МагъчIваялъе рес

ЦIияб идара, цебегосеб проблема


ГIавухъ мухъ цIигьабиялъул идара гIуцIиялъулъ цо-цо хIакимзабазул финансовияб интерес букIине рес буго

Дагъистаналда ЦIияблак мухъалъул бакIалда чачан миллаталъул чагIаз гIумру гьабулеб ГIавухъ мухъ цIигьабиялда тIад хIалтIулеб хасаб идараб гIуцIулеб буго республикаялъул хIукуматалда. Щиб гьелъ кьезе бугеб анцI-анцI соназ халатбахъараб процесс рагIалде бахъинабиялъе, щай район гIуцIун бахъунареб ва гьабсагIаталда кинаб хIалтIи гьабулеб бугеб?

Дагъистаналъул хIукуматалда гIуцIараб цIияб идараялъул хIалтIи букIине буго ЦIияблак мухъалда ругел тумал цIияб бакIалде гочинари ва гьелъул бакIалда ГIавухъ мухъ гIуцIиялъул хIалтIи гьаби. Цебеккун гьеб хIалтIи гьабулеб букIана республикаялъул экономикаялъул министерлъиялда бугеб цо бутIаялъ. Дагъистаналъул бетIерасул буюрухъалда хъван буго, гьединаб хIукму гьабун бугин гьеб хIалтIи лъикI гIуцIиялъул мурадалда.

Кинаб хIалтIиха гьеб идараялъ гьабулеб бугеб гьабсагIаталда, щай гьеб идара цIигьабун гIуцIулеб бугеб абураб суал кьуна «Эркенлъи» радиоялъ рехсараб идараялъул хIалтIухъан Шавхалов СултIание. Гьес абуна, цебеккунги ХIукуматалъухъ букIанин гьеб суал.

2014 соналъ экономикаялъул министерлъиялде кьунин, гьеб экономикияб суал бугилан. Гьанже абуни, гьеб политикияб суал бугин, нахъойги ХIукуматалде кьолеб бугин.

Шавхалов СултIан: «ХIакъикъаталда, гьеб суалалда тIад хIалтIизе ккола ХIукумат. Къануналда рекъон гьеб республикаялъул ХIукуматалда тIад къан буго. Гьелъие бихьизарубаб гIарацги уна гьебго идараялдаса. Амма ХIукуматалъ гьеб босизеги босун цоги идараялъухъе кьуни, гIарацги добе инарищха.

Гьединлъидал, гьаб буюрухъалда хадуб хIалтIи лъикI гьабиялъул гуреб, гIарац ккараб бакIалде буссинабиялъул мурад батизе рес буго. Нижер идараялъул аслияб хIалтIи буго киналго репрессиязде гъоркье ккаразул хъизаназул сияхI гьаби, гьезул ирсилал тIатинари. Пачалихъалъ киназего кьоларелъул гIарац. Мисалалъе, доб мехалъ цо хъизан гочинабун букIун батани, гьанже гIарацги кьола цохIо хъизамалъе, ай гьезул ирсилазе.

Чанго ирсилал ругони нижеца хIаракат бахъула къануналда рекъон гьеб щвезе кколев чиясухъе щвезабизе. Гьеб гуребги, хал гьабула кигIан зарал ккарабали ва гьелда рекъараб къимат кьола гIадамазе. ГIаммаб къагIидаялъ ГIавухъ мухъалда нижер сияхIалда рекъон реабилитация гьабизе кколеб 3449 хъизан буго».

ЦIияб идара гIуцIиялдалъун гьеб хIалтIи хехго унаро. Гьеб гIага-шагарго батизе буго лъиего къаригIараб жо, гIарцуда тIад кверщел гьабулев чи хисулеб къагIидаян рикIкIунеб буго тумазул жамгIияв хIаракатчи Будайчиев Камалудиница. Гьес абуна, гIагараб занамалда гьеб идараялъ гьаризе ругел ишазухъ балагьун лъазе бугин лъие къваригIун бугебали гьеб экономикаялъул министерлъиялдаса батIа гьабизе.

Гьединго Будайчиевас бицана, пачалихъалъ киналго компенсациялде хIажатал чагIазе гьеб кьолеб гьечIилан ва гIемерисеб мехалъ гIарац хасал чагIазул чвантабазухъе кколеб бугин.

Будайчиев Камалудин: «Гьеб процессалъул жаваб кьолел чагIазул гIайибалъ гIемер жо хвезабун буго. Документазда хъван буго, мисалалъе, 750 рукъ базеги бан ЦIияблак мухъалдаса гочарал тумазе МахIачхъалаялда аскIоб кьун бугилан. ХIакъикъаталда абуни, гьел рукъзал руго бокьахъе рарал, гIунгутIиял ругел. Къануналда рекъон гьенире гочунел чагIаз гъулбасун гьел къабул гьаризе ккола.

ХIукуматалъ абуни гIадамалги гьеб ишалдаса рикIкIад гьарун, гъулбасалги жидеего бокьахъе гьарун, рукъзал ран лъуг1ун ругилан Москваялде баянал кьун руго. Хвезарун руго киналго инструкциял, рукъзал руго цоял мекъи рарал, цоял гIураб къадаралъул гIатIилъи гьечIел, борхалъи гьечIел. ГIунгутIаби цIакъ гIемер руго.

Рукъзал ралеб фирмаялъ гьел ран руго бищунго учузаб материалги хIалтIизабун. Гьезул баяназда рекъон, жеги 650 рукъ базе ккола. Амма нижеца гьарурал хIисабазда рекъон, бищун дагьаб 1000 рукъ базе ккола».

Будайчиевасул рагIабазда рекъон, ХIукуматалъухъе гьеб идара кьей гуро аслияб жо, аслияб буго документал рекъезари, хIажалъи ккаразул сияхI цIигьаби. 1991 соналъ гьеб программа къабул гьабуралдаса нахъе цIияб гIел гIун буго, доб мехалъ гьарурал лъималазул гьанже жидерго лъимал ругилан бицана гьес.

Лъалеб букIахъе, ЦIияблак мухъалда ругел тумал гочинарун гьениб чачаназ гIумру гьабулеб ГIавухъ мухъ гIуцIизе хIукму гьабун букIана 1991 соналъ. Гьелда рекъон 5 азарго хъизан гочине кколеб букIана Хъумторхъала мухъалде, МахIачхъалаялъул шималияб рахъалде. Гьеб процесс жеги лъугIун гьечIо. ГIавухъ мухъалда ЦIияблак абун цIар лъун букIана 1944 соналъ гьенисан чачаназул депортация гьабун хадуб.

Гьенире гочинарун рукIана Лак ва Кули ва Гумбет мухъалъул гIадамал. Гьеб мухъалъул кIиго росу кьун букIана Казбек мухъалде, Калининаул ва Ленинаул абурал цIаралги кьун. ГьабсагIаталда 33 азарго чияс гIумру гьабулеб буго ЦIияблак мухъалда вуго 14 азарго чи тумазул, 8 азарго – чачанал ва 6 азарго чи – магIарулал.

XS
SM
MD
LG