МагъчIваялъе рес

Сверизабураб тарихалъ мекъаб тарбия кьола


Россия -- Сугъралъ росдал сверухлъиялда бугеб Хьонда-мегIер. Къеркьохъабазул хъалаялъул хутIелаздаса бараб зиярат. 1990.
Россия -- Сугъралъ росдал сверухлъиялда бугеб Хьонда-мегIер. Къеркьохъабазул хъалаялъул хутIелаздаса бараб зиярат. 1990.

135 сон тIубана Чачанлъиялдаги Дагъистаналдаги гIурус администрациялде данде къокъаб шаригIатин абураб къеркьей байбихьаралдаса. Соназда жаниб гьеб тема гьукъун букIана Шималияб Кавказалда. Гьанжего гьанже загьирарун руго цIиратарал документал.


Наслабаздаса наслабазухъе кьун бицуна Дагъистаналъул цебегосеб росу Сугъралъ ккараб гьадинаб иш: цо нухалда рузман балаго, кIиго васас мажгиталде рачIаразул хьитал кIиго бутIаялде рикьизе байбихьун буго. Гьеб гьабулаго тIадккурал гьезда цIехон буго нужеца гьабулеб щибилан. Дагьалго риха-хочарал васаца, чIахIиязда тамашаго бихьараб жаваб кьун буго жидеца «алжаназде унезул» хьитал «жужахIазде унезул» хьитаздаса ратIа гьарулел рукIанилан.

ЧIахIиял гIажаиблъизарун руго бацIцIадаб ракIалъул лъималаз хьитал гъалатI гьечIого жидерго къагIидаялда рикьун ратиялъ. Росулъ щивасда лъалелъулха ва гьениб бахчун жо хутуларелъул.

Васазул эмен, тIолалго бусурбабазул бакъбаккул рахъалда машьгурав гIалимчи ва динияв хIаракатчи накъшубандиязул шайих хIафиз ГIабдурахIман-ХIажица живго инсанасул хасияталъул балъголъи лъалевлъунги вукIун, гьеб лъугьа-бахъин рикIкIана Аллагьасдасан бугеб жолъун гуреб, мунагь гьечIел лъималазда жидерго росуцоязул хIакъалъулъ битIараб жо рекIелъе тIамураб шайтIаналъул ишлъун.

Амма гьеб нухалъ шайих витIаравлъун ватIичIин. Гьел вацал рукIана ХIажи МухIамад ва МухIамад ХIажияв. Ва гьезул ккараб лъугьа-бахъинги цIар рагIараб рухIияб борхалъиялде рачунеб болоялъул тIоцебесеб хIокI гIадин кканин.
Хадуб гьез къуркьи гьечIеб ракIчIеялдалъун рацIцIалъи-тIадегIанлъиги мунагьги батIа гьабун бихьизабуна – цояз къаламалдалъун, цогидас кодоб хвалченгун.

Гьадин нижеде бицунеб букIана жиндир заманалда Сугъралъа ХIажи-МухIамадил наслудул чи Варисов Варисица. Шайих ГIабдурахIман-ХIажиясул наслудул цогидав чи «Сугъралъ» газетаялъул редактор ГIабашилов ГIабашица гьадин ракIалде швезабулеб буго:

ГIабашилов ГIабаш: «Дида лъалел къояздаса нахъе дида лъалаан нижер рукъоб гьобол камураб мех букIунареблъи. РачIулаанха къасиялде батIи-батIияб ригьалъул чагIи хабар-кIалалъе. ГьитIинаб къоялдаса нахъе дида гIемер рагIулаан ГIабдурахIман-ХIажиясул хIакъалъулъ. Амма гьеб хабаралъе къимат кьезе дида лъалароан. Хабаралда цадахъго рокъоб бихьулаан дида нижер кIудияб басрияб шифоньералда жаниб цIунун букIараб къайиялда гъорлъ ГIабдурахIман-ХIажиясул халгIат (гIаба), гъосул чалма, гIанса. Зияраталъеги рачIулаан гIодоблъиялдаса лъарагIал, чачанал, гъалгъал. Гьел рачIун хадур инсуца цебе бахъулаан гьебго гIанса, чалма, халгIат. Бицулаан добго хабар - ГIабдурахIман-ХIажи, рагъ, росо бухIи»

ГIабашилов ГIабашица абулеб буго цо-цо тарихиял хIужабазе советияб идеологиялде данде кколареб къимат кьей гьукъун букIиндал шайих ГIабдурахIман-ХIажиясул наслудул чагIазул къавулъа къватІибе я лъикIаб я квешаб рагIицин бахъине биччан букIинчIин чIахIияз. Аммаила тIаде жубалеб буго гьес, жидер ракIалда кидаго букIанин жал кIудияв шайихасул гIадамал ругеблъи ва гьеб букIанин улбуз кьураб бищун лъикIаб тарбияин. Гьелъие асар гьабизе кIвечIин хIатта сверизабураб официалияб тарихалъгицин.

ГIабашилов ГIабаш: «Цойги пикру буго дир ракIалдаса унареб: дун кIодолъараб мехалда инсуца абулаан дие ГIабдурахIман-ХIажи щив кколевали. Гьев вукIанила цIакъго тIадегIанаб борхалъиялде арав, балъгояб лъай бугев чиилан. Аммаила дов цогиясдаса батIияв чи вукIинчIин, дов вукIанин мунги-дунги гIадав, нилъго гIадав гIадатияв чи. Амма цIакъго цIодорав, гIакъилав, гIадилав.

ГIадамаца абулебги рагIуларищха - нуж ГIабдурахIман-ХIажиясул наслудул чагIи ругин. Гьелда рекъон цIунизе кколин досул букIараб къадруги, Нужеда тIадаб бугила гьабги-добги цIунизе, добехун-гьанибехун бегулареб гали тIамичIого букIиналъе яхI бахъине.

Гьанжесеб заман эркенаб буго, къватIире рахъунел руго документал, щибниги гьукъараб жо гьечIо. Доб заман гьединаб букIинчIелъул - къараб, захIматаб, беццаб заман бугониги, гьеб хабар кидаго нижехъ букIанаха, ва дир хьул буго гьесул баракаталъул цо гьитIинабниги бутIа гIаги диеги щун батилин. Лъаларо, щунго бугищ гьеб. Жакъа щун батичIониги хадубниги щвезе батилаха Аллагьас хъван батани».

КIудияб Советияб Энциклопедиялъул лъабабилеб басмаялда гъалатI гьабун ГIабдурахIман-ХIажиясул кIиявго вас цо чи гIадин вихьизавун вуго. Гьениб абун буго: «ХIажи-МухIамад (гьавураб ва хвараб сонал лъаларила) – Дагъистаналъул ва Чачанлъиялъул имам вукIанилан. Гьев Шамил имамасул рахъ ккурав ва гъира базабурав Сугъралъа шайих ГIабдурахIман-ХIажиясул вас вукIанилан. Гьев машгьурав вуго динияв хIаракатчи ва лъабго имамасул хIакъалъулъ (Гъази-МухIамад, ХIамзат-бек ва Шамил) къасидаталъул автор хIисабалда.

1877 соналъул гIурусазулгун турказул рагъул заманалда пачаясул администрациялде данде Дагъистаналда ва Чачанлъиялда байбихьараб къеркьеялъе бетIерлъи гьабуна, амма жинца живго вихьизавуна тартиб ва тавакал гьечIев рагъулав бетIергьанлъун».

Тамашалъизарула КIудияб Советияб Энциклопедиялда бахъараб макъалаялъул автораз хвараб сон лъалариланги абун, хадубго 1877 соналъул 4 ноябралда МухIамад-ХIажи гъанканилан мухIканаб къо бихьизабулеб букIиналъ.

Россия - ГIурус аскарияз бухIараб Сугръалъ росу.1877
Россия - ГIурус аскарияз бухIараб Сугръалъ росу.1877
Амма гъваридго ургъанани тамашалъизе бакI гьечIо. Пачаясул Россиялде данде Шималияб Кавказалда къеркьей багъараралдаса 50 сон тIубаялда бан Прагаялда букIараб данделъиялда кIалъалаго, къватIисел улкабазде гочун арал кавказиязул бутIрузул цояв АхIмад Цаликатица бихьизабун буго гьадин:

«Гьеб лъугьа-бахъиналда хурхараб литература Кавказалда балагьизе лъугьарав чиясе гьеб бигьаяб масъала гуро, амма гьаниб гIурхъи бахун къватIибехун гьеб тIубазабизе кIолеб жоцин гуро, щайгурелъул гьеб суалалдасан кинабгIаги литература гьечIелъул.

БатIияб иш буго гьеб литература Кавказалда балагьизе рес букIин. Амма щай гьеб батулареб? Щай гьеб бахчун тун бугеб? Щайгурелъул гьелъ Кавказалъул магIарулазул тIаде гIолел гIелазулъ цIакъго гIемерал пикраби ва асарал рижизаризе бегьулелъул жидерго халкъазул къисматалда, гьел халкъал миллияб лагълъиялда чIезариялъе маххулаб чакмаялъ мерхьараб квершеллъиялъул хIакъикъаталда тIад ургъизе гьел тIамизе бегьулелъул. Миллияб бичIчIи буголъи цIилъизабиялъул иццлъун гьеб лъугьине бегьулелъул», - ян абулеб букIана АхIмад Цаликатица.

АнцI-анцI соналда жаниб щибго абулеб букIинчIо Дагъистаналъул тарихчагIаз «Къокъаб шаригIат» ян абулеб 1877 соналъул къеркьеялъул хIакъалъулъ.
Советияб идеология кутурлъун хадур Дагъистаналда рагьана цере гьукъараллъун рукIарал архивал ва гIалимзабаз цо-цо цIакъго къиматал документал ратун къватIире риччан руго. Профессор Айтберов Тимурица 1990 соназда къватIире риччана Сугръалъа ГIабдуразакъил ракIалдешвеял. Гьес гьадинаб къимат кьолеб буго рехсараб тарихияб хIужаялъе:

Тимур Айтберов: «Гьеб къокъаб шаригIат байбихьун букIун буго гурусазулгун турказул рагъ байбихьиялда хурхун. Турказ цебего хIаракат бахъана хIежалде рачIарал дагъистаниязда гъорлъ, нагагь рагъ кканани жиндие кумек гьабеян абун.

ПалхIасил Кавказалдаги байбихьулеб буго гIурусазде дандечIей. Умумаз гьеб иш гьабуна кутакаб бахIарчилъи бихьизабун. Дида ккола гьанжелъизегIан мустIахIикъаб къимат кьун гьечIо чачаназги дагъистаниязги гьабураб ишалъе.

Доб рагъ байбихьараб мехалда сверухъ ругел улкабазул гIадамаз турказде данде чIун, хияналъи гьабуна. ЦохIого цо дагъистаниязги чачаназги ракI бацIадго, би гIодобе тIеялда барахгщичIого кумек гьабуна ГIусманияб империялъе. Къарс шагьар гIурусаз бахъараб мехалда дагъистаниязда бичIчIун буго рагъ халат бахъинабиялъул пайда гьечIолъи. Турказ гьединаб агитация гьабун букIаниги жибго Кавказалдаги кьучI букIана данде чIезе».

Россиялъул ГIелмабазул Академиялъул Дагъистаналъул ГIелмияб централъул тарихчи Мусаев МахIачица гIараб мацIалдасан гIурус мацIалде руссинаруна «Сукут Дагъистан ва Чачан би йара али Усман фи санати 1877» («ГIусманияз гьабураб гьусиялъул хIасилалда 1877 соналда Дагъистан ва Чачанлъи щапун ккей») абурал шайих Жамалудинил вас СагIид ГIабдурахIманил ракIалде швеял.

Гъуниб магIарда Шамил имамасул ахирисеб хъала цIунулезда гъорлъ вукIарав СагIид ГIабдурахIманица гьаб нухалъ жив вихьизавулев вуго гIурусазул рахъ ккурав чилъун. Щайха гьесул бербалагьи гьедегIан хехго хисараб?

Россия - Жидерго ракьцоязде данде багъулеб букIараб дагъистаниязул чол бо.
Россия - Жидерго ракьцоязде данде багъулеб букIараб дагъистаниязул чол бо.
Мусаев МахIач: «Гьеб асар ГIабдурахманица хъвана "къокъаб шаригIатин" абулеб питнаялдаса анлъго сон ун хадуб. Гьеб заманал гIемерисел дагъистанияз рикIкIулаан 1877 соналъул гъазаваталъул байрахъ борхин кIудияб гъалатI бугин. Щай гурелъул гьеб лъугьа-бахъин багьанадуеги босун зулму гьабизе гIурусаз аскариязе изну кьун букIиналъул. Дагъистаналда 23 тIасавищарав гIалимчиги бахIарчиги гъанкъана, 5000 чи гIурус ракьалде гочинавуна. 1000-гIан чи рагъда чIвана.

Балагьани цойгиги гIилла бихьизе бегьула нилъеда. ГIабдурахIман вукIана чанго соналъ Шамилида аскIов Калугаялда. Цинги гьитIинабго хъулухъги щун букIана гьезие Туплисалда (Тбилисиялда). Гьеб гIумруги чIалгIун, ГIабдурахIмание бокьун букIана Дагъистаналде вуссине. Гьеб гьесул мурад тIубазе цо нух букIана. Дагъистаналда гIурусаз тарав бетIерас ГIабдурахман Дагъистаналъул тахшагьар Темир-Хан Шураялде ахIи.

АхIине вукIине ГIабдурахIманица гьеб жиндир хъвай-хъвагIаялда живго жинцаго гIурусазул чи лъун вихьизавуна . Гьеб сабаблъун гьес доб мехалда Дагъистаналъул бетIер Чавчавадзел хIурмат гьабулеб букIана».

Аммаила абулеб буго профессор Айтберов Тимурица, СагIид ГIабдурахIман хиянатчи вукIанин абуни мекъи ккелин, СагIид ГIабдурахIманица гьединаб асар хъванин ургъунго – гIурусал къосинари мурадалда.

Айтберов Тимур: «СагIид ГIабдурахман вукIун вуго сихIирав чи. АбизегIан квешав чи вукIун гьечIо гъов. Гурусаз досда абун букIун буго дуца планги кьун ва гьеб планалда рекъон гьедин хъвайилан абун. Гьеб тарих гуро. ХIакъикъат гуро.

Гурусазе лъазе къваригIун буго гьаб гьитIинаб халкъалъул къуват щиб рахъалъан бугебали. Рагъулаб индустрияги гьечIого рагъулал цIалул идарабиги гьечIого гьаб кIудияб империялде данде рагъизе гьезда кин кIварабали. Гьеб лъазаби мурадалда гIурусаз чанго чиясда - гьев ЧIохъа ХIажигIалидаги СагIид Гiабдурахманидаги гьеб тIад къана.

Гьал чагIазда гьеб бичIчIизеги бичIчIун гIанта-гIантал жал хъван руго ургъунго. КIудияб кIвар гьечIел цо-цо жал мухIканго рицун, кIвар цIикIкIарал хIужаби ургъунго мекъса рихьизарун руго. Гьединлъидал дос хъвараб жоялъе квешаб къимат кьезе гIедегIизе кколаро дир хIисабалда».
XS
SM
MD
LG