хинлъи бачIунеб тахшагьар. Гьеб тайпаялъул рахъалъ Расул ХIамзатовасул мухъал рукIана:

"Гьезул Бурбулисал гIинде шуршулел

ГьоцIо - мох-мохалде, нах - тIатIиялде.

Гьезул Шахраяца хъварал законаз

Цо хъизан хьихьулеб тIолабго улка..." - ян.

Цо дибирасда мун щай цIогьодулев нижее вагIзаги гьабун абурабго гьес абун буго, нужеца дица гьабулеб гьабуге, дица абураб гьабеян. Хабар лъикIаб рагIайги.

------------------------------------------------------------------------------------------------

Эркенлъи Радиоялъул пикру авторасул пикругун дандеккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG