МагъчIваялъе рес

Эркенлъиялъул багьа – бизнес


"Черновик" газетаялъул редакциялда.
"Черновик" газетаялъул редакциялда.

Москваялда чIарал Гъаякент мухъалдаса вацал ХIажисултанов Садрудинги Бадрудинги чиясде тIадекIанци гьабун, гьесул буголъи бахъиялъул гIайибги гIунтIизабун ичIго соналъ туснахъ гьарун руго.

Эркенлъиялъул багьа – бизнес
please wait

No media source currently available

0:00 0:05:29 0:00
Интернет-мухъ

Гьел вацал ккола Москва икълималда хIалтIилел рукIарал бизнесменал. ЧахIи-чахIиял тукабазде базаразде овощал раччулеб ва гьединго транспорталъулаб фирмаби рукIун руго гьезул.

Гьезухъа бизнес бахъизелъун ва гьезул кинабго иш хвезабизелъун ургъунго гьезул конкурентаз заказги кьун багъаризабун бугин ХIажисултановазда сверун гьеб такъсиргьабиялъул ишилан лъазабуна гьезул адвокатаз итни къоялъ «Черновик» газеталда букIараб пресс-конференциялда.

Адвокат ШагIбанов МухIамадшамилил рагIабазда рекъон Садрудиницаги Бадрудиницаги гьабунин абулеб такъсир 2012 соналдаго ккун буго. Москваялда аскIоса гIебеде ине букIараб юк баччулеб, къайидал цIураб автомобиль чIезабун буго полициялъул парталги ретIарал, гьезулго автомобилалдаги рекIарал чагIаз.

Гьез шоферги вухун, автомобильги гьелда тIад букIараб къайиги бикъун бугилан лъазабулеб буго цIех-рехчагIаз. Гьеб иш ккун кIиго сон ун хадуб автомобиль бачуне вукIарав Валиевилан абулев чияс вацал ХIажисултановаз гьабунила жиндиде тIадекIанцIийилан лъазабун буго полициялда.

ЦIех-рех чагIаз рихьизарурал суратаздаса лъан рагIула гьесда гьел вацал. ХIажисултановал полициялдеги рачун Валиевасда рихьизарун хадуб, гьесда гьел лъараблъи тадсикъ гьабун буго кIиго нугIас. Гьел нугIзалги гьеб такъсирияб иш бачунев вукIарав цIех-рехчи Садридинов Маратил чагIи ругила, гьес багъаризабунила гьел дагъистаниязде данде гьеб ишиланги бицана ШагIбановас.

Адвокатазул ракIчIун буго Садрудиновасе вацал ХIажисултановал жанир тIамейилан заказ бачIун букIиналда ва гьеб киналъухъго гьесие гIарацги кьун букIиналда.

Вацал ХIажисултановазул цойгидав адвокат Филип Шишовас журналистазе бицана гьев цIех-рехчи Садридиновги такъсиргьабиялда щалъи букIун рокъов туснахъ гьавун вукIун вугила, гьедин вугев чиясул рагIабазда божанила диван, адвокатазул далилазухъ берго реххичIилан.

Шишов Филип:«Садридиновас жиндирго нухмалъиялда цеве живго лъикIаб рахъалъ вихьизавизелъун ва жиндица хIалтIи гьабулеб бугин абизе, лъикIал хIасилал рихьизаризелъун жиндирго лъале-хъвалев узбекистаналдаса ШагIбановасда абун буго автозаправкаялда тIадекIанцIи гьабизе чагIи ралагьейилан ва гьеб кинабго такъсир хIадурейлиан.

ШагIбановас цере-цереги туснахалда вукIарав кIиго гIурусавгун рекъон гьеб тадекIанцIи хIадурун буго. Ахиралда, рукIаралъур гьелги тун живгоги тIурун вуго. Садридиновас гьел чагIи ккун руго, гьедин жинцаго ургъараб такъсир жинцагоги рагьун цIар щвезе къваригIун букIун буго гьесие.

Гьеб кинабго тIатун хадуб гьабун буго гьесда тIад такъсиргьабиялъул ишги. Гьедин гурони жиндир хIалтIи гьабун бажаруларев чиясда божана диван. Гьес ХIажисултановал Валиевасда ратIа-рахъизе лъараблъиялъе нугIлъи гьабизеги жиндирго лъадул вацги, гьеб автозаправкаялде тIадекIанцIи гьабиялъул ишалда гъорлъ вукIарав чиги рачун рукIинги чIезабуна нижеца диваналда.

Гьелъулги хIасилго ккечIо. Гьелда тIадеги гьеб такъсир гьабураб заманалда Садрудинги Бадрудинги цояв Дагъистаналда цойгидав Долгопрудный шагьаралда рукIана жидерго хъизан-лъималгун, гьеб такъсир ккараб бакIалда аскIоргицин рукIинчIо гьел.

Гьел кир рукIаралали бихьизабулеб буго гьезул телефоназги, биллингги гьабун гьелъ чIезабун буго кир гьел унголъун рукIаралали, гьелъие нуг1лъи гьабулев микьгониги чиги вуго. Гьеб кинабго гьадингояб хабарлъун рикIкIана диванчияс, гьезул алибиги гIинтIамичIого тана».

Ккун лъагIел сверун хадуб ичI-ичI соналъ туснахъ гьаруна диваналъ вацал ХIажисултановал. Гьезда хурхун диваналъ хIукму къанунги инсанасул ихтияралги хвезарун къотIанилан бицана адвокат МухIамадшамиль ШагIбановас.

МухIамадшамиль ШагIбанов:«Кинабго цIех-рехалъул хIасил гьабураб диваналъул данделъиялда диванчияс лъазабун буго хIукму 24 июлалъул радал 10ялда къотIизе бугилан. Киналго рикьа-риххун рахъун, вацалги туснахъалдего тIадруссун рачун ун хадуб диванчиясда ракIалде щун буго цIех-рех лъугIизегIан гьел туснахъ гьари 23 июлалъул къаси 12 ялда лъугIулеб букIин.

Гьелдаса хадуб диванчияс ХIажисултановал туснахъалдаса диваналде рачун щвезарулел рукIарал чаг1азде ахIун буго гьаб сагIат жиндихъе гьелги рачун рачIайин нужилан. Гьеб жо ккола къанун хвезаби, Россиялъул конституция тIадетун тей.

Диванчияс малъараб гьабун, рачун рачIун руго гьел вацал цIидахъан диваналде. Сардилъ цоялде бащадаб хIалтIараб мехалда я прокурор, я адвокатал цохIонигиялги гьечIого хIукму къотIун буго гьезие.

Ахиралда велъахъилаго гьеб хIукму хъвараб кIиго тIамачги кьун буго гьел кIиязухъего майила нужее гьаб жиндир рахъалдасан сайгъат бугила, туснахъалъул ичIго сониланги абун буго гьес».

Адвокатаз гьеб хIукмуялда тIасан гIарз хъван буго. Россиялъул тIадегIанаб диваналъ гьебги нахъе бахъейила гьеб ишалъулги цIидасан цIех-рех гьабейилан лъазабун буго.

Амма гьелда рази гьечIо прокуратура, гьез ХIажисултановазе битIараб тамихI гьабулеб бугила, гьеб хисизабугейилан гIарз хъван буго диваналде. Гьелъул халгьаби тIобитIизе ккола 16 марталда.

XS
SM
MD
LG