МагъчIваялъе рес

Ххвалие гьабулеб праймериз ва мандатазда сверухъ къеркьей


Пачалихъияб думаялде унел депутатазул теледебатал лъугIана, праймериз абураб жоялъе хутIана анцIгогIан къо.

Интернет-мухъ

22 абилеб маялда цебеккунго гьарулел рищияз гIуцIизе кколел рагIула партиязул сияхIал. Законалда рекъон праймеризалда бищунго цIикIкIун гьаркьал щварал чагIи рукIине ккола партиялъул цересел сияхIазда, къурал - нахъегIан.

Амма 2011 абилеб соналъ рукIарал рищиязухъги гьебго праймеризалъухъги ралагьун гьеб практика тIубан хIалтIулеб гьечIо.

Арал рищиязда думаялде унел чагIи ана доб заманалда республикаялъул бетIерлъун вукIарав МухIамадсалам МухIамадовасулгун Москваялъул къотIа-къаяда рекъон. Квал-квал гьабулел чагIи ва оппозиция доб заманалда букIинчIолъиялъ батила анцIгогIан чи ун вукIана думаялде, жакъа республикаялъул бетIерлъун вугев Рамазан ГIабдулатIиповасул бетIерлъиялда гъоркь.

Рамазан гьеб заманалда гIезегIан политикияб сурсатги биларав, Москваялда бугеб гIемер машгьураб гуреб ВУЗалъул ректорлъун вукIана. Тохлъукьего вачIана думаялде унеб сияхIалда тIоцебесеб номералда гъоркь.

Цо экспертазул пикруялда рекъон гьев МухIамадгIалил хъизамалъ гIолохъанав МухIамадсаламие кумек ва кверчIваялъе витIун вуго дове. Цогидаб пикруялда рекъон, МухIамадсаламида гьев тIоцевесевлъун лъезавун вуго Москваялъ, ай президентасул администрациялъ хадусеб сценариялъе гIоло. Кин букIун батаниги ГIабдулатIипов думаялдаса сверун кьурун тIад вуссун вачIана Дагъистаналде бищунго кIудияб хъулухъалде.

ГIумруялъул завалалда вугев экономикиялъул доктор, гIолохъанав президентги хисун. Гьединаб буго арал рищиязул хIасил. Щиб ахIвал-хIалха бугеб жакъа?

ГIаммаб сурат цебе тIамизабуни 20II абилеб соналъ гIадин административияб ресурсги, тIасан чара гьечIого аслияб партия букIине кколин кьураб тIадкъайги гьечIеб къагIида.

Гьеб гьечIеблъи нилъеда бихьулеб буго гIадатлъун билълъараб ункъго парламенталъул партиязда тIаде гIезегIан кIудияб рес ва сурсат бугеб кIиго политикияб къуват загьирлъана республикаялда - "Народ против коррупции" ва "Родина" партиял.

Цоялда хадуб буго цониги партиялъул гьечIеб гIадаб, гъоркьан тIаде бачIараб ва гIаммаб идеология - диналда сверухъ цолъараб къуват (кигIан гьез ДУМД гьечIин гьелда нахъа абуниги). Цогидаб, партия "Родина" буго протесталъул гьаркьал цолъизабулеб бакI.

Гьелъие сабаблъун буго тIоцебесеб - МухIамадрасул ГIумаровасул миллат даргияв вукIин, Дагъистаналда аваразда хадусеб миллат, кIиабилеб - МухIамадгIалил электорат, Амировасул рахъ ккуразул гьаркьал, жакъасеб тIалъиялдаса рази гьечIел щинал даргиялги, хутIаралги цолъизе руго гьелда сверухъ.

Гьеб дагьаб къуват гуро. Гьеб ахIвал-хIалалъ рищиял гьаризе руго хIалуцараллъунги, хIасил кинаб букIинебали прогноз кьезе захIматаллъунги.

Щибха гьабулеб бугеб Думаялде унел кандидатаз? МухIканго власталъухъа кумек гьабилин рагIи щварал ругьунабго къагIидаялъ гIодоре риччан руго.

Гьединаб кумек щвелин рагIи кьечIел суратал рахъун, смсал ритIизарун, гьарун, цIалун, лъалел чагIи тIамун цо тIаса-масагоял, цIекIал, тIадагьал жал гьарулел руго. Масала, Россиялъул бахIарчи МухIамад ТIолбоевас дебатазда абулеб буго: "Дир буго цо принцип: Россиялъе - рецц, Америкаялъе - хвел!"

Океан бахун добехун бугеб, жиндир гьаракьги рагIулареб Америкаялда балев вуго ав жаниб республикаялда бугеб коррупциялъул ва цогидал гIунгутIабазул бицунеб гьечIо.

Республикани тела, мадугьалихъ бугеб Чачан республикаялда жиндир динцояв, миллатцояв цо гъаримав инсан хIакъаб рагIухъ рокъоса къватIивеги ккун кумек гьарулев вуго дунялалдаса.

Нолъ Кенхи росулъ маскаби ххурал чагIиги рачIун гьесул рукъ бухIана. Щайха ав дунялалъул рагIалда бугеб Америкаялда данде вагъизе гIураб таваккал бугев Россиялъул бахIарчияс гьеб ишалда хурхун пикру загьир гьабулареб?

Россиялъул закон хвезабизе бегьуларин абурабниги гьелда хурхун цо хIухьел рагIичIеб нилъеда цониги кандидатасдаса?

Щай гурелъул Барак Обамаца ал жаваб кьезе тIамуларогоха. Сундулха нилъее гьаб ахIвал-хIалалъ нилъее бицунеб бугеб? Гьалъ бицунеб буго кIиго рахъалъул.

Цояб рахъалдаса ххвалие гьарулел хIаязул - думаялъул рищияз ва праймеризалъ. Цогидаб рахъалъ унеб буго хIалуцараб къеркьей республикаялъул парламенталда бакIал ралагьизе лъугьарал къокъабазда гьоркьоб.

Кинаб рецепт гьаб ахIвал-хIалалъе къачIан бугеб республикаялъул нухмалъиялъ абураб суалалъе жаваб риидалиде бачIине батила. Хабар лъикIаб рагIайги.

======================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG