МагъчIваялъе рес

Песковас низам цIунулезул кIвар буссинабуна Жалалдиновасул мина бухIиялде


13 маялда журналистазулгун букIараб дандчIваялда Владимир Путинил пресс-секретарь Дмитрий Песковас абуна Кванхиса Рамазан Жалалдиновасул мина бухIанин аби битIараб батани, низам цIунулез кIвар кьезе ккелила гьелде.

Гьединаб хIужа ккун бугилан рузманкъоялъ радалго тIибитIана интернеталда.

Гьелде щвелалде «Новая газетаялъ» хъвана Жалалдиновасул хъизан-лъимал Хасавюрталде щвезарун ругила, тIокIалъ киданиги Чачаналде нахъруссунгеянги лъазабун рагIулила гьезда. Цин хIинкъалаби кьун, цинги 5 млн гъурущ кьелилан, живго Жалалдинов Рамазанги ахIулев вукIун вугила Чачаналъе.

Интернет-мухъ

Кванхи росдаде кIвар кьолеб гьечIин республикаялъул нухмалъиялъилан исана маялда видеохитIаб гьабун букIана гьес президент Владимир Путиниде. Чачаналда рагъ лъугIаралдаса нахъе къачIачIила гIадамазул минабиги росдал нухалги. ЦIадаца гьабураб зарал бецIизелъун пачалихъалъ биччарабги хIалтIи гьечIого хутIаразе кьолебги гIарац щванила ришват кьурал чагIазе. Гьес рехсолел ругоан цогидал масъалабиги. ЭР-ялъ гьеб киналдаго тIасан мухIканго бицун букIана.

6 маялда Кванхиве вачIун вукIана Чачан Республикаялъул бетIер Рамзан Къадировги. РагIи кьуна росдал масъалаби лъугIизаризеги.

ЭР-ялъ чанцIулго ахIаниги, 13 маялда Жалалдиновасул телефон ссвинабун букIана.

Гьебго къоялъ «Черновик» газеталъ тIибитIизабуна живго Жалалдиновасул кIалъай бахъараб видео. Гьесул рагIабазда рекъон, хъизан-рукъалда хадуб халкквезе тарав чияс Жалалдиновасда бицун буго маскабаз гьурмал рахчарал чагIи рачIанин гьесул рагьтIе. Цинги Жалалдиновасул лъади яккун йиго къватIие. Доз гьелда абун буго хехлъи гьабун къайи бакIарейин, жал рачIун ругин нуж хвасар гьаризе. Ккара-таралда тIасан баянал кьунщинал чагIазеги, гьебго жо гьабизе бугин.

Нужецаги нух босейин гьаниса, бащдаб сагIаталдасан бихьилин дуда нужер мина бухIизе бугеб куц. Гьедин жиндир лъади Дагъистаналъулгун гIорхъода бугеб Герзелалъул кьодухъе щвезегIан лъелго ячIанин бицунеб буго Рамазан Жалалдиновас. 12 маялда абуни Кванхиве щун вугила жанисел ишазул министр хисулевги. Гьес абун бугила Къадировас нужее кинабго гьабизе рагIи кьун гьечIищин, тIокIалъ кирениги ун гIарзахъдугейин.

Хадуб Рамазан Жалалдиновас гьеб видеоялда бицунеб буго доз ккун вугин цеве школалъул директорлъун вукIарав чи. Жиндие кумек гьабулеб батилин гьесилан щаклъи букIанила гьезул. Жиндайин абуни гьев вихьичIого кIиго лъагIелниги бугила. Гьелъие гIолойищила жиндица гьабщинаб жо видеоялдасан бицарабилан суал лъолеб буго Рамазан Жалалдиновас.

Рамазан Жалалдинов
Рамазан Жалалдинов

Рамазан Жалалдинов: «Гьалъие гIолойищ дида Къадировас битIараб бицейин абун букIараб? Дица цохIо битIараб жо гурони бицунеб гьечIелъул. ХитIаб гьабунщинав чиясе гьабгунияб жо гьабулеб батани, Путиница чIагоял эфирал гIададайищ гьарулел ругел? Дица инасанасул ихтиярал цIунулел киназдаго гьарулеб буго дунги дир хъизанги цIунеян. Бахчун тIубалеб жоги гьаниб гьечIо. Киназдаго лъанги буго. Бералги гIундулги ругел чагIазда гьеб бихьулеб буго – язихъаб халкъалда тIад зулму гьабулеб букIин».

Гьеб хIужаялъ гIадатиял дагъистаниязе квешаб асар гьабураблъи бихьулеб буго фейсбукалда тарал хъвай-хъвагIаяздасан. «Дагъистаналъул гугарухъанас гьабураб-гьабичIеб лъалареб гъалмагъиралъухъ» Калмыкалъе щвезегIан тIаса лъугьин гьарун ун вукIанила Дагъистаналъул премьер-министр ГIабдусамад ХIамидов, гьанже Чачаналъе Рамзан Къадировасухъеги айила щиб ккарабали цIехезе. Амма гьеб хIужаялда бан Дагъистаналъул нухмалъиялъ гьабураб официалияб лъазаби гьечIо жеги.

Гьединго Рамазан Жалалдиновасул ракьцояв АхIмаднаби Ибрагьимовас фейсбукалдасан ахIи балеб буго Жалалдиновазул мина цIи гьабизе гIарац бакIаризе бугилан.

XS
SM
MD
LG