МагъчIваялъе рес

Сириялда "Исламияб пачалихъ" гIуцIиялъул гIемер чи чIван вуго


Россиялда гьукъараб «Исламияб пачалихъ» абураб террористияб гIуцIиялъул гIахьалчагIи вукIиналъул щаклъи бугев 104 чи чIван вуго Сириялда Цолъарал Штатаз нухмалъи гьабулеб рагъулаб коалициялъул авиациялъ ва Туркиялъул артиллериялъ щвезарурал кьабиязул хIаслилалда.

Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго Туркиялъул информалатаз. Гьелдаго цадахъ биххизабун буго экстремистияб гIуцIиялъул къокъабазул штабал рукIараб анкьго мина.

«Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул къуватаз гьужум байбихьун буго Сириялъул шималияб рахъалда бугеб Мари шагьаралде. Лъазабиязда рекъон, жигьадистаз хIалтIизарулел руго бомбаби лъурал автомобилал ва танкаби.

Цебеккунисеб информациялда рекъон, кьвагьи-гIанхъи унеб бакIалда рагIула 165 азарго гIанав гIадатияв чи.

XS
SM
MD
LG