МагъчIваялъе рес

Дербент: «Нилъехъе вачIунев вуго ревизор!»


Гъоркьиса чвахун цIадазда хадуб гьадинаб хIалалда букIана Дербент. Шагьаралда гIумру гьабулезул рагIабазда, цо-цо къватIазда жакъаги беццизе бегьулеб хIал гьечIо.
Гъоркьиса чвахун цIадазда хадуб гьадинаб хIалалда букIана Дербент. Шагьаралда гIумру гьабулезул рагIабазда, цо-цо къватIазда жакъаги беццизе бегьулеб хIал гьечIо.

Чвахун цIадалъ зарал гьабураб Дагъистаналъул Дербенталда гIумру гьабун ругел гIадамазул нахъойги руго гIарзал нухмалъиялъ жидее рецIалил гIарац кьолеб гьечIилан. Гьал къоязда гьениве вачIине вуго заманаялъ республикаялъе нухмалъи гьабизе витIарав Рамазан ГIабдулатIипов. ТIабигIияб балагьалдаса хадуб шагьаралъул къватIахъ бугеб чороклъи гьесдаса бахчизелъун тадбирал ургъизе хIаракат бахъулеб буго гьениб шагьаралъул нухмалъиялъ. Амма нижехъе щварал баяназда рекъон зарал ккарал гIадамаз рагIалде бахъинабизе течIо гьеб масъала.

ЧIванкъотIун кида Дагъистаналъул нухмалъулев Дербенталде вачIуневали жеги лъиданиги лъалеб гьечIо, гьединлъидал кинабго гIедегIалихъе гьабизе байбихьун буго гьениб. Чанго соналъ рацIцIад гьарун рукIинчIел ришни-къулалъул гохIазул цIун рукIарал шагьаралъул къватIал къаси-къад чIечIого рацIцIад гьарулел ругилан абулеб буго жалго дербенталъулаз.

Балагьараб мехалъ шагьаралъул нухмалъи хIинкъун бугеб куц бугинха республикаялъул бетIересда шагьаралда бугеб щинаб чороклъиялда берчIварабго гьес жидеего гьабизе бугеб гаргаралдаса гьединлъидал хъата-масан къасигицин гьабулеб хIалтIи гьоркьоб къотIизабулеб гьечIилан абулеб буго гьез.

Нижехъе щварал баяназда рекъон рацIцIа-ракъалъиялъул хIалтIаби гIицIго шагьаралъул аслияб къватIалда гурони гьарулел гьечIо, гьедин араб соналъул октябралда рарал чвахунцIадалъ зарал гьабурал рукъзал ругел къватIахъ жегигицин киналниги хIалтIаби гьарун гьечIо.

ЧвахунцIадалъ зарал гьарурал къватIал рихьичIого рукIине гьенибе унел шагьра нухалда багIараб чалуялъ сверункъазе тIалаб гьабун бугилан баянал щван нижехъе, амма жалго гIадамаз гьеб чалуги нахъе бахъун жидецаго рагьун буго нух.

Гьединго жеги-харги кьун гьечIо гIадамазе чвахунцIадалъ зарал гьабурал гIадамазе рецIалил гIарацги. ГIицIго цохIо нухалда щивасе кьураб 25 азарго гъурущ гурони тIокIаб гIарац щун гьечIо гьезухъе. ГIемерисел гIадамал цере рукIарал рукъзалги чIунтун гьанже гIумру гьабун руго гIага-божаразул ва лъалел-хъвалезул дора. Гьединазул цояв ккола Дербенталдаса ШиххIасанов Къагьриманги.

ТIолабго шагьаралда жаниб букIун батиларин жиндир гIадин зарал ккараб рукъилан бицана гьес «Эркенлъи» радиоялъе. Гьевго гIадин къварилъи ккаразе Москваялдасан биччараб гIарцул тIалаб гьабун чанго нух бан буго гьес шагьаралъул нухмалъиялъухъе. Амма гьал-дол багьанабги рачун жиндир мурад тIубчIин гьезилан бицана Къагьриманица. ЧвахунцIадал ран хадуб доб мехалъ Дагъистаналъул нухмалъулевлъун вукIарав МухIамад Салам МухIамадовги Дербенталда вачIиндал гьевгун дандчIвазе щун букIун буго гьесие. Гьелъул хIакъалъулъ гьадинан бицана Къагьриманица.

ШиххIасанов Къагьриман: «МухIамад Саламгун кIалъазе щван дие. Дида цебе гьес гьикъана шагьаралъул гIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул рахъалъ идараялъул нухмалъулесдаги, Яралиевасдаги гьесул цоги рукъ бугиш жанив гIумру гьабизеян. ГьечIилан кьуна гьез жаваб, гьечIеб батани нужеда тIад къалеб буго гIагараб заманалда гьасие жанив чIезе рукъ тIалаб гьабизе. Амма гьел рукIана гьадингосел чIорогоял рагIаби. Щибниги кумек швечIо гьезадасан. Шагьаралъул нухмалъиялъухъе индал гьенив дун тIаде къабул гьавуна чанго чияс, киназулго жаваб цо букIана: ГIарац гьечIо.. гьеб Москввалдасан бачIине ккола..., кида бачIунебали лъаларо. МахIачхъалаялде бараб буго кинабго. Дуе гьабизе кIолеб кумекги гьечIо… Гьеле гьезул жаваб дие кьураб. Гьанже Рамазан вачIине вугилан абунаха. Лъалароха, хьул буго гьесниги роцIцIинабизе батилин гьеб суалилан».

Цоги нухалада Дербенаталде чвахун цIад бани гьелъул хIасил цебе букIаралдасги кIиго нухалъ квешаб букIине бугилан рикIкIунеб буго Дербенталда къватIибе биччалеб букIараб «Площадь Свободы» абураб газеталъул бетIерав редактор ХанмухIамадов МухIамадица. Щайгурелъул тIасан бакIаб техникаги ун хадуб гьобогьун тамахлъун бугеб ракь цоги нухалъ бараб чвахунцIадалъ гьелъул лъимги хIарщги жубан лъугьараб лъамалъиялъ цIакъго кIудияб зарал гьабизе бугин гIадамазе.

ХанмухIамадовас гьединго бицана чвахунцIадалъ зарал гьабурал гIадамазе шагьаралъул нухмалъиялъухъа кинабниги кумек швечIин гьеб гьабизе тIалъиялдаги ракIалда гьечIилан.

МухIамад ХанмухIамадов: «Щибха гьез гьабилеб. Гьел ралагьун чIун руго Москваялдасан бачIунеб гIарцухъ. Кинабго жо гьез бухьинабулеб буго бачIунеб заманалда. Нижеца гьабизе буго… ГIарац щвараб мехалъ. Амма жидецаго гьабсагIат гьаризе ругел масъалабазул бицунеб дида гьез рагIичIо, гьединго вихьичIо гьезухъа кумек щварав чиги. ХIисаб гьабидал кинабго жиделъго жаниб бугеб цо къотIи къай гьабулеб дарамалда релълъунеб буго кинабго шагьаралъул нухмалъи буго республикаялъулгун даран гьабулеб, республика Москвагун, гьелъул хIасилалда абуни гIадатияб халкъ добго къварилъи гIазабалда буго».

Заманаялъ Дагъистаналъе нухмалъи гьабизе витIун вачIарав ГIабдулатIипов Рамазан вачIиналъухъ ралагьун чIун руго гIемерисел дербенталъулал. Улкаялъул Конституциялъул рахъги ккун, халкъалъул ургъелги гьабун гьелгун дандчIван щивасул бицунеб къварилъиялъул мухIканаб цIех-рехги гьабун жалго гIадамалгун гара-чIварани хIасил ккелинха гьес Дербенталде гьабураб сапаралъул, гурони цебе букIараб нухмалъиго гIадин гIицIго шагьаралъул хIакимзабигун дандги чIван, гьезул маргьабазухъги гIенеккун гьев нахъе ани чIорого хутIилинха гIадамаз гьесде гьабун букIараб хьулан абуна нижергун гара-чIвари гьабураз.
XS
SM
MD
LG