МагъчIваялъе рес

ООН: Ракьдагьоркьосеб ралъдалъ гIанкъун ватизе бегьула 700-ялдасаги цIикIкIун мигрант


Шималияб Африкаялдаса Европаялде унев 700-ялдасаги цIикIкIун мигрант гIанкъун ватизе бегьула Ракьдагьоркьосеб ралъдалъ ахирисел къоязда. Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул жидерго бакIаздаса лъутизе ккаразул ишазул рахъалдаса вакил Карлотта Самица Associated Press агентлъиялъе лъазабуна Италиялда аскIобеххун лъабго гама гIанкъиялъул хIакъалъулъ.

Мигрантал тIад рукIараб гама бегиялъул хIасилалда 25 маялда лъалкIал ратун гьечIо нусго гIанав чиясул.

26 маялъул радал катастрофа ккун буго 700 гIанав чи тIад вукIараб гамаялъе. 550 чи рикIкIунев вуго жив киве ккаравали лъачIого тIагIаравлъун. 104 чи хвасар гьавун вуго. РагIаллъабазул хъаравуллъабазда батIун буго 15 жаназа. Карлотта Самил информациялда рекъон, гьеб гама букIун буго мотор гьечIеб, гьеб цогидаб гамица цIалеб букIун буго.

Мигрантазул цIураб гама бегун буго 27 маялдаги. Хвасар гьавизе щун вуго 135 чи. Батун буго 45 жаназа. ГIемерисезул лъалкIал ратун гьечIо.

XS
SM
MD
LG