МагъчIваялъе рес

С. Амиров : «Жакъа дун террорист кколев вуго»


17 марталда МахIачхъалаялъул экс-мэр СагIид Амиров диваналда цеве вахъана ахирияб каламгун.

С. Амиров : «Жакъа дун террорист кколев вуго»
please wait

No media source currently available

0:00 0:04:17 0:00
Интернет-мухъ

Жиндирго кIалъаялда Амировас лъазабуна гьесда данде бугеб иш политикияб заказ бугилан. Гьединго кIалъаялда Амировас гIарз гьабуна диванчагIазги прокурорасги ишалъухъ мухIканго хал гьабиIого хIукму къотIун бугин жиндие.

МахIачхъалаялъул вукIарав мэр СагIид Амировас ахирияб калам загьир гьабуна Россиялъул ТIадегIанаб диваналда цебе 17 марталда.

Араб соналда СагIид Амиров гIумурялъго туснахъ гьавизе къотIараб хIукмуялда тIасан тIобитIулеб диваналъги цебесеб диваналда прокурорас гьабураб хитIаб такрар гьабулеб бугин лъазабуна Амировас.

Ростовалъул диваналда прокурорас гьабураб каламги рагIиккун такрар гьабулеб бугила гьанжесеб диваналъул прокурорас, гьелъул магIнаялда гъорлъецин лъугьинчIогон.

Жиндирго каламалда Амировас гIайиб гIунтIизабуна, диваналъе жив гIайибияв вугин абураб жо гуреб, батIияб жо рагIизе хIажат гьечIилан. Диваналда гIураб къадаралда рихьизарунила хIужаби жиндир гIайиб гьечIолъи тасдикъ гьарулел, уголовияб ишги гьересияб букIин бихьизабулеб, амма гьеб кинабго лъиениги хIажат гьечIила бихьун. Жинда хурхун рагьараб иш политикияб заказ кколилан баян гьабуна экс-мэрас.

Саид Амиров: «Дица такрар гьабиларо цIидасан дир адвокатазги, нугIзабазги гьаниб бицараб жо. Дица абила гIицIго – дир гьел киналго рехсолел ругел такъсиразулъ кинабгIаги гIахьаллъи гьечIо. Дида тIасан рагьаралщинал такъсир гьабиялъул ишалги руго политикияб заказ, цо кIудияб гьересияб документ. Аслуялдасанго дида гIайиб букIин тасдикъ гьабун бажаруларо, щай гурелъул дир гьел такъсиразул кинаб букIаниги гIахьаллъи гьечIого».

Амировас абуна, гьеб гIайиб гIунтIиабулел гIадамаз цо лахIзаталъ берал къанщун, хIисаб гьабулеб гьечIила, гIумруялъго туснахъ гIайиб гьечIел чагIи гьарулел рукIин.

Жив террористлъун вихьизавулел вугила, жив террористазда данде вахъарав чи вугин баян гьабуна Амировас. «Бищун цебе, доб заманалда дица гьабуна террористазе дандечIей, ракIарун гIадамалгун. Я ФСБялъ, я МВДялъ, я Дагъистаналъул тIалъиялъ кинал рукIаниги галаби тIамилалде, ракIарарал чагIигун дандечIей гьабуна. Жакъа дир гьавулев вуго террорист», -ян абуна экс-мэрас.

Амировас диваналда гьарана ритIухълхъи бихьизабизе.

Рес буищ ТIадегIанаб диваналъ Амировасе котIараб хIукму хисизабизеяли цIехана «Эркенлъи» радиоялъ журналист ГIалисултан ГъазимухIамадовасда. Гьесул пикруялда гьелда божизе бачIунеб гьечIо. Щай гурелъул, лъие букIаниги хIажалъичIогон гьев жанив тIамизе рес букIинчIолъиялъ. ХIакъикъиял такъсиразухъ жанир тIамулел рукIаралани, жеги гIемерал чагIи цIалаанинила тамихIалде, Амиров абунани, гъоркье реханила.

ГIалисултан ГъазимухIамадов: «Амировас гIемерал соназ хIана политикаялда кIвар цIикIкIараб роль. Пачалихъалъул мурадазда цадахъго, гьесда кIочон толароан жиндирго ва гIага-божаразул мурадалги. Пачалихъалъул мурад цIунулинан вукIун, гьес къануналда, ритIухълъиялда данде кколарел жал гIемер гьаруна. Амма дир хIисабалда гьев гуккана цо-цо къуватал, балъгоял идарабазул хIалтIухъабаз. Гьев тIамулев вукIана бецIал ишал гьаризе, жидерго кверал рацIадго тун, СагIид амиров гьедин хIалтIизавуна чIахIиял къуватаз»

МахIачхъалаялъул вукIарав мэр жанив тIами кканила Россиялда жеги букIинчIеб жойин бицана Гъазимух1амадовас.

ГIалисултан ГъазимухIамадов: «Дира ракIалда буго Амиров туснахъ гьавурав тIоцересел къоязго, Гейдар Джемалица абураб: Амиров туснахъ гьави Россиялъул историялда жаниб батIияб нух рагьи бугилан. Гьес бичIчIизабуна Путинида гьанже лъагIан кIвечIин гьесие гIадлу гьабизе. Гьесие хIукуму хисизабизе батилин абураб жоялда дун божуларо. Нилъер пачалихъ буго вахIшияб пачалихъ. Инсанасул ихтияралги инсанасу мурадалги нилъер пачалихъалъ малакь лъола. Гьесие шартIал тамах гьаризе ккела. Гьев вуго сакъатав чи».

Амировасда цадахъго ругел жеги ункъояз ахирияб калам загьир гьабичIо, гьелде хIадурлъи гьабизе анкь кьун буго ТIадегIанаб диваналъ. Диваналъул данделъи тIобитIизе буго 24 марталда.

XS
SM
MD
LG