МагъчIваялъе рес

Жалалдинов: "Кванхи росу батIа бахъизе лъалеб хIалалда гьечIо"


26 may. 2016. Makhachkala
26 may. 2016. Makhachkala

31 маялда Чачан Республикаялъул Кванхи росулъе тIадвуссана кIигогIан моцIалъ цебе Россиялъул президент Владимир Путиниде видеохитIаб гьабурав гьеб росулъа магIарулав Рамазан Жалалдиновги гьесул хъизанги.

30 маялда гьес рекъел гьабуна Чачан Республикаялъул тIалъиялъулгун. Рамзан Къадировасда кIалъазе чи валагьулаго Жалалдинов щун вуго ХасмухIамад-хIажихъе. Гьев ккола 20 соналъ цеве МахIачхъалаялда кьвагьизавурав Дагъистаналъул муфтий СайидмухIамад-хIажи Абубакаровасул эмен. Гьединго лъикIав жамагIатчийин абулев чиги машгьурав тохтурги. Рекъел гьабулеб бакIалда, МахIачхъалаялда, живго Рамзан Къадиров вукIун гьечIо, Чачаналдаса гьесул вакилзаби гурони.

Гьеб рекъелалда тIасан батIи-батIиял харбалги пикрабиги. Масала, рищиязда цере яги Рамзан Къадировасда берцин рихьизе къваригIарал чагIаз пайда босну бугин гьеб ахIвал-ххIалада абун.

Гьединлъидал ЭР-ялда ракIалде ккана живго Рамазан Жалалдиновасда гьикъизе гьелъул хIакъалъулъ.

Рамазан Жалалдинов:

please wait

No media source currently available

0:00 0:02:45 0:00
Интернет-мухъ

Инстаграмалдасан Рамзан Къадировасги хъвана Рамазан Жалалдинов гьусулел чагIи рукIанин, гьез хIаракат бахъулеб букIанин росулъ хIинкъи бугилан, гьев гьениса инавизе.

XS
SM
MD
LG