МагъчIваялъе рес

Дагъистаналъул автономия гIуцIаралдаса 95 сон


Дагъистаналъул автаномия лъазабуралдаса 95 сон тIубалеб буго исана. Гьеб заманалъул нугIзаллъун рукIарал гIадамал цIакъго къанагIалъун руго, амма хутIулел руго тарихиял материалал ва хIужаби. Дагъистаналда автаномия лъазаби гIицIго большевиказул пикру гурин букIараб, 19 гIасруялъул ахиралдаго бицен букIнин гьелъулин баян гьабулеб буго тарихчи Тимур Айитберовас.

Гьал къояз Дагъистаналда кIодо гьабулеб буго Дагъистаналъул автономия лъазабуралда 95 сон тIубай. Амма дол соназ большевиказ жидецаго ургъараблъун бихьизабураб хIукму, Дагъистаналда автономия лъазаби, хIакъикъаталдаги, гьездасаги гIемер цебе букIанин гIурусазул цебетIураб пикру бугел бутIрузулъин баян гьабуна «Эркенлъи» радиогун букIараб гара-чIвариялда Дагъистаналъул тарихчи Тимур Айтберовас. 19 гIасруялдаго бицунеб букIанин гьелъулин баян гьабуна тарихчияс.

Тимур Айтберов: «Россиялъул империялда гъорлъ Кавказалъул цо-цо мухъазе автономиялъул даража кьеялъул 19 гIасруялъул авалалдаго бицунеб букIана, Масала, цIар рагIарав миллатчи, хадубккун большевиказ чIварав Михаил Меньшиковас хъвалеб букIана гIурусал гIумру гьабун ругел бакIаздаса цогидал миллатазул чагIи ратIа гьаризе ккеялъул.

Гьединго, доб заманаялда Москваялъул университеталъул ректорасул вас Николай Трубецкояс, гьаниб инкъилаб ккедал, Австриялде тIурун ун, гьенисан хъвалеб букIана Врангелихъе ва Деникинихъе, Россия бахъинабидал, цо-цо бакIазе автономиялъул даража кьезе ккелилан, хас гьабун гьес рехсолеб букIана Дагъистан. Гьединлъидал, большевиказ пайда босана, гьеб пикру хIалтIизабун гIуцIана Дагъистаналда автономия».

Инкъилаб бахъиялъе аслияб хIалтIи гьабурал чагIи, 30 соназ чIванин, хадубккун гьезул цIарал цIакъго кIодо гьаризе лъугьанин, хIакъикъаталдаги щал гьел рукIаралали абуни, гьел рукIанила доб заманалда перефериялда ругел, ай гъачагъ тайпаялъул гIадамал, гIицIго хис-басаз гурого жидер хIал хисизабизе рес гьечIел. ХIакъиъкиял революционерал гьезда гъорлъ цIакъ дагьал рукIанила.

Инкъилаб бахъилалде цебе Дагъистаналда хутIун букIинчIин интеллигенция, гIицIго имамзаби, къадиял ва шайихзаби рукIанин гьеллъун рикIкIине бегьулел гIадамал, Советияб кверщелалъ рижизарунин лъай бугел дагъистаниял ва дагъистаналъул интеллигенция лъугьинабиялъе кьучI лъунин баян гьабуна Тимур Айитберовас.

Пачаясул Россиялда гъорлъ бугебгIан мехалъ дагъистаниязул кодор ругел ракьал Дагъистаналда цIакъ дагьал рукIанила, аслияб куцалда гьел эрмениязухъ рукIанила.

Тимур Айтберов: «Александр III императорлъун вугеб заманалда шовинизмалъулаб политика тIобитIулеб букIана, Дагъистаналъул гIодорлъабазда гурел мугIрул ракьалги ун рукIана рахъун, масала ЦIунтIа ва ЦIумада мухъазда.

Советияб кверщел бачIун, Дагъистаналда автономия лъазабиялъ Дагъистаналъул ракьал рукIарал гIорхъабалъе рачIана ва жалго дагъистаниязухъе щвана. Гьеб гуребги, дагъистанияв вукIинчIо цониги нухмалъиялда.

Инкъилаб бахъилалде цебе дагъистанияв вукIине рес букIараб бищун кIудияб хъулухъ букIана губернаторасул канцеляриялъул нухмалъи, хадубккун киналго пачалихъиял идарабазул нухмалъи щвана жалго дагъистаниязухъе».

XS
SM
MD
LG