МагъчIваялъе рес

Храх-Уба гьанже Палыдлы кколеб буго


Азербайжаналда бугеб Храх-Уба росдада Палыдлы абун цIар хисизе хIукму гьабун буго республикаялъул миллияб мажлисалъ. Советияб хIукумат чIагояб заманалдаса нахъе гьеб росулъ гIумру гьабун рукIана россиялъул ва дагъистаналъул чагIи. Улка биххун хадуб гьезул къисмат батIайиса сверана, чанго соналъ гьел рукIана Азербайжаналъул тIалъиялъ гьабулеб зулмуги хIехьон.

Гьанже росдада азербайжаналъул цIар хисиги гьеб цохIо жал гуребги тIолабго Россияго инжит гьаби кколилан абулеб буго гьеб росдал вакиллъиялъ.
Храх-Уба росдада цIар хиси гьабсагIат гьенир гIумру гьабун ругел гIадамазе жидеего бокьун гьабураб хIукму кколин абулеб буго Азербайжаналъул миллияб мажлисалъул регионалъул суалазул рахъалъ комитеталъул нухмалъулев Рагимзаде ГIарифица.

Храх-Уба ккола Хачмасс мухъалда гъоркье унеб росу. Республикаялъул Шималияб рахъалда бугеб гьеб росулъ 1950 соналдаса нахъе гIумру гьабун рукIана Россиялъул гIадамал, хъвай-хъвагIаялда рекъон гьел киналго ккола дагъистаналдаса. 1991 соналъ Совет хIукумат биххаралдаса гьел гIадамал хутIана чияр хIукуматалъ сверун ккураб бакIалда гIумру гьабулеллъун. Гьелдаса нахъе лъугIичIо гьезул гIумруялда жанир азербайжаналъул тIалъиялъул рахъалдаса гьарулел ракIбакъваялги квал-квалалги.

Азербайжаналъул нухмалъиялъ зулмуялдалъун жидедаса тIалаб гьабулеб бугин гьезул гражданство босизе, разилъичIони полициялде рачун, кьабун, рухун инжит гьарулел ругин жалилан бацана гьез прессаялдасан. Гьеб киналдаго тIасан чанго нухалъ митингал тIоритIана гьез МахIачхъалаялда. Митингалда гьез гIайиб чIвалеб букIана Дагъистаналъул нухмалъиялъул рахъалдаса жидее щибниги кумек щвечIилан.

Гьебго такрар гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе Храх-Уба росдада цIар хисиялда тIасан пикру загьир гьабулаго Мамедов Бахтиярица. «Храх-Уба» абураб жамгIияб гIуцIиялъул нухмалъулев ккола гьев. Жалго росулъ ругел гIадамазул разиялъиялдалъун хисун бугин росдада азербайжаналъул цIарилан абураб пикруялда рекъечIо гьев.

Жакъа гьенир гIумру гьабун ругелщинал чагIи азербайжаналъулал гурони гьечIин россиялъулал киналго гьениса гочинарунин, гьезул щивниги жакъа гьенив гIумру гьабун вукIаравани гьез гьедин абизе букIинчIилан рикIкIунеб буго Бахтиярица. Гьанже Азербайжаналъул тIалъиялъ рахъун цIар хисиялдасаги кининха ниж рази рукIинел, амма гьабизе кIолеб жоги нижеда гьечIилан мукIурлъана гьев.

Мамедов Бахтияр: «Узухъда ниж рази гьечIо гьез гьабураб хIукмуялда, амма нижеда гьабизе кIолеб жо гьечIелъул гьелда, ниж къуват гьечIеллъун руго гьезул мекъаб политикаялда цере. Гьеб буго цо ниж, Храх-Уба росдал чагIи гурелги тIолабго Дагъистан, Россияго инжит гьаби. Бахчиларо нижецаги цо кIудияб бахIарчилъи бихьизабичIо гьезул мекъаб хIукмуялда дандечIей гьабулаго, амма нижеца гьабуна бажарарабшинаб. Нижее абуни килщил багьаяб кумек гьабичIо я Дагъистаналъул, я Россиялъул тIалъиялъ, гIаксалда нилъерго хIакимзабаз рахъккуна гьезул зулмуялъулги, мекъабщиналъулги».

Азербайжаналъул рахъалдаса ракIалдаго гьечIеб ишлъун букIанищин нужее гьез росдада цIар хисиян гьикъидал, росдада батIияб цIар лъезе гIадаб хIукму гьез гьабилилан ракIалде ккун букIинчIониги, цIакъго ниж рихха-хочизабураб жо жинда гьениб бихьулеб гьечIилан абуна Бахтиярица.

2010 соналъ Россиялъгун Азербайжаналъ гьабураб хIукмуялда рекъон кIиябго хIукуматалда гьоркьоб гIурхъи чIван хадуб Храх-Убе росдал гIадамал гочинаруна гьениса нахъе. Ине бакI гьечIого хутIарал гIадамазе Дагъистаналда гIумру гьабизе бакI кьезе бугилан лъазабуна регионалъул нухмалъиялъ араб соналъ. Амма гьел киналго тадбиразе хIажалъулеб буго 900 миллион гъурущ.
XS
SM
MD
LG