МагъчIваялъе рес

Ольга Лаппо: «Бастрыкиние психиатр къваригIуна»


Россиялъул цIех-рехалъул комитеталъул бетIер Александр Бастрыкиница лъазабуна жиндир идараялда информация бугин Украиналъул премьер-министр Арсений Яценюкица Чачанлъиялда букIараб тIоцебесеб рагъда гьабураб гьахьаллъи бихьизабулеб. Гьеб лъазабиялъ ахIи-хIур багъаризабуна прессалда. Нижеца бухьен гьабуна доб рагъул нугIзалгун ва гIахьалчагIигун мухIканлъи лъазаби мурадалда.

Арсений Яценюкица кIиго рагъулаб тунка-гIуссиялда гIахьаллъи гьабунин Чачанлъиялда. ТIоцебесеб - Грозный шагьаралъул Минутка абулеб майданалда 1994 соналъул 31-абилеб декабралда багъарараб ва кIиабилеб – Грозный шагьаралъул ичIабилеб номералъул азарханаялда аскIоб 1995 соналъул февраль моцIалда букIараб.

Асир гьарурал Россиялъул аскариял чIваялда ва гъозие гIазаб-гIакъуба кьеялдаги гIахьаллъанин Арсений Яценюк, ян лъазабуна Россиялъул цIех-рехалъул комитеталъул бетIер Александр Бастрыкиница «Российская газетаялъе» интервью кьолаго.

Гьединал ишазухъ Жовгьар Дудаевас Яценюкие кьун букIанилан «Миллаталъул къадру» абулеб орден. Бастрыкинил баяналда рекъон Украиналде Яценюк тIад вуссанин Гуржистаналдасан журналистазул къукъагун цадахъ 1995 соналъул байбихьуда.

Нижеца бухьен гьабуна Аслан Масхадовасул президентлъиялъул заманалда Чачаназул Ичкерия абураб лъиданиги къабул гьабичIеб Республикаялъул Яргъид гIуцIарал къуватазул Штабалъул бетIер хисулевлъун вукIарав Исханов ХIусенгун. Гьес гьадинаб бицен гьабуна Чачанлъиялда рукIарал украиниязул:

Исханов ХIусен: «Гъозул командирлъун вукIана Сашко. Арсений Яценюкица чачаназул рахъ ккун гIурус аскариязде данде вагъулев вукIанин абураб ЦIех-рехалъул Комитеталъул бетIер Бастрыкинил лъазаби рагIидал, дагьаб хутIана дун велъизегIан. Доб заманалда рагъда гIахьаллъулел щинал украиниязул суратал бигьаго ратизе бегьула интернеталда. Сон дида рихьана гьел суратал. Яценюк Чачанлъиялда дол соназда вукIаравани, ракIалда чIун вукIинаан дида гьев.

Бастрыкинил лъазабиялда бан щибха абилеб? ХIакъикъиял хIужабазде данде кколарел гIемерал баянал гьабуна гьес. Масала 1994 соналъул 31 январялда Минутка абулеб майданалда кьал букIанила. Ва Яценюк доб кьалда гIахьаллъанила. Амма доб къоялъ Минутка абулеб майдан эркенаб букIана. Рагъулал ишал шагьар бакьулъ гурони, тIокIаб кирниги рукIинчIо.

Гьеб цо. КIиабизеги - Бастрыкинил рагIабазда рекъон Яценюкица гIурус аскариял чIвалаан Октябрьский абулеб мухъалда февраль моцIалда. Лъалеб букIахъе доб заманалда дора Россиялъул аскариял рукIинчIо. ЩвечIо гьел доре».

Чачанлъиялда рагъ унеб мехалда дова вукIана журналист Виктор Меняйло. Доб заманалда гьев хIалтIулаан Эркенлъи радиоялъул мухбирлъун. Меняйлоцаги абулеб буго Бастрыкинил лъазаби хIакъикъаталдаса рикIкIадаб бугин.

Виктор Меняйло: «Украиналъул Уголовияб кодексалда рекъон чияр улкабазда рагъул ишазулъ гIахьаллъарал жавабчилъиялде цIазе ккола. Гьединлъидал дида ккола, Арсений Петрович дова, ай Чачанлъиялда вукIанин абураб Бастрыкинил лъазаби щакаб бугин. Гьев гьединго киданиги вукIинчIо УНА-УНСО абулеб партиялъул вакиллъунги.

1990 соназда дица дирго журналистикияб цIех-рех гьабулаан Украиналъул миллатчагIазул партиязул, ва дида киданиги рагIичIо Яценюкил цIарги, дида гьев вихьичIо гьел партиязул данделъабаздаги. ХIасил калам: Яценюкица чачаназул яргъид гIуцIаразул рахъ ккун рагъда гьахьаллъи гьабулеб букIанин абураб лъазаби дида щакаблъун бихьула».

Бищун кьварараб къимат Александр Бастрыкинил лъазабиялъе кьуна Украиналъул премьер-министрасул пресс-секретарь Ольга Лаппоца. Гьелъ абуна Россиялъул цIех-рехалъул комитеталъул бетIерасе психиатриялъул экспертиза къваригьун бугин.

XS
SM
MD
LG