МагъчIваялъе рес

Дагъистаналдаса «Анти-Платон»алъул гIахьалчагIаз акция заманалъ чIезе тана


Олексий Кустовскияс бахъараб карикатура
Олексий Кустовскияс бахъараб карикатура

Платон» системаялде данделъазабун букIараб протест 1 марталда гьоркьоб къотIизе тана дагъистаналъул рикIкIаде хьвадулел юкбаччулел автомобилазул бетIергьабаз.

Интернет-мухъ

Россиялъул цо-цо регионазда гьеб акция жеги халат бахъунеб буго. Дагъистаналдаса «анти-платоналъул» рахъкколез лъазабулеб буго жал хIалтIизе рахъине ругила, амма гьеб «Платон» системаялда рекъон гIарац кьезе гьечIилан.

Талат къоялъ Дагъистаналъул рикIкIаде хьвадулел юкбаччулел автомобилазул бетIергьабаз лъазабуна жидеца «Платон» системаялде данде лъазабураб протесталъулаб акция заманалъ гьоркьоб къотIизе толеб бугилан. Россиялъул тIалъиялъ жидер тIалабазухъ гIинтIамизе байбихьун бугила, жидее санагIалъи гьаризегинцин лъугьун ругин гьелилан абун разиго руго гьел акциячагIи. Амма тIубан гьеб «Платон» система хIалтIулареб хIал гьабизегIан жал нахъе къазе ракIалда гьечIо гьезда.

2016 соналъул 20 февралалда иргадулаб нухалда байбихьун букIана гьел юкбаччулел автомобилалрачунез «анти-Платон» акция. Гьелда цебеги Россиялда гьеб акция 2015 соналъул ноябралда байбихьун, моцIидасаги цIикIкIун халатги бахъун лъагIалил ахиралда заманалъ гьоркьоб къотIизе тун букIана.

Акциялъул киналго бутIабазулъ Дагъистаналъул шоферзабазги гIахьаллъи гьабуна. МухIканго чан дагъистанияс гьеб тадбиралъул рахъкколеб бугебали лъаларила, бищун дагьалдасан гьезул 300 ниги чи вугила, амма азаргоялдаса цIикIкIун чи ватизеги бегьулила гьезул кьеразулъилан абураб информация кьолеб букIана акиячагIазул церехъабаз.

Ахирисеб нухалда байхьараб гьеб тадбиралъулъ Россиялъул 43 регионалъ гIахьаллъи гьабун буго. Цебехун гьел рикIкIаде хьвадулел юкбаччулел автомобилалрачунезул тIолгороссиялъулаб данделъиялда къотIи гьабун букIана тIоцебесеб марталда акция гьоркьоб къотIизе тезе, амма цо-цо регионаз гьеб хIукмуялъухъ гIинтIамичIо.

Масала, Хакасиялдаса, Тюменалдаса Волгоградалдасагун Самараялдаса шоферзабаз лъазабулеб буго тIубан гьеб системаго нахъебахъичIого жал хIалтIизе гьечIилан.

Дагъистаналдаса гьеб «анти-Платон» апрель моцIалдалъагIан гьоркьоб къотIизе танила, хIалтIизе рахъинчIого рес гьечIила гIадамазулилан лъазабуна «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда Дагъистаналъул рикIкIадехьвадулел юкбаччулел автомобилазул ассоциациялъул бетIер МаламухIамадов Рустамица.

МаламухIамадов Рустам:«ГIадамазул гIарац гьечIо, гьединлъидал гьеб акция нижеца 20 февралалдаса тIоцебесеб марталдалъагIан гурони лъазабун букIинчIо. ТIоцебесалдаса хадуб букIунеб хIалалъ хIалтIизе лъугьине руго ниж. Щай гурелъул чанго моцIица букIине кколедухъ хIалтIичIого, гIарацги лъугIун хутIун руго шоферзаби. Хасало гьадингоги гIемер рейсал рукIунаро, исана ноябралда акция байбихьаралдаса нахъе тIубан хIалтIиялъул иш хвана.

Апрелалда тIолго россиялъул юкбаччулел рикIкIаде хьвадулел автомобилал рачунезул съезд букIине буго. Гьенир гьоркьор лъезе руго нижер киналго суалалги, тIалабалги хадуб щиб гьабилебалиги. Гьаб сагIат дица ракI чIун кинал акциял «Платоналде» данде тIоритIизе ругелали абун бажаруларо, амма мухIканго лъала гьел жеги чанги рукIине ругеллъи».

Гьединго Рустамица лъазабуна Россиялъул тIалъиялъ жидее дагьа-макъал бигьалъаби гьарулел ругила, амма тIубан жидер тIалабалги тIуразарун «Платон» система нахъе бахъизегIан жал нахъе къазе гьечIилан. Гьединго шоферзабазул лидерас лъазабуна жал хIалтIизе рахъаниги «Платон» алда рекъон гIарац жидеца кьезе гьечIилан.

МаламухIамадов Рустам: «Россиялъул хIукуматалъул бетIер Дмитрий Медведевас лъазабуна 2017 соналъул тIоцебесеб июлалдалъагIан «Платон» алда рекъон щибаб тараб километралъухъ босулеб багьа бахинабичIого тезе бугилан. 2015 соналъул ноябралда гьеб система хIалтIизе байбихьидал шоферзабаз гьелдаса разигьечIолъи лъазабуна. Гьелдаса хадуб исана 29 февралалдалъагIан тараб щибаб километралъухъ цо гъурущги 53 кепекги гурони босугейилан абураб хIукму къотIун букIана Россиялъул тIалъиялъ.

Гьединго хутIизе рагIулаха тIадеялъуллъагIан, амма гьелъ нижее кутакаб бигьалъиго кьечIо. Щай гурелъул исана тIоцебесеб апрелалдаса нахъе хиралъизе буго дизелалъулаб цIатариялъул акцизалъул багьа. Гьединго тIубан нахъебахъизе бугин абулеб букIараб транспорталъухъ магъалоги нахъе бахъизе гIедегIулеб гьечIо тIалъи.

Гьединлъидал нижеца лъазабулеб буго хIалтIизе рахъаниги нижер шоферзабаз «Платон»алда рекъон гIарац кьезе гьечIо. Гьеб системаялъул счетчикал лъураз бокьараб гьабейин абе, гьел лъун рукIинчIез лъезе гьечIо.

Къануналда рекъон ниж административияб тамихIалде цIазе бегьула ва нижеда тIад анцIазарго гъурущ гIакIаги къотIизе бегьула. КъотIизе биччан те, диваналда гьелгун къеркьезеги хIадур руго ниж».

Шоферзабазул лидерасул рагIабазда рекъон «Платон» алъул программаялда чахIиял автомобилаз тараб манзилалъухъ гIарац бихьизабулеб бутIаялде тIаде, гьанже автобусазухъ ва гIисинал автомобилазухъ кколеб гIарац бихьизабулеб гьединабго бутIаги гIуцIун буго. Жеги гьеб хIалтIизе биччан гьечIолъи бихьулеб бугила, амма гьеб гIуцIун бугелдаса нахъе хIалтIизе биччазе кватIиларила, гьеб мехалда тIубараб улкаялдаго транспорталъулаб коллапс букIине бугин абулеб буго Рустамица.

Гьел суалал тIуразе ва дандразелъун тIолгороссиялъул транспорталъул бетIергьабазул цолъи гIуцIизе ракIалда бугила жидеда, гьелъул киналго хIасилал апрелалда букIине бугеб съездалда цере росизе ругин бицана гьес.

XS
SM
MD
LG