МагъчIваялъе рес

Новолак мухъалда пасалъи гьабун буго ракьул 250 гектаралъе


Кубасаев Къурбан
Кубасаев Къурбан

Монополиялда данде чIараб федералияб хъулухъалъ тIатинабун буго Новолак мухъалда ракьазе пасалъи гьабун букIин. Гьеб тIатинабиялъе квалквал гьабулеб букIун гьеб хъулухъалъ кумекалъе ахIун руго хIинкъигьечIолъи чIезабиялъул хъулухъазул хIалтIухъабиги. Амма ракьул 250 гектаралъе пасалъи гьабурав Новолак мухъалъул нухмалъулесда тIадкъотIун буго гIицIго щуазарго гъурщил гIакIа. Гьедин бицана 20 августалда МахIачхъалаялда тIобитIараб пресс-конференциялда.

Ахираб кIиго соналда жаниб Новолак мухъалъул нухмалъулес къанунги хвезабун ракьул 250 гектар бикьун батун буго батIи-батIиял мурадазе гIоло.

Гьедин бицана 20 августалда МахIачхъалаялда тIобитIараб пресс-конференциялда. Гьелда гьоркьоса 215 гектар кьун буго росдал магIишаталъул мурадалда. ХутIараб ракь кьун буго минаби разе. Гьел минаби разе кьураб ракь буго Каспи ралъдал рагIалда Новострой абулеб бакIалда. Гьеб ккола Новолак мухъалдаса гIадамал гочинаризе чанго анцI-анцI соназ цебего Дагъистаналъул тIалъиялъ бихьизабураб бакI. Щайгурелъул чачаназ дагIба балеб буго гьелда, цо заманалда ГIавухъ мухъ абун жидер кверщаликь бугеб мухъ букIанин гьебилан.

ПалхIасил, жидер мухъалда ракьал бокьа-бокьухъе рикьа-къотIулел ругилан гIарза монополиялда дандечIараб федералияб хъулухъалде бачIун буго ришватчилъиялда данде къеркьеялъул рахъалъ Новолак мухъалда гIуцIараб жамгIияб цолъиялъ.

Гьедин монополиялда данде чIараб федералияб гIуцIиялъул вакилзабаз Новолак мухъалъул нухмалъиялда лъазабун букIун буго ракьал рикьа-къотIи къануналда рекъон гьабеян. Амма гьелъул хIасил ккун гьечIо. Гьелда хадур халгьабизе лъугьарал жидер хIалтIухъабазе квалквал гьаризе лъугьанин гьеб мухъалъул нухмалъулел, тIадежоялъе ракьал лъие рикьаралали хъварал документал рихьуларого, федералияб хIинкъи гьечIолъиялъул хIалтIухъаби ахIизе кканин кумекалъеян бицана пресс-конференциялда Къурбан Кубасаевас. Гьев ккола монополиялда данде чIараб федералияб гIуцIиялъул нухмалъулев.

Гьедин монополиялда данде чIараб федералияб хъулухъалъе халгьабизе квалквал гьабулеб букIун Новолак мухъалъул нухмалъулев МухIамад Айдиевасда тIад щуазарго гъурщил гIакIа къотIун буго. Гьелда дагIба бан Новолак мухъалъул администрациялъ цин диваназде хъварал гIарзабазул хIасил ккун гьечIо. Амма чанго млн гъурщил багьаял ракьазе пасалъи гьабурав хIакимчиясе щуазарго гъурущ щиб жойин журналистаз суал лъедал, Къурбан Кубасаевас гьадин жаваб кьуна.

Гьеб бугин диваналъул хIукму, гьелда бан жидеда гьабизе кIолеб жо букIунарин абуна Кубасаевас.

Монополиялда данде чIараб федералияб хъулухъалъго гIадал халгьабиял Новолак мухъалда цереккунго тIоритIун рукIун руго цогидал хъулухъазги. Амма щаяли гьезул лъиданиги гьенир гIунгутIаби ратун гьечIин, гьелъул хIакъалъулъ гIарзаги федералияб хIинкъи гьечIолъиялъул хъулухъалде битIулеб бугин жидецаян лъазабуна Къурбан Кубасаевас.

Къанунги хвезабун Новолак мухъалъул нухмалъиялъ ракьул 250 гектар бикьа-къотIун букIин тIатинабизе монополиялда данде чIараб федералияб хъулухъалъе квербакъарал балъгоял хъулухъазул хIалтIухъабазе шапакъаталги кьунин бицана Къурбан Кубасаевас.

Бицен гьабулел хIужаби Новолакалда гурелги республикаялъул цогидал мухъаздаги гIунги тIокI руго гIадатиял гIадамаз тIалъиялдеги, журналистаздеги, низам цIунулездеги рахъулел гIарзазда рекъон. Гьединлъидал монополиялда данде чIараб федералияб хъулухъалъ гьедин «бергьенлъиялда» хас гьабун Новолак мухъалда тIобитIараб ревизия цо лъил букIаниги мурадалъе гIоло гьабураблъун кколеб гьечIодайин кьураб ЭР-ялъул суалалъе Къурбан Кубасаевас гьадин жаваб кьуна:

Къурбан Кубасаев: «Дица нужеда чIванкъотIун абулеб буго – ниж киданиги хIалтIичIо лъилниги тIадкъаялда рекъон. Нижеца гьединалго халгьабиял тIоритIана гурищ дагьалъ цере Дербент, Гъизилюрт, Хъумторхъала, Гъизляр мухъаздаги. Амма гьаб Новолакалда гIадаб данде чIей букIинчIоха».

Пуланаб бакIалъул нухмалъулев хъулухъалдаса вахъизе къваригIиндал гьев къватIив чIвазавун тIоритIулел тадбирал камуларо Дагъистаналда. Амма Кубасаевас тIаде жубана жидер гьединаб мурад букIинчIин, Айдиевасдаса гуревги, Новолак мухъалъул администрациялдаса гIезегIан хъулухъчагIаздасаги тIалаб гьабизе бугин пасат гьарурал ракьазул жаваб.

Гьединго гьес разилъи гьечIолъи загьир гьабуна хIукуматалъул информалатаздасанги. Бикъа-хъамиялда, цIогьалда яги цогиги гIунгутIиялда бан цониги министр, ялъуни бокьарав хIакимчи жидеца къватIив чIвазавиялда хурхараб хIужаялъул бицине гIедегIуларила хIукуматалъул информалатал.

XS
SM
MD
LG