МагъчIваялъе рес

Чачаналъ гьанжеялдаса "мунагьал" гIаммал руго


Яргъид гIуцIаразул хьвада-чIвадиялда хурхун гьезул гIага-божаразул жавабчилъиялда хурхараб Чачан республикаялъул нухмалъулев Рамзан Къадировасул лъазаби къануназде данде кколарин, лъазабуна ГIазаб кьеялде данде комитеталъул бетIер Игорь Каляпиница Россиялъул Генералияб прокуратураялъул ва ЦIех-рехалъул комитеталъул бутIрузухъе хъвараб хитIабалда.

5 декабралда Чачан республикаялъул бетIер Рамзан Къадировас лъазабуна пачалихъалде дандечIаразул балъгоял къокъабазул гIахьалчагIазул хъизаназда хурхун коллективияб жавабчилъиялъул принцип хIалтIизабизе букIиналъул хIакъалъулъ.

Къадировасул рагIабазда, ахирисел нахъе къотIизе руго республикаялдаса ва гьезул рукъзал риххизаризе руго.

Гьанжеялдего интернеталда раккана Къадировас жинцаго кьураб рагIи тIубазабулеб букIиналда хурхарал лъазабиял ва рухIарал минабазул суратал. Цо-цо боевиказул гIагарлъиялъ лъазабулеб рагIула, жакъаялде щуго минаялда цIа гъунин гьурмада маскаби хурал гIадамазин.

Диваналъ гIайиб чIезабизегIан, чи гIайиб гьечIевлъун рикIкIиналъул принцип ва чанго цоги къанун хвезабулеб бугин жиндирго лъазабиялдалъун Чачан республикаялъул бетIерасин, лъазабуна ГIазаб кьеялде данде комитеталъул бетIер Игорь Каляпиница. Гьесул рагIабазда, республикаялда гьединаб практика цебеги загьирлъулеб букIана. Амма гьанже гьелъул хIакъалъулъ нахъе-цеве балагьичIого тIубарав республикаялъул бетIерас лъазабулеб мехалда, гьеб кколин ахирисес пачалихъалъул къанунал рикIкIине гьечIин абурал рагIабазда гъоркь жиндирго гъулбас лъей гIадаб жойин, абуна нижер программаялъе Каляпиница.

Игорь Каляпин
Игорь Каляпин

Игорь Каляпин: «Бихьухъе, Рамзан Къадиров хIадурав вуго Россиялъул къанунал жинде данде кколарин абизецин. Дида ккохъе, гьеб лъазаби гьес боевиказе гуреб гьабураб, гьес гьеб лъазаби гьабуна жамгIияталъе. Гьединаб къагIидаялда Къадировас абулеб буго, жидеда къанунал рихьуларин, жидеца Россиялъул къануназда рекъон тIокIаб хIалтIи гьабизе гьечIин, жидеца проблемаби гIадатазда рекъон рагIалде рахъинаризе ругин.

Гьединаб лъазабиялда жал рази рукIин бихьизабизе Бастрыкинги Чайкаги хIадурал ратани, щибха абилеб? ГIадамазда лъангIаги букIинаха, гьезул идарабазде хитIаб гьабиялъул кинаб гIаги пайда букIунареблъи. Гьеб суалалда бан гуребги, цогидазда суалазда хурхунги».

ЭР. - Кин дуда кколеб, кьезе бугищ гьел тIадегIанал хъулухъчагIаз дур хитIабалъе жаваб?

Игорь Каляпин: «Такъсир гьабиялда хурхун хитIаб битIун букIиналъ, къануналъ гьезие рес кьолеб гьечIо цIа-цIан, чIамучIго гьелъие жаваб кьезе. Бастрыкинилги Чайкалги буго къануналъ чIезабураб лъабго къо буго, у, буго гьезул рес гьединго гьеб болжал максимум I0 къоялде цIазе. Кин букIаниги, кIиго анкьдаса гIаги гьез нижее жаваб кьезе ккола. Гурони, нижеца Чайкадаги Бастрыкинидаги хурхун гIарза кьезе буго диваналде.»

Каляпинил пикруялда, Рамзан Къадировасул лъазаби ва хьвада-чIвади Россиялъул къанун цIуниялъул идарабазул вакильзабаз ва улкаялъул нухмалъиялъ букIине кколеб жаваб кьечIони, гьеб букIине буго нилъер улкаялъ репрессивияб, авторитарияб пачалихъалде гьабураб иргадулаб кIудияб гали. Гьеб букIине буго Россиялъул Федерациялъул Конституциялда тIасан кIудияб гали.

Игорь Каляпин: «Гьеб хIужжаялда хурхун жалго чачаназул жамгIияталда жаниб кинаб букIаниги протест загьир гьабичIони, къватIисан рази гьечIолъиялъул пикруялъ ахIвал-хIал хвасар гьабуларо. КъватIисанин дица абулеб мехалда, гьеб ккола гIицIго Москваялда букIа, Петербургалда букIа, Гъоркьияб Новгородалда букIа гIадамаз гьединал къагIидаби какулел рукIиналъ, проблемаби рагIалде рахъунарин, абураб жо.

Дица гьабуна дирго лъазаби, метер пресс-конференция букIине буго инсанасул ихтиярал цIунулеб чанго гIуцIиялъул. Гьениб жидерго позиция загьир гьабизе буго гьезул хIаракатчаIгаз. Пуланаб багъа-башари гьелда бан букIине бегьула. Дирни хьул буго жиделъ бихьинчилъи бугел Пачалихъияб Думаялъул цо-цо депутатаз жидерго позиция загьир гьабизе букIиналде.

Амма гIагалигун абила, жибго чачаналъ цо-цояз загьир гьарулел руго гьединаб галиялда рази рукIиналъул пикраби. Жидее гьел яргъид гIуцIаразул гIага-божарал рихарал ругин, жидеца гьел унгоги нахъе къотIизе ругин. Къадировас битIун абулеб бугин, жидер умумузги гьедин гьабулеб букIанин.

Гьеле чачаназул парламенталъул спикер Дукваха ГIабдурахIмановасги абулеб буго гьедин. Гьесни дунги рикIкIунев вуго балъгояв террористлъун. Гьес абулеб буго Каляпиница чачаназул жамгIияталда малъизе кколарин, кинаб къагIидаялда ишал тIуразаризе кколелалиян. Гьесги абулеб буго жидеца жидерго гIадатазда рекъон, проблема рагIалде бахъинабизе бугин. Амма дида ракIалда гьечIо кинал гIадатазда рекъон, полициялъулазе изну бугеб гIайибги чIезабичIого, гIадамал нахъеги къотIун гьезул минаби кьагьизаризе».

XS
SM
MD
LG