МагъчIваялъе рес

ГIарабаз дагъистаниязе бицине буго жигьадалъулги цогидалъулги


Исламалъул къанунал ричIчIизаризе Дагъистаналде вачIун вуго гIараб улкабаздаса чанго гIалимчи.

Гьез Дагъистаналда анкь базе буго. Гьеб заманалда жанир гIалимзаби щвезе руго МахIачхъалаялда, Каспийскалда, Хасавюрталда ругел исламиял ва дунявиял гIелмабазул цIалул идарабазде, гIахьаллъизе руго исламияб конференциялда, кIалъазе руго телевидениялдасан.

Гьев ккола ГIарабазул Цолъарал Эмиратаздаса, Египеталдаса, Кувейталдаса ункъо чи – шаргIалъул гIелму лъалев кIиго доктор МухIаммад Мустафа Аз-ЗухIайли ва ГIусман ГIумар МухIаммад, «Аль-Азгьар» университеталъул проректор, профессор МухIаммад МахIмуд АхIмад Гьашим, гьединго Къуръан лъазабиялъул рахъалъ докторлъун вахъарав ГIусман АхIмад ГIабдурахIим.

Ахираб чанго соналда жанир республикаялде гIемер рачIана исламиял гIалимзабазул Дунялалъулго гIуцIиялдаса вакилзаби. Цин бугони, гьез кьезе жо дагьаб бугин рикIкIуна цо-цо дагъистанияз.

Щайин абуни, масала, жигьад гьабиялъе кинал гIиллаби рукIунелали гьез хабар аслияб куцалда бицунила гьадингоги гьеб лъалел, жигьад гьабизе ракIалдагицин гьечIел чагIазда. Бищун экстремистазде гьетIи бугел гIадал чагIиги данде гьарун гьеб бицине щайила хIалбихьулареб.

Гьединго цогидазул пикру буго гIарабалъа рачIунел гIалимзабаз жидерго доба щайин гьеб гIала-гъважа чIезабулареб, доба жидерго къадру гьечIолъийищин гьелъул магIна. Гьелда релълъараб пикру ЭР-ялъе загьир гьабулеб буго Дагъистаналдаса журналист НурмухIамад Садикъовас.

НурмухIамад Садикъов: «СагIудиязул ГIарабиялдаса, Эмиратаздаса, Кувейталдаса, Байрехналдаса байбихьун гIезегIан гIараб улкаби руго исламалъул тушбаби. Исламалдехун хурхен бугебщинаб жо тIагIинабулеб ИГИЛалъе кумек гьабулеб буго гьез.

Гьеле гьел улкабаздаса рачIарал гIалимзаби гьелги руго. Доле ирга гьанже Иорданиялде щвезехъин буго. ИГИЛалъ накалде ккезабулеб буго гьеб улка. ГIизраилалдаса кумек тIалаб гьабиялде ккун буго гьеб динцояз квербакъиги гьабуларого.

ИГИЛги буго Америкаялъ ургъараб гIуцIи. Гьелда гъорлъе гIадамал цIангутIиялъе щиб гьабулеб бугеб гьел исламиял гIалимзабаз? Гьединго нилъеда щиб лъалеб гьаниреги рачIун нилъеда цо бицун, нахъруссун индал, доба щиб гьез бицунебали?».

Амма гьал къоязда Дагъистаналда ругел гIалимзаби лъицаниги балъго ритIарал чагIи гурин республикаялде, хас гьабун Дагъистаналъул бусурбабазул идараялъ ахIарал чагIи ругилан бицана Шигьабудин ХIусеновас ЭР-ялъе. Гьев ккола Дагъистаналъул бусурбабазул идараялда цебе гIуцIараб халкъазда гьоркьосеб бутIаялъул нухмалъулев.

Шигьабудин ХIусенов: «Чанги чагIазда кколеб буго (радикалиял мурадазул чагIаз ккезабулеб буго гьедин) Дагъистаналъул гIалимзабаз бицунеб жо жидецаго ургъун бахъулеб бугилан. ТIахьазда гьечIел жал рицунел ругин гьезилан. Гьеб мурадалъе гIоло ахIун руго гьал гIалимзабиги. Гьел ахIарав чиги дун вуго. Цониги гIадатияв, мукъсанаб лъаялъул чиги гьезда гьоркьов гьечIо.

Гьез абурабги нилъерго гIалимзабаз абурабги цого бугеблъи бихьизабизе къваригIун буго. Гьел киналго профессоралги докторалги ккола. Цояв вуго тафсир гIелмуялъул доктор, цогидав – хIадис гIелмуялъул, лъабабилев Къуръаналъул гIелмуялъул, ункъабилев – фикъгьиялъул (юриспруденция) докторал.

Дунялалда рагIарал, жидерго гIелмиял тIахьалги ругел, машгьурал университетазда дарсалги кьурал гIалимзаби ккола гьел. Масала, МухIаммад Мустафа Аз-ЗухIайли. Гьесул тIахьазда рекъон цIалула дора студентал.

ГIалимзабаз бицине буго жигьад щиб жояли. Дагъистаналда жигьад лъазабизе ккараб хIал бугищали. ГьабсагIаталда гIемерисезда кIалдиб бугеб тема кколелъул гьеб.

Гьединго хас гьабун ГIусман АхIмад ГIабдурахIим абурав гIалимчияс бицине буго щиб жо терроризм, радикализм кколебали. ГIусман ГIумар МухIаммадица - мазгьаб щиб жо кколебали. Гьелда нахъ рилълъине кколищ-кколарищали, тIадабищ гьеб бугеб, яги суннатабищали. МухIаммад МахIмуд АхIмад Гьашимица бицине буго фатва щибали - хIукмаби кин къотIулелали.

Масала, чи чIвазе бегьулищ-бегьуларищ? Яги чиясе заралалъе хIукму къотIизе бегьулищали. Нилъер гьаниб цо-цояз гIадин бигьаго гьединал хIукмаби къотIизе ихтияр букIунищали.

Гьединго МухIаммад Мустафа Аз-ЗухIайлил тема ккола – щиб жо кколеб Агьлу сунна валь джамагIа, щал кколел аль- ашгIариял, аль-матуридиял – гьезул кинаб гIакъида гIадахъ босизе кколеб, гьезда нахърилълъин щиб жо кколеб: тIадабищ кколеб, бидгIайищ кколеб?»

ПалхIасил, дунялалда рагIарал гьел гIалимзабазго бицунеб жо Дагъистаналъул гIалимзабазги бицунеб бугин, гьелдалъун нилъ гьезда, нилъерго гIалимзабазда хадур рилълъине кколин бичIчIизабиялъул мурад бугин гьеб тадбиралъулин тIадежубана Шигьабудин ХIусеновас.

XS
SM
MD
LG