МагъчIваялъе рес

Сириялде гьанже рагъизе гурелги ахIулел руго


Дагъистаналъул Дагогни шагьаралдаса Ярмаметова Хъистаманица республикаялъул бетIерасде хитIаб гьабулеб буго Сириялъул Ракка шагьаралда ругел жидер нусги кIиябго лъимерги гьениса нахъе бачине квербакъеян.

Гьелъул вас Ярмаметов Рамиль чIван вуго гьенив Сириялъул хIукуматалда данде вагъулаго. Гьениве инегIан Россиялъ гьев федералияб цIех-рехалде кьун вукIун вуго изну гьечIого яргъид гIуцIаразда гъорлъ вукIунилан.

Дагъистаналда гIемер руго гьедин Сириялде рагъизе арал жидерго гIагарал гIадамал тIадруссинаризе хIалбихьулел чагIи. Масала, Хасавюрталда гIумру гьабулев ЦIумада мухъалдаса МухIамадица ЭР-ялъе бицана жинца кибего гIарзаби хъвалел ругин лъадуца Сириялде бачун араб жиндир кIиябго лъимер нахъе тIалаб гьаризе квербакъеян, амма жеги лъицаниги гIинде босулеб гьечIин жиндир гьари.

Гьединго Туркиялда бугеб Россиялъул официалияб вакиллъиялъ гьев тIаса ккезавун вуго гьеб нужер хъизаналъул иш бугин, нужецаго тIубаян. Амма жий гьаюрай эбелалдагицин мун бусурманчIужу гурилан, такфир лъазабурай гIаданалъулгун жинца иш лъугIизабунин, гьанже жиндие гIицIго жиндирго лъимал ургъел бугин бицана МухIамадица ЭР-ялъе.

Хасавюрталдаса Эдик Арсанукаевас школа лъугIизабуна меседил медалалда, хъвалаан кучIдул – эбел-инсуде, гIагарлъиялде. Цинги гьев ана динияб цIали гьабизе Египеталде. Хадув – Сириялде, ИГИЛалде. Гьанже гьес гьениб гIуцIун буго Аль-Баян абун радиостанция.

Египеталда цIалулеб мехалда эбелгун цадахъ живги щун вукIанин гьесухъеян бицана Арсанукаевасул гьитIинав вацас.

Вац: «Египеталъул тIалъиялъулгун дандеккунгутIаби рукIана гьесул, гьеб заманалда Александриялда вукIана дов. Гьединлъидал Туркиялде ана, доба бигьаго бугинги абун. Гьанжеялдаса хадув Дагъистаналде тIадвуссинарин ккола дида гьев.

Щайин абуни гьев гьанив лъиданиги вичIчIуларо – гIагарлъиялдаги цогидаздаги. Гьелъ гьесие гьаниб захIмалъизе буго гIумру гьабизе. Дунял кIваричIинлъидалха гьез абулеб бугеб, бищун аслияб жо гьезие хвалдаса хадусеб гIумру ккола».

Египеталдаса вачIун цо къокъабго заманаялъ Арсанукаев Эдик Хасавюрталда вагIзаби гьарулев вукIанин бицана къанун цIунулел идарабазул хIалтIухъанас. Гьев хьвадулев вукIараб мажгит буго шагьаралъул шималияб рахъалда – Северная мажгит.

Ункъо чиясул бетIергьанлъиялда букIараб ракь гьеб мажгит базе кьун бугоан чанго соналъ цебе. Гьедин салафияб рикьиялъул гIадамазухъа гIарацги бакIарун бан лъугIун буго гьеб. РечIчIараб гулла гъорлъе унареб Газелалдаги рекIун хьвадулаанин мажгиталъул дибир Илясин абуна къанун цIунулез.

Амма зулмуялдалъун улкаялъул гIуцIи хисизабизе ахIулел вагIзаби гьарулел ратун, жидеца гьев дибирги жанив тIамунин, мажгитги къанилан тIаде жубана хасал хъулухъазул хIалтIухъабаз. Амма мажгит жеги хIалтIулеб бугоан. Къанун цIунулезул баяназда рекъон, Северная мажгиталдаса 40 чи ун вуго Сириялде вагъизе.

Рагъизе гурелги, хIалтIизеги унел руго гьанже гьенире. ЭР-лъухъе щварал баяназда рекъон, Сириялде араз жидерго лъале-хъвалезухъе хъван бачIунеб рагIула жидер пачалихъалъе батIи-батIиял махщалил чагIи къваригIун ругин, нужги рачIайин анире хIалтIизе.

Гьединаб цо кополаб хIужа жидер хIалтIухъанасулгицин кканилан бицана къанун цIунулел идарабазул цо хIалтIухъанас. Сириялде иналда щаклъи букIиналъ къанун цIуниялъул идарабазул халкквеялда гъоркь вукIарав Хасавюрталдасаго чи полициялде ахIулаанила зама-заманалдасан хIисаб кьезе.

Цинги цо заманалдасан тIатун буго гьев Сириялде аравлъи. Гьедин цо къоялъ дос хъван бачIун буго полициялъуласде мунги вачIайин аниве, полициялъул хIалтIухъаби жидееги къваригIун ругин гьанирилан.

Гьаниб ракIалде щвезабизе бегьула, ИГИЛ Россиялдаги цогидал улкабаздаги лъазабун буго терроралъул гIуцIилъун.

XS
SM
MD
LG