МагъчIваялъе рес

Катыналъул лагеразда кавказиялги рукIун руго


ГIурус пачаясул армиялъул полковник Багьавудин Хурш (квегIса) гьалмагъзабигун. Темир-Хан-Шура,1918 сон. Хуршиловасул наслудул чагIазул архивалдаса щвараб сурат.
ГIурус пачаясул армиялъул полковник Багьавудин Хурш (квегIса) гьалмагъзабигун. Темир-Хан-Шура,1918 сон. Хуршиловасул наслудул чагIазул архивалдаса щвараб сурат.

Исана 75 сон тIубана Катыналда асирлъуда рукIарал Польшаялъул аскариял НКВД-ялъ речIчIун чIваралдаса. Гьеб тарихияб хIужа Россиялъул Пачалихъияб Думаялъги Генералияб прокуротуроялъги цо гуреб нухалъ вахIшияб такъсирлъун лъазабун букIаниги, гIемерал чIварал поляказул цIаралцин тIад чIезарун гьечIо гьанжелъагIан. Гьелда бан «Мемориал» абулеб гIуцIиялъ байбихьулеб буго «Катыналда чIварал» абулеб тIехь къватIибе биччаялъул акция.

«Кавказалъул къилбар» абулеб 2012 соналда эфиралде биччараб нижер хасаб программаялда Польшаялъул гIалимчи Аркадиуш Пиотровскияс бицунеб букIана Польшаялъул Генералияб штабалъул полковниклъун вукIарав дагъистанияв Хуршил Багьавудинил къисматалъул.

Гьев вукIана Катыналда асирлъарал, хадур НКВД чIварал Польшаялъул офицеразда гъорлъ. Нижер программаялъе Пиотровскияс хас гьабун бицана гьалкъоязда КIудияб Британиялъул архиваздаса рачIанин цо-цо къанагIатал документал ва абуна жинца гьезул цIех-рех гьабулеб бугин.

Аркадиуш Пиотровский: ««Дица кIудияб хьул лъолеб букIана гьел документазда. Хьул букIана ингилизаз Польшаялъул Централияб рагъулаб архивалде ритIарал документазда гъорлъ Эмир ХIасан Хуршил хIакъалъулъги информация батилин. Гьев гIумруялдаса ватIалъана 1946 соналда. Гьесул хоб буго Мисиралъул Эль-Кантара шагьаралда.

Цо чанго анкьида жаниб Польшаялъул Рагъулаб архивалъ жиндирго интернет сайталда гьел документал загьираруна. Рехсон буго 8000-ялдаса цIикIкIун цIар. Буго Эмир ХIасан Хуршил хIакъалъулъ хасаб электронияб мажмугIги. ГIаммаб къадаралда нусгогIан гьумер.

Дир интерес букIана 1939 соналдаса байбихьун жиндирго ахирисел къоязде щвезегIан Хуршил гIумрудул мухIканлъи лъазабизе. Хасго киндай гьесда кIвараб немцазул асиралъукьа ворчIун, ГIагараб Машрикъалде ине Польшаялъул аскариялгун цадахъ. Документазда рекъон гьесул лъадилъун йикIун йиго полякай Янина.

Хурш гIумруялдаса ватIалъун хадуб гьей росасе ана Британиялда. Цогидал суалазе жавабал дида ратана батIиял информациялъул магIданазда. ГьабсагIат дица гьезул цIех-рех гьабулеб буго». ​

1940 соналъул апрель-май моцIазда Польшаялъул къоазаргогIан офицер НКВД-ялъ чIвана Катыналда рукIарал асирлъаразул мархьабазда. Байбихьуда советиял гIалимзабаз абулаан, гьел полякал нацистаз чIванин. «Мемориал» абулеб халкъаздагьоркьосеб гIуцIиялъул тарихчагIи Никита Петровас ва Александр Гурьяновас байбихьана доб пашманаб тарихияб хIужаялъул цIех-рех. Нижер радиоялъе гьадинаб баян гьабулеб буго Александр Гурьяновас.

Александр Гурьянов: «У, Россия гьеб гIайибалъе мукIурлъана. КIикъоялда анцIгогIан соналда жаниб официалиял советиял баяназда абулаан, Польшаялъул офицерал 1941 соналда нацистаз чIван рукIана. Доб букIана фашистаз Польшаялъул офицерал Катынаъул рохьор чIваялъул цIех-рех гьабулеб хасаб комиссиялъул гьересияб хIасил. Ва узухъда доб букIана бащдаб соналъ цебе Германиялъул комиссиялъ гьабураб цIех-рехалъул хIасилалъе жаваб.

Советияб комиссиялъе Бурденкол цIар кьун букIана. Гьеб комиссиялъ хIилла-макру гьабун, докладалъе гъорлъе журана НКВД-ялъ ва НКГБ-ялъ ургъарал гьересиял далилал ва пуланал нугIзазул баянал».

"Польшаялъул тIагIинабураб элита". Украиналда гIуцIараб экспозиция.
"Польшаялъул тIагIинабураб элита". Украиналда гIуцIараб экспозиция.

Сундухъ гьел Польшаялъул офицерал чIваралали абураб суалалъе жаваб кьолаго, Никита Петровас абуна 1939 соналда ккун, мархьабазде ритIарал гьел поляказул къисмат якъинаб букIинчIин байбихьуда. Дагь-дагь ккун чекистаз зарал гьабизе кIоларел офицерал тIаса рищизе байбихьанин. Советияб системаялде кьварараб къагIидаялъ данде чIарал офицералийн гьез хасал мархьабазде ритIулаанин. ТIадежоялъеги гьадин бицунеб буго гьес.

Никита Петров: «Гьел чIвазе 1940 соналъул 5 марталда Политбюроялъ хIукму гьабуна. Офицерал гурелги, классалъулал тушбабилъун рикIкIарал Польшаялъул, магърибалъул Белоруссиялъул ва Украиналъул гражданалги чIвазе къотIи гьабуна советияб тIалъиялъ. Гьадинаб хIасил гьабизе бегьула Берияца хъвараб кагъат цIалун.

Гьай-гьай Сталинил асар гьечIебани гьадинаб кагъат хъвалароан гьес. Гьел гIадамал ругин Совет Союзалъе мутIигIлъуларел ццидалал тушбаби. Совет Союзалде данде рахъине рес щвезегIан ралагьун чIарал тушбаби. Гьадин хъван буго доб кагътида».

Польшаялъул президентасул лъади Анна Коморовска Катыналъул мемориалалда
Польшаялъул президентасул лъади Анна Коморовска Катыналъул мемориалалда

Катыналъул рохьор букIараб мархьиялда вукIана дагъистанияв, Сугъралъ росулъа Хуршил Багьавудинги. Цин пачаясул армиялъул полковниклъун вукIарав гъов, Советияб кверщел бергьун хадусала гочана Польшаялде. Вахъана Польшаялъул Армиялъул Генералияб штабалъул полковниклъун.

Дунялалъул КIиабилеб рагъ байбихьараб мехалъ гьесул бетIерлъуда гъоркь букIараб чол бо багъулаан Германиялъул нацистазулгун. Гьанжеги Польшаялъ гьев рикIкIула жиндирго бахIарчилъун. Гьесул хIакъалъулъ къокъ гьабун гьадин бицунеб буго Парижалъул Сорбонна университеталъул профессор Вачагаев Майрбегица.

Майрбег Вачагаев: «Багьавудин Польшаялъул Армиялде лъугьин ракIалдаго гьечIеб хIужалъун рикIкIуларо дица. Шималияб Кавказалъул тарихчагIазул хиял буго цигидал цIаралги тIатинаризе. РукIана гIемерал кавказиял Польшаялъул армиялда. Масала цIар арав дагъистанияв Доногъуев. Гьав рехсарав кIиявго дагъистаниясул хабал ратун руго, амма жеги ратичIел гIемерал ругин, дида ккола. Багьавудин вукIана тIадегIанаб даражаялъул рагъулав хъулухъчилъун. Польшаялъул Армиялъе гьес кIудияб пайда кьуна. Гьесул букIана кIудияб рагъулаб хIалбихьи.

Гражданияб рагъул гIахьалчи хIисабалда гьес хIукму гьабуна большевиказул Россиялде данде гьабураб жиндирго къеркьей халат бахъине Польшаялъул Армиялъулгун. Польшаялъул тIадтаразги къабул гьабуна гьеб гьесул мурад. Багьавудинил гIажаибаб къисмат букIун буго. Гьесда кIвана жиндирго рагъулаб къукъа гIуцIизе. Дунялалъул кIиабилеб рагъдаса нахъе гьев ана Мисиралде.

Польшаялъулгун магIарулазул рагъулаб вацлъи баккана Шамил имамасул заманалда. Ва Багьавудиница гьеб вацлъи цIигьабуна жиндирго бахIарчилъиялдалъун. Гьесул къеркьей дица рикIкIула Шамил имамас гьабураб гъазаваталъул дандерижилъун».

Кинха Багьавудин Хуршида кIвараб Катыналда хвасарлъизе? Аркадиуш Пиотровскияс абулеб буго КIудияб Британиялъул архиваздаса рачIарал цо-цо документалда рекъон гьесдаго цадахъ жеги 90 офицер чIаго хутIана доб мехалъ. Гьезда гьоркьор рукIанин кавказиялги.

НКВД-ялъ гIаммал гьабунин гьел жиндирго агенталлъун гьаризе. Офицерал разилъанин амма хадуб гIемерал лъутанин жидерго ватIаналде. Гьезда гъорлъ Багьавудинги вукIанин, абулеб буго Багьавудинил гIумрудул тарих лъазабулев ГIабдулмажид ГIабашиловас.

Интернет-мухъ

XS
SM
MD
LG