МагъчIваялъе рес

«Европаялда Кавказалъул эмиграция сон ва жакъа»


ТIоцебесеб бутIа

Шималияб Кавказалда большевикал бергьун хадуб жидерго миллияб эркенлъиялъул тIалаб гьабулел гIемерал гIадамал гочана Европаялде. Европалъул улкабазул бутIрузул квербакъиялдалъун гьез гьенир гIуцIана жидерго багъа-бачариял, къватIире риччана газетаби ва журналал, тIоритIана гIелмиял ва политикиял данделъаби.

Мусаясул Халилбегица бахъараб Кавказалъул МугIрул Республикаялъул герб
Мусаясул Халилбегица бахъараб Кавказалъул МугIрул Республикаялъул герб

Жакъайин абуни, Кавказалдаса къватIирехун арал цо-цо гIолилал «Исламияб пачалихъалде» гъорлъе журан, данде чIун руго жибго ватIаналда бугеб авторитарияб режималде гуребги, Европаялъул улкабаздеги. Щиб хисун бугеб гьанже доб заманаялде дандеккун?

Сорбонна университеталъул профессор Майрбек Вачагаевас кIудияб хIалтIи гьабулеб буго Шималияб Кавказалъул эмиграциялъул тарихалда тIад. Нижеца гара-чIвари гьабуна тарихчигун, нусгогIан соналдаса нахъе Европаялда Кавказалъул эмиграциялъул бербалагьи тIубанго хисун букIиналъе гIиллалъун щиб ккарабали абураб суал кьун. Гьес гьадинал пикраби загьираруна нижер программаялъе.

Майрбек Вачагаев: «Дир пикруялда аслияб къагIидаялъ гIадахъ босизе ккола гьадинаб хIужа: Чачан республикаялда багъарун букIараб кIиго рагъдаса нахъе ахирисеб 15-20 соналда жаниб Россиялдаса гуребги, тIолго дунялалдасаги ракIбуссарал гIолохъанал бусурбабазул разилъи гьечIолъи бихьулеб буго. Гьезда бихьула, Магърибалъ Украиналда бугеб ахIвал-хIалалъе кьолеб гIадаб кIвар жидее кьун гьечIолъи. ХIисаб гьабеха - Россиялда данде гьадиналго санкциял лъазаричIо Магърибалъ. Гьелдалъун гIадамазда батIалъиги бихьана.

Бусурбабаз гIумру гьабулеб Кавказалда бугеб ахIвал-хIал сан гьабичIого тола Магърибалъилан абураб пикру гьабулеб буго гIемерисез. Амма гьедин абизе кколаро. Магърибалъ кидаго квербакъи гьабулаан зулмуялде данде чIарал миллатазе.

Шималияб Кавказалда гIемерал халкъаздагьоркьосел гIуцIабазул вакилзаби хIалтIулаан дол захIматал соназда Чачанлъиялъе хIалае. Парангалги, немцалги, ингилизалги. Амма гьадин букIун батаниги, рагъ гьоркьоса къотIичого халат бахъулаан цо, кIиго соналъ. Магърибалъ кинабгIаги асар гьабичIо.

Гьединлъидал гIолохъабаз гьеб базабуна динияб батIалъиялда. Европаялъул насраниязе бокьун гьечIин Кавказалъул бусурбабазе кумек гьабизеилан абулеб букIана гьез. Амма дида кIола гьадинаб нугIлъи гIабизе: ГIисал диналъулулаблъун рикIкIунеб Магърибалда ругел гIадамазул цIикIкIараб къадаралъ ГIиса-аварагасда расцин божулеб гьечIин.

ГIемерал атеистал руго гьенир. ПалхIасил, гьединал улкаби христианазул пачалихаллъун рикIкIине кколаро. Гьеб мекъаб бербалагьи буго. Гьаб нилъер заман ХVI-ХVII гIасру гуро. Испаниял ГIараб халифаталде данде рахъараб заман гуро гьеб. Хъанчал рараз Къудсалде (Иерусалималде) чабхъенал гьариялъул заман гуро гьеб. Гьединал заманал тарихалда хутIана. Жакъайин абуни тIадаб буго Магърибалъул культураялъул ва Европаялъул маданияталъул бицен гьабизе. Гьай-гьай гьеб маданият ГIисал-диналъул кьучIалда бан буго. Амма диналдаса батIа чIараб.

Мисалалъе босани 52 бусурбан улкабазул цониги пачалихъалъ Шималияб Кавказалъе гьабичIо Магърибалъул улкабаз гIабураб гIадаб кумек. Кавказалъул гIолохъабазул гьединго абулеб буго бусурбан улкабазе бокьун гьечIин Магърибалъулгун гьоркьобакI квешлъизабизе, рагъдолел гIолохъанал бусурбабазе кумек гьабун. Гъозул кIудияб бизнес-интерес бугин. Амма гьебги мекъи буго.

Масала СагIудиязул ГIарабиялъул кIудиял ресал руго Европаялъул улкабазе политикияб асар гьабизе. Гьелда кIола кIудиял политикиял хIаязда гIахьаллъизе. Амма жакъа гьеб бихьулеб гьечIо. ГьечIониги гIолохъанал кавказиял бусурбан улкабаздехун руссана, дораса кумек швезегIан ралагьун чIун.

ХIакъикъаталдаги, гьадинаб кумек гьабулаан байбихьуда Машрикъалдаса рачIарал диниял хIаракатчагIаз. ГIарцул букIа, рухIияб букIа, политикияб букIа. Амма къанагIат гурони, гьадинал хIужаби гIемер рукIинчIо. Гьалеха, тIолго дунялалда миллиард гIанасев бусурбанчи вугеб мехалда нусгогIан чияс гьабулеб кумекалда бегьулищ абизе - гьеб киналго диниял вацазул кумек бугин? Бегьуларин дида ккола.

Амма ГIагараб Машрикъалдехун кIвар буссинабулел идеологаз гьадинал къанагIатал хIужаби кIодо гьарулел руго жидерго политикияб пайдаялъе. Гьес гьадин абулаан: "Ралагьеха, гьез нилъее гIарац кьолеб буго, нилъее гIоло гьел хIадурал руго хIатта гIумруцин бичизе!" - ян. Ай, гъозул гьадинаб кьучI букIана.

Цо-цо тарихиял хIужабиги рачулаан гьез тIадежоялъе. Мисалалъе насраниязулгун бусурбабазул букIараб дандечIей, ялъуни хIадисаздаса ва хирияб Къураналдаса росарал цо-цо жугьаби ва аятал. Бусурбанчиясул гьудуллъун насранияв, ялъуни жугьутIав вукIине кколарин абурал. Ва гIемерал гIолоханал божулаан гьезда.

Такрар гьабила дица - гьеб кинабго пайдаяб ишлъун букIана Магърибалде данде чIарал идеологазе. Ахир къад бижана Магърибалъул культураги жамгIиял ва политикиял къиматалги къабул гьарулареб цIияб гIел.

Гьел идеологаз гIолохъанал кавказияздаса тIалаб гьабулеб буго Шималияб Кавказалъул проблемабазул гуреб - халифаталъул тIалаб-агъаз гьаби. Гьез абулеб буго Ислам диналда миллат гьечIин, Ислам диналъ цолъараб умматалде ахIи балеб бугин. Гьединлъидал миллаталъул эркенлъиялъе гуреб - халифат гIуцIиялъе гIоло хIаракат бахъизе кколин гъозул хIисабалда. Амма миллияб бичIчIи инсанасда кIочон тани, ТIадегIанав Аллагьас гьарурал миллаталги камилариладай? Камила».

ЭР: Бегьулищ гьанже абизе миллияб гъираги камунин жакъа?

Майрбег Вачагаев: «Гьеб гъира букъун гьечIо, амма гъозие бокьилаан гьеб букъизе. ГIун бачIараб гIелалъул цIияб карачелги бахъана жакъа, миллияб пачалихъ базе хIадураб. Амма яргъид гIуцIарал радикалазул ахIи-хIур багъарараб мехалда гъозул сас рагIулеб гьечIо. Гьез жакъасеб ахIвал-хIалалъухъ хал-щал гьабулеб буго, ва гьединаб ахIвал-хIалалда Шималияб Кавказалъул республикабазда миллиял пачалихъал раялъул иш гьабизе рес гьечIо».

ЭР: Жиндир заманалда Совет Союз щущарабго гIадин нагагьлъун метер Россиялъул Федерацияги щущани щиб букIине бегьулеб Шималияб Кавказалда? Магърибалъул улкабаз кумек гьабизе бугищ гьадинал миллиял пачалихъал разе гьенир?

Майрбек Вачагаев: «Дида ккола Магърибалда тIадаб буго гьадинаб кумек гьабизе. Масала Россиялъул империя щущараб мехалда Магърибалъул улкабаз, тIоцебесеб иргаялда Англиялъги, Франциялъги, Италиялъги байбихьуда Деникиние квербакъи гьабуна, МугрIузул Республикаялъул интересал сан гьаричIого тун. Гьез абулаан Гуржистаналде ва Азербайжаналде данде ккун Шималияб Кавказалъул гIадамал церетIурал гьечIин ва гьезда кIвеларин жиндирго пачалихъ гIуцIизе.

Амма Деникин къун хадусала гьез хъващIтан байбихьана МугрIузул Республика ракIалде бачIинабизе: "Нилъеца МугIрузул Республикаялда хьул тIамурабани, рес щвелаан Шималияб Кавказ большевиказул Россиялдаса батIалъизабизе", - ян пикру гьабулаго.

1918 соналда Миллатазул Лигаялъ МугIрул Республикаялъе кьураб дипломатикияб паспорт.
1918 соналда Миллатазул Лигаялъ МугIрул Республикаялъе кьураб дипломатикияб паспорт.

Дие бокьилаан рекIелъ кIудияб гIагалигун абизе, жакъаги Магърибалъ нилъ хIисабалде росулел гьечIо, жидерго пикруцояллъун ялъуни ишцояллъун рикIкIунел гьечIо. Гъозул хIисабалда нилъ руго сан гьабичIого тезе кколеб дунялалъул гьитIинаб зарра.

​Цин Чачанлъиялда багъарараб кIиго рагъ, цингиги тIолго Шималияб Кавказалда тIибитIизабураб рагъ, хадуб - ГIагараб Машрикъалда байбихьараб. Гьеб гурищ гъозул иргадулаб тарихияб гъалатIалъе якъинаб далил?

1990 соназда Чачаназул Ичкерия ян лъазабураб Республикаялъе гьез квербакъи гьабурабани, гьадинаб балагь букIинароан жакъа. Амма жакъаги гьезда бихьуларо гьадинаб хIажалъи. Гьез хIукму гьабуна Россиялъул пуланаб оппозициялъе квербакъи гьабизе».

ЭР: Россиялъул оппозициялде хьул тIамизе бегьулищ,

Майрбек Вачагаев: «Дида ккола Россиялда унго унгояб оппозиция гьечIин ва гьанжесел политикиял шартIазда букIинеги рес гьечIин. Ходроковскиясул ва Навальныясул хIаракатчилъиялда клоунада гурони тIокIаб щибниги абизе кIоларо дида.

Гьел ва гьелда релъарал цогидал хIаракатчагIи Кавказалде данде чIарал руго.Жидее хIажалъи ккани, гьел хIадурал руго эркенаб Кавказалде данде къеркьезе Путингун цолъун.

​Кавказалъул хIаракатчагIазулийн бицани, гьезда тIадаб буго жакъа жалго жидецаго Европаялъул цивилизациялъул бутIалъун рихьизаризе. Амма, балагьараб мехалда, Магърибалъе жеги заман щвечIо гьелда тIад ургъизе.

XS
SM
MD
LG