МагъчIваялъе рес

Грозныялъул диваналъ тамихI къотIана украиналъулазе


Украиналъулал Николай Карпюкие туснахъалъул 22,5 сон, Станислав Клыхие - 20 сон бихьизабун буго хамиз къоялда тIобитIараб Грозныялъул диваналъул данделъиялда.

Гьелда цебе гьа баразул диваналъ украиналъулал гIайибияллъун рукIкIун рукIана 1994-1995 чачаназул рагъда гIахьаллъиялъе ва Россиялъул рагъулал чIваялъе гIоло.

Карпюкицаги Клыхицаги нахъ чIвана жидедего гIунтIизарурал гIайибал ва лъазабуна аресталде гъоркье росун хадуб жидее гIазаб кьеялъул хIакъалъулъ.

XS
SM
MD
LG