МагъчIваялъе рес

Дагъистаниял гьечIеб Олимпиада ялъуни Якутиялъул кIудияб хIилла


Якутиялда, Эркенаб гугариялъул рахъалъ Россиялъул чемпионаталда ккараб лъугьа-бахъиназ бахъинабураб ахIи-хIур жеги гIодобцун гьечIо.

Интернет-мухъ

Дагъистаналъул тIасабищараб команда 30 маялда республикаялде нахъбуссана. КватIичIого Рио-де-Жанейро шагьаралда тIоритIизе ругел Олимпиадаялъул хIаязда Дагъистаналъул рахъалдаса гIахьаллъизе вуго гIицIго ГIабдурашид Садулаев. ХутIаразул хIакъалъулъ суал рагьараблъун хутIулеб бугин лъазабуна Россиялъул тIасабищараб командаялъул нухмалъулев Дзамболат Тедеевас.

29 маялда рагIалде бахъана Якутиялда тIобитIараб Эркенаб гугариялъул рахъалъ Россиялъул чемпионат. Киналго цIайиязул хIасилал загьир гьарун, цIиял чемпионал баян гьаруна халкъалъе. Амма гьел хIасилал рукIана Дагъистаналъул тIасабищараб командаялъул гугарухъабиги гIахьаллъичIого рагIалде рахъарал финалиял къецазул хIасилал.

ЭР-ялъ цебеккун бицухъе чемпионат бабйихьараб тIоцебесеб къоялъ, 27 маялда ккараб хIужаялъ кIудияб хис-баси гьабуна турниралда. 57 килограммалъул цIайиялда Дагъистаналдаса спортсмен ИсмагIил Мусукаевасулги, Якутиялда Виктор Лебедевасулги дандчIваялда реферияс тIатIалаго мекъал балалги кьун бергьинавуна Якутиялдаса гугарухъан.

Амма гьеб дандчIваялъул цIидасан халгьабидал загьирлъана гьенив хIакъикъаталдаги байбихьудаго цеве унев вукIарав ИсмагIил Мусукаев бергьаравлъи. Амма рефериясул гъалатI букIараблъи ва бергьенлъи Мусукаевасе щвараблъи диванчагIазул комиссиялъ чIезабуниги, гьедалъун хIасил хисичIо ва полуфиналиял къецазде виччана Виктор Лебедев.

Гьеб хIужаялъ карабиххинабурал Дагъистаналъул командаялъул нухмалъиялъги хъуй бахъинабуна ва киналго гугарухъабаз инкар гьабуна ургуялде рахъине. Гьеб чемпионталда бергьарал чагIазе рес щола исана Рио-Де-Жанейро шагьаралда тIобитIизе бугеб Олимпиадаялда гIахьаллъи гьабизе.

Дагъистаналъул тIасабищараб команадаялъ гьабураб хIукмуялъул рахъкквечIо Россиялъул тIасабищараб командаялъул бетIерав тренер Дзамболат Тедеевасги, спортивияб гугариялъул рахъалъ Россиялъул федерациялъул нухмалъулев Михаил Мамиашивилицаги.

Гьединго ккараб жоялъухъ балагьичIого чемпионаталда церерахъаян абураб кагъат битIана Дагъистаналъул командаялъухъе республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповасги. Амма гьез жидерго пикру хисичIо.

Якутиялда ккараб лъугьа-бахъиналда тIасан жиндирго пикру гьадин загьир гьабулеб буго Дагъистаналъул тIасабищараб командаялъул бетIерав тренер Сажид Сажидовас.

Сажид Сажидов: «ДиванчагIаз гьединал хIиллаби гьарулеб тIоцебесеб нух гуро. Амма гьезул гьечIо гьелда хурхун чIванкъотIараб хIукмуцин. БукIарабани гьединал хIужабазда хурхун къабул гьабураб цониги къанун, кIалъазе бакI букIинчIо нижер, амма гьединаб къанун гьечIелъул. Гьединлъидал дица гьезда абуна ниж гIадамаллъун нужеца рикIкIунарел ратани, щибинха гьабилеб. Нужее кIудияб баркалайин, ниж паракъат рокъоре нахъруссинин.

Гьадинаб гуреб, гIадамазул гIадаб диванги бугеб, яхI-намус бугел гIадамал ругеб бакIалде рачIинин ниж хадруккун. Нужецайин абуни 3 копейкалъухъ бичулеб бугин намус. Нуж гьанир ругин гIодорчIун, амма гьал гIолохъабигун дун щибаб къойил дандчIвалин. Гьез тIолеб гIетIги, бахъулеб хIаракатги, гьезда бихьулеб захIматги дида лъалин.

Жакъа нужеца, хасаб мурадалда рекъон тIоцебесеб кьерда вукIине кколев чисул цIарчIвалеб бугони, хIакъикъаталдги гьеб тIоцебесеб кьералда вугес щибин гьабизе кколеб? Гьебищинха кколеб эркенаб гугари.

Гьанже хутIанин ургуялда сверухъ маххул чалиги чIван гьеб сверун къазе, сверухъ ОМОНГИ тезе хъаравуллъуда. Щибаб нухалда букIунеб гьаб гизма кинаб жойин кколеб? Гьединаб хабар букIана дирги гьезулги. Дида кIолаан Мусукаевасе гьединаб хIилла гьабуниги, гьа щибинха гьабилеб, гьеб кIочон тараб бихьугегиян цогидал гугарухъаби ургуялде риччан хабар къотIизабизе. Амма гьедин гьабизе дида квечIо. Намусалъ къабул гьабичIо».

Гьеб чемпионаталъул хIасилал гьарулаго Дзамбулат Тедеевас абуна жеги кинабниги хIукму гьабун гьечIин, Мосвкваялде щварабго киналъулго хIасилги гьабун къотIизе бугин хIукмуян. Щив ине вугев гугарухъабазул Олимпиадаялдеян гьикъидал гьес абуна гьабсагIаталда ракIчIун лъалин ГIабдурашид Садулаев уневлъи.

ХутIаразул суал рагьараблъун хутIулеб бугин. Дунялалъул ва Европаялъул чемпион, Дагъистаналдаса ГIабдурашид Садулаев Олимпиадаялде гьанжего тасдикъ гьавулев вугилан лъан букIана жеги Якутиялда Россиялъул чемпионат байбихьилалде чанго моцIалъ цебе. Гьелъие гIиллалъун Россиялъул тIасабищараб командаялъул нухмалъиялъ баян гьабуна гьанжелъагIан киналго турниразда гьес босараб ракIчIараб бергьенлъи.

Дагъистаналъул гугарухъабазул цевехъан, Билал Маховасги баян гьабуна щай жидеца Дзамболат Тедеевасулги, Михаил Мамиашвилилги, гьединго республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповасулги гьари гIадахъ босичIебали.

ТIоцебесеб иргаялда, командаялдаса тренерал Маирбек Юсуповасги, цогидазги загьир гьабураб пикру бугин киназго ургуялде рахъине инкар гьабеян абураб. КIиабизе бугони гьеб кколила жидер гугарухъабазул вацлъиялъулаб хIукму.

Жидеца загьир гьабураб дандечIей гьеб гIиси-бикъинаб жо гурин. Жидер мурад бугин гьеб ритIухълъи гьечIолъиялде киназго кIвар буссинаби. Гьелъи гIоло Олимпиадаялде ине букIараб ресги, щвезе рукIарал медалалги къурбан гьарунин гIолохъабаз.

XS
SM
MD
LG