МагъчIваялъе рес

ТIолабго дунялалъул сахлъи цIуниялъул гIуцIиялъ рикIкIунеб буго Зикал вирусалъе Олимпиял хIаял нахъе рахъизе кколарин


ТIолабго дунялалъул сахлъи цIуниялъул гIуцIиялъ лъазабулеб буго, жинда магIна бихьуларин Рио-де-Жанейроялъул Олимпиял хIаязул заман нахъе цIаялъе яги гьел цогидаб бакIалде рахъиялъейин Бразиялиялда загьирлъулеб Зика абураб вирусалъе гIоло.

Гьал къоязда дунялалдасаго нусго гIанав гIалимчияс ТIолабго дунялъул сахлъи цIуниялъул гIуцIиялъухъе хитIаб битIун буго Олимпиял хIаял хадур гьаризе теялде яги цогидаб бакIалде рахъиялъул ахIун.

Зикал эпидемия багъарана гъоркьиса Бразилиялда. Жакъаялде гьеб ккараялъ тIибитIизабулеб вирус щун буго 60 гIанаб улкаялде.

XS
SM
MD
LG