МагъчIваялъе рес

Абу-Рофик: "Мурад - бусурбабазул ракьал хвасаргьари"


«Дида цIар буго Абу Рофик, дун вуго блоггер, публицист ва эркенав рагъулав инструктор. Дица бицен гьабулеб буго Сириялда лъугьа-бахъунелъул. Дица гьениб гIемераб заман бана». Гьадин хъвалеб буго гIурус мацIалъ Централияб Азиялдаса Алеппоялде вачIун, «ДжабхIат аль-Нусраялъул» кьеразде гъорлъе жуварав гIумрудул 23 сон барав къеркьохъанас.

«Исламияб пачалихъалъул» гIемерал къеркьохъаназ социалиял сайтазда ругел жидерго аккаунтал рахчун чIолеб мехалда, гьав рехсарав Абу Рофикица араб анкьида интервью кьуна Норвегиялъул Verdens Gang газетаялъе. Гьес жигараб къагIидаялда хъвадарула ВКонтакте, Facebook ва Twitter абулел социалиял сайтазда.

Зама-заманалъ гьесул социалиял сайтазде провайдераз нухал къалел руго, гьеб мехалъ псевдонимги босун, гьес цIияб интернет гьумер рагьулеб буго. Ва жив лъазави мурадалда гьес киса-кибго толеб буго «Леванталъул аскарилан» абулеб хэштэг, ай – хасаб ишара.

Гьеб гуребги селфи-форматалъул къагIидаялда гIемерал жиндирго сутаралги загьираралел руго, рагъулаб ретIелги ретIун ва ярагъ кодобеги босун. Амма гьесул гьумер кидаго бахчараб буго.

Сундул хIакъалъулъ хъвалеб бугебали Абу Рофикица? Гьес ахIи балеб буго жигьадалъе квербакъи гьабулезде, «Аль-Нусра» гIуцIиялъе рагъулаб техника бичун бисизе гIарац гьарулаго.

Гьеб гуребги, Россиялда ругел гIолохъанал бусурбаби гьес жигьадалде ахIула, ва абулеб буго гьеб бокьулезе жинца гIакълу кьезе хIадурав вугин Сириялде – сапар кин бухьизе бегьулебали ва «Аль-Нусрагун» бухьен гьабизе кин кколебали...

«Ниж ралагьун чIун руго нуж рачIинегIан. Аллагьасул лагъасда тIадаблъун гьечIищ Аллагьасе бищун бокьулеб ищ гьабизе?» - ян абураб хъвай-хъвагIай гьес тана жиндирго Facebook-алда 18 октябралда.

Гьав Абу Рофикица социалиял сайтазда жигараб къагIидаялда жигьадалъул хIаракат бахъулеб бугониги, гьес Аль-Нусраялъул церехъабазе гьа бачIо ва рагъулал ишазулъ гIахьаллъи гьабичIо. Узбекистан тун, гьес байбихьуда Россиялда, Татарстаналъул тахшагьар Казаналда гIумру гьабулаан, хадуб Сириялде ана.

Гьес чанги нухалъ лъади ячана. Жиндирго блогалда Абу Рофикица абулеб буго гIадамаз жив какулин гIемерал лъудби рачиналъухъ.

Сириялда жиндир лъади гьечIо, ян абулеб буго Абу Рофикица. Аммаила, дурус гьабулеб буго гьес, жинца ВКонтакте абулеб сайталда рокьул бухьен гьабунин Муслимат ГIабдуллаева абулей ясалъулгун. Гьеб гьелъул унго-унгояб цIарищ, псеводонимищали, гьебги баянаб гьечIо.

Норвегиялъул Verdens Gang газетаялъе интервью кьолаго, Абу Рофикица абуна, жив Сириялде вачIанин Сириялъул халкъ Башар Асадил низамалъукьа борчIизаби мурадалда.

Гьаб интервью кьун хадусала, ВКонтакте абулеб сайталда бугеб жиндирго блогалда Абу Рофикица абулеб буго Норвегиялъул газетаялда баянал кьолаго, жинца бичIчIизабунила, Магърибалъул прессалъ «Аль-Нусра» фронталъул хIаракатчилъи мекъса бихьизабулеб бугин.

«Нижеде данде бачунеб рагъда гIахьаллъи гьабуларел ГIисал диналъул гIадамал, ягьудиял ва цигидал диназул вакилзаби чIвай гурин «Аль-Нусраялъул» мурад. Мурад – бусурбабазул ракьал залимзабазукьа ва оккупантазукьа хвасаргьари ва гьениб унго-унгояб Исламияб пачалихъ бай». – ян абулеб буго Абу Рофикица.

(Джоанна Паращукил макъалаялъул таржама)

XS
SM
MD
LG