МагъчIваялъе рес

«ЧIегIараб сияхIалде» ккарал цIалул идараби


Рособрнадзоралъ гьукъун буго Дербенталда бугеб Дагъистаналъул Пачалихъияб университеталъул филиалалъе тIадеги абитуриентал къабул гьаризе.

Ахираб заманаялда республикаялда къана чанго пачалихъиял гурел тIадегIанаб цIалул идараги, пачалихъиял тIадегIанаб цIалул идараялъул чанго филиалги. Кинал рукIарал гьелъие гIиллаби?

Дербенталда бугеб Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул филиалалда гьединаб хIукуму гьабиялъе гIиллалъун кканин цIалул идараялъул нухмалъулезул кIвар гьечIолъиян абулеб буго гьелда хурхун Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул ректор Муртазали Рабадановас

Рособрнадзоралъ гьелда цбеги чанго тIадегIанаб цIалул идара къана Дагъистаналда. 2014 соналъ лицензия нахъе босун букIана СайидмухIамад-хIажи Абубакаровасул цIаралда бугеб институталъухъа, «Социально-экномический университеталъухъа», «Дагестанский институт прикладного искусства» абураб цIалул идараялъухъаги. Гьединго Рособрнадзоралъул «чIегIераб сияхIалде» ккун рукIана «Академия гражданской инициативы и медицины катастроф», «Светский институт народов Кавказа» абуралги ва гьединго ГIабдула Эфенди шайихасул цIаралда бугеб институтги.

2018 соналде щвезегIан киналго Россиялда ругел тIадегIанал цIалул идарабазул киналго филиалал къазе изну кьолеб хIукму бугин улкаялъул хIукуматалъул. Гьеб хIукмуялда гъоркье кканин жидер цIалул идарагиян бицана «Эркенлъиялъе», А.И.Герценил цIаралда бугеб Санкт-Петербург шагьаралъул Россиялъул Пачалихъияб Педагогикияб университеталъул Дагъистаналда рагьун букIараб филиалалъул проректорлъун хIалтIулей йикIарай Деревянко Ларисаца. Пачалихъгун дагIбадизе жал лъугьинчIин, амма киналго филиалал цадахъ къаялъул магIна жинда бичIчIуларилан абулеб буго гьелъ.

Деревянко Лариса: «Сундуеха гьел цинги гьел рагьулел рукIарал, гьанже цадахъ къазе рукIинейиш? ДагIба гьечIо, руго Дагъистаналда чанги филиалал жидер кепкилгIанги мукагIалъи гьечIел. Гьединал къазе ккола. Амма цIалул тадбиралъул рахъалъги, тIоритIулел батIи-батIиял олимпиадабазул рахъалъги цогидал цIалул идарабазда гьоркьобги кIиабилеб бакIалда букIараб филиал босеги босун щай къазе кколеб? Узухъда гьезда нижер гIадаб гьитIинаб филиал гьезда берзукъго бихьун батила, амма гьелъ жибго ритIухъ гьабуна хIалтIулебгIан заманалда жаниб».

Узухъда киналго филиалал цадахъ къаялъул рахъ жинца кколарилан абуна, «МугIалимзабазул махщалил цолъиялъул» нухмалъулев Амиродинов МухIамадица. Пачалихъалъул Лъай кьеялъул стандартазда рекъон хIалтIиги гьез гьабулеб батани, пачалихъалъул лицензияги гьезул батани гьел хIалтIизе бегьулин. Амма гьединал филиалал Дагъистаналда къанагIатги гьечIилан рикIкIунеб буго гьес.

Амиродинов МухIамад: «Дихъе щварал баяназда рекъон цохIо Дербенталда букIун буго филиалалги малъун 40-ниги цIалул идара. Гъоркьа рокъоб жаниб филиалги рагьун гьенисаги риччалел рукIана гьез студентал къватIире. Амма кинав махщелчи гьесул вахъунев вукIаравали дида лъаларо.

Рособрнадзоралъ хал гьабулеб кинаб къагIидаялъ гьел филиалал хIалтIулел ругелали, кинаб лъай гьез кьолеб бугебали. Гьеб халтIиги цохIо Дагъистаналда хурхун гуребги. Россиялда киса-кибего гьабулеб буго. БитIун гьабулеб буго, цебего мех щун букIана».

Дагъистаналда батIи-батIиял, хашаб гурони лъай кьоларел цIалул идарабигун филиалал ругилан бицун букIана цебеккун президент Рамазан ГIабдулатIиповас. Гьесул рагIабазда рекъон тIатинабун буго 62 гьединаб цIалул идара. Гьел киналго ругин дипломал ричулел будкабазда релълъун. Нижеца лъайкьеялда хадуб хъаравуллъи кколеб идараялде ритIанин гIарзабин абуна ГIабдулатIиповас, Дагъистаналда анкьго филиал гурони букIине бегьуларилан, щайгурелъул цогидал филиалаз гIадада хвезарулел ругин лъимал.

XS
SM
MD
LG